Зулмуялъ гӏуцӏараб колхозалъ гӏадамал гӏорцӏизаричӏо

1917 соналъул анкьабилеб ноябралда Россиялда инкъилаб бергьана. Гьелъ хисизабуна дунялалъулго гьумер, нилъер пачалихъияб гӏуцӏи ва гӏадамазул гӏумру. Совет хӏукуматалъул заманалда букӏараб гӏумру жакъа цояз беццула, цогидаз какула. Хӏисаб гьабидал, советияб гӏуцӏиялъул рукӏана гӏемерал лъикӏал рахъалги гьелдаго цадахъ квешалги. Гьездаса ккола мугӏрузул районазул росабалъ зулмуялдалъун колхозал гӏуцӏизе тӏамиги. Гӏаммал магӏишатал гӏуцӏулаго, совет хӏукуматалъ рекьарухъабазул интересал хӏисабалде росулел рукӏинчӏо, гьединго цӏехолароан колхозал гӏуцӏизе гьечӏел бакӏалъулал шартӏал. Дагъистаналъул шартӏазда «жидеего бокьун» колхозазде лъугьиналъул, гӏемерисеб мехалда, букӏана гьадинаб къагӏида: районалдаса вачӏарав хӏакимас, столалда тӏад таманчаги лъун, контораялде ахӏарав векьарухъанасда гьикъулаан: «Дуе колхозалде лъугьине бокьун бугищ?» — абун. Гьечӏин жаваб кьуни, гьабизе бугеб тамихӏалдаса хӏинкъун, векьарухъанас колхозалъе кьолаан жиндирго буголъи. Гьедин, Буйнакск округалдаса Бекмурзаца, «жиндиего бокьун», колхозалъе кьуна гӏи-цӏцӏаназул 2500 бетӏер, 35 чӏегӏерхӏайван ва 14 чу.

Дагъистаналда гӏаммал магӏишатал гӏуцӏун лъугӏана Кӏудияб Ватӏанияб рагъда цересел соназда: гӏаммлъизабуна ракь, хӏалтӏул хӏайванал ва росдал магӏишаталъул алатал. Гьелъул хӏасилалда Дагъистаналда гӏуцӏарал колхозазул гӏаммаб къадар 1170-ялде бахана, цолъизавуна 175,5 азарго живго жиндаго чӏун магӏишат гьабулев вукӏарав чи.

Зулмуялдалъун гӏаммал магӏишатал гӏуцӏулаго, кулаказул класс тӏагӏинаби лъугьана рекьарухъабазе унго-унгояб балагьлъун. Щайгурелъул, «кулаказулинги» абун, тӏагӏинабуна 5591 цебетӏураб магӏишат, Дагъистаналдаса къватӏире ритӏана гӏемерал хъизамал. Гьелъул хӏасилалда цӏакъго нахъе ккана республикаялъул росдал магӏишат, хӏатталдаса ун мискинлъана рекьарухъаби ва гӏи-боцӏухъаби.

Гьаниб бокьун буго Шамил районалъул нижер Гьентӏа росулъ колхоз гӏуцӏиялъул хӏасилалда гӏадамаз чӏамизе ккараб гӏакъуба-гӏазабалъул дагьабго бицине.

1936 соналда росулъ гӏуцӏана «Гьалмагълъи» абураб гӏаммаб магӏишат. Гьелъул председательлъун тӏамуна Голомухӏамад. Гӏи-боцӏи гӏаммлъизаби тӏадкъана Нурмухӏамадов Алхасида. 1938 соналда «Гьалмагълъи» магӏишаталъул кьучӏалда Стахановасул цӏаралда гӏуцӏана колхоз. Гьелъул председательлъун тӏамуна Давудов Хирамухӏамад. Гӏаммлъизабуна росдал чагӏазул гӏи-боцӏи. 1939 соналда райкомпартиялъул вакил, Чӏохъа Мирза-Бутайица, лъикӏаб, квешаб бицун, хӏинкъизарун гӏадамалгун, гӏаммлъизабуна росдал кинабго ракь, колхозалъе кьезабуна хур-хералъе хӏалтӏизабизе къваригӏунеб магӏишаталъул къайи. Гьелъие инкар гьабурасухъа гьеб хӏалица бахъулаан. Ракь, кулал, гӏи-боцӏи, гӏанкӏу-хӏелеко, ай кинабго гӏаммлъизабуна. Лъицаго цӏехолеб букӏинчӏо хважаинасул разилъи, унго-унголъунги гьеб букӏана гӏадамазда тӏад гьабулеб зулму. Колхозалдаса инкар ккурав чи, совет хӏукуматалъул тушманиланги абун, хӏакъир гьавулаан, сундуего квалквал гьабулаан. Амма цо-цояз батӏи-батӏиял хӏиллаби ургъулаан гьелдаса рорчӏиялъе. Масала, Нацӏбаро абулев чияс жиндирго боцӏи балъго хъуна.

Колхозалъе хӏалтӏун, моцӏрол ахиралда кьолеб харж букӏунароан, захӏматкъо хъвалаан. Гьеб букӏана халалъи-гӏеблъи, бакӏлъи-роцен гьечӏеб колхозалъул бригадирасул тӏанчида хӏалтӏухъанасул цӏаралда цебе лъураб цо хӏучч. Масала, лъабго километралъул манзилалда колхозалъул хурибе ракул микьго гьир щвезабуралъухъ, чӏужугӏаданалъе цо хӏалтӏулкъо хъвалаан.

1944 соналда хӏукуматалъ Ракьуб росдал гӏадамал хӏалица гочинаруна Чачаналде, гьезул ракьул цо бутӏа кьуна Гьентӏа росдал колхозалъеги. Къого километралъул манзилалда Гьентӏаса Ракьубе мугъалъ баччун кӏиго къали (24 кг) хьодул яги, гъажалда лъун, пуруц-рукь щвезабуралъухъ кӏиго хӏалтӏулкъо хъвалан.

Гӏухьбилъун хӏалтӏулел рукӏараз бицана, масала, Мала Насрудиница абун бугила гӏухьбиги рикӏкӏани, хварал дунялалда гӏемер ратилин абураб жо нижер хӏакъалъулъ абураб батилин.

Магӏарда гӏияда ругел чагӏазул гӏумру зодикь уна. Гӏиял завфермаясги вачӏанщинахъе, килищ бахъун халгьабулаан нижер суркӏа-хьагалда жаниб кьаралъиялъул лъалкӏ бугищали ва щибаб нухалда хӏинкъиги кьолаан колхозалъул гӏи хвани, дица нужеда Сибирь чӏамизабизе бугин.

Лъагӏалил хӏалтӏул хӏасил гьабун, кьолаан колхозчагӏазе хӏалтӏулкъоязухъ мухь. Рагъул соназда цо хӏалтӏулкъоялъухъ колхозчиясе щолаан щуго кило ролъул, цо кило картошкадул, 250 грамм нахул ва 30 капек. Дояркабазулги гӏухьбузулги букӏунаан 200-300, гьоркьохъев колхозчиясул 100 хӏалтӏулкъо.

Кутак букӏунаан, «Коммунизм гӏуцӏулел кӏвахӏтун хӏалтӏизе ккола» абун, партиялъ ва комсомолалъ гьабулеб бичӏчӏикьеялъул хӏалтӏулги. Гӏадамал хӏалтӏулаан къасиги къадги. Бригадабазда, звеньябазда гьоркьоб социалистияб къецбан, колхозникал хӏалтӏизе тӏамулаан. Бергьаразе кьолаан Багӏараб байрахъ ва Хӏурматалъул грамота. «Маарухъ» колода гӏолохъанруччабаз колхозалъе хер бецулеб букӏана. Бригадир вукӏана рагъул гӏахьалчи. Дунял рогьиналде гьес руччаби къватӏире рахъинарулаан, кваназе бихьизабураб заман букӏана бащдаб сагӏат. Къадекваназе ва какал разе цо сагӏат кьолаан. Бакъ тӏерхьинегӏан хер бецулаан, бакъвараб хер чанго километралъ баччун, фермаялде щвезабулаан. Гьениб цӏалаан, гьелда рекъараб хӏалтӏулкъоги хъвалаан. Рукӏкӏиндал, щолаан рокъоре ва байбихьулаан рокъоса гӏебеде жидерго хӏалтӏи гьабизе. Гьелдаса хадубги хӏухьбахъи гьабизе кидаго гуро щолеб букӏараб. Руччаби хӏалтӏулаан къасиги къадги, амма лъицаниги цӏехолароан мун квананищин, лъималазе къварилъи бугищин. Нахги гьанги колхозчагӏазе къанагӏатги щолароан, бихьизабураб планалда рекъон, учузаб багьаялде нигӏматал пачалихъалъе кьезе тӏамулаан. Гӏурусазул аби буго, кодоб кагъат бугони, мун чи вугин, гьечӏони — чӏобояб бакӏ вугин. 1975 соналде щвезегӏан колхозниказе паспортал кьолел рукӏинчӏо. Гьединлъидал колхозчиясул рес букӏинчӏо я колхозалдаса нахъе ине, яги цоги бакӏалде хӏалтӏуде лъугьине, ай гьев вукӏана колхозалда вухьун. Паспорт щвезе ккани, къваригӏунаан колхозалъул председателасул гъолбасараб справка, гьеб кьолароан, ай бокьаниги-бокьичӏониги чӏамизе кколаан колхозалъул щибаб къойилаб зулму. Къаси-къад чӏечӏого, гӏетӏ тӏун хӏалтӏи гуреб, колхозчиясул киналгӏаги ихтиярал рукӏинчӏо. Пуланаб гӏиллаялда бан, колхозчи хӏалтӏуде вахъинчӏони, гьесул гьороса хер бахъулаан яги цо чанго хӏалтӏулкъо гъоркь кколаан. Гьеб тӏекълъиялда дагӏба бан, гӏарзалъ ине бакӏги букӏинчӏо.

Тӏад лъурал налогазги гъанкъулеб букӏана халкъ. Гьединлъидал лъабго гӏака бугев чи къанагӏатги вукӏинчӏо, цо гӏиялъажо бугесухъа кӏиго тӏом тӏалаб гьабулеб заман букӏана.

Хӏукуматалъ колхозчагӏи хӏакъир гьарулел рукӏараб къагӏидаялъул бицунеб цоги мисал бачина. Щуго-анлъго сон барав чи вукӏун ватила дун, цо гьадинаб иш ккараб мехалда. Сордо бащалъараб заман букӏана. Двангъи-гӏанхъиялъул сасалъухъе ворчӏана. Тӏаде вахъиндал, кварица бухьараб гӏака цебесан цӏалей эбелги йиго, хадуб тункун, кьабун, гьеб цебе къотӏулев инсул гьитӏинав вацги яцги руго. Гьениб, бохдузда гӏарщги бан, гӏака гӏодоб лъуна ва тӏаде турталги рехун, бахчана. Нужеца гьелъие гьабулеб щибилан цӏехедал, эбелалъ абуна: «Боцӏи хъвазе метер советалдаса чагӏи рачӏине руго, гьездаса бахчулеб буго», — ян.

Дагьабго эркенлъи щведал, колхозчагӏазда чӏалгӏана тӏасаго унареб мискинлъи, ракӏбуссана гӏаммаб магӏишаталдаса. Гьелъул хӏасилалда, тӏубанго чӏунтана кулал, харибакӏазде сверана хурзал, чӏороголъана мугӏрул, хӏалтӏудаса нахъе кӏанцӏун чӏана гӏадамал. Жакъа гӏи-боцӏи хьихьизе киб гурин, минаялда цебе бугеб ахикь хӏалтӏизецин бокьулеб гьечӏо. Гьересияб инвалидлъиги гьабун, шагьаралдаса рачӏарал нигӏматалги кун, сериалазухъги балагьун, пачалихъги какун, кепалда гӏумру тӏамулел руго гӏолилал. Гьебги буго хӏалица колхозал гӏуцӏизе тӏамиялъул ккараб квешаб хӏасил, росдал магӏишаталдаса ракӏбуссинабураб халкъ хӏалтӏудаса нахъе кӏанцӏиялдалъун кколеб балагь.

Нури Нуриев,

Макъала хъвалаго, пайда босана Мухӏамад Алхасовасул «Гьентӏа росдал тарих ва гьанжесеб заман» абураб тӏехьалдаса.