Гъизляр районалъул Краснооктябрьское росулъ тӏобитӏана Рахьдал мацӏалъул фестиваль
Гьеб тадбир нухда бачана Красный Восход росдал школалъул магӏарул мацӏалъулги адабияталъулги учительница Халисат Гӏалиевалъги Дагъистаналъул мустахӏикъав артист Къурбан Кӏулизановасги.
Рахьдал мацӏалъул байрамалда гӏахьаллъи гьабуна ДРялъул бухьеналъулгун информатизациялъул ва гӏаммал коммуникациязул министрасул заместитель Мухӏамадбег Ахӏмадовас, Гъизляр районалъул депутатазул собраниялъул нухмалъулев Ахӏмадпаша Амирилаевас, Краснооктябрьское росдал бегавул Шагӏбан Сагӏидовас, Гъизляр районалъул учительзабазул профсоюзалъул председатель Турсун Имартовас, тохтур Ахӏмад Саламовас, Гъизилюрталда бугеб ЦОДОУ ЗОЖалъул (ТУОялъул) рахьдал мацӏалъул методист Нуцалай Мирзабеговалъ ва цогидалги магӏарулаз. Гъизляралъул ракьалда гӏумру гьабулел магӏарулазухъе гьоболлъухъе рачӏун рукӏана шагӏирзаби Сайгидахӏмад Ахӏмаднабиевги Умарагьи Салихӏоваги. Щвана гьенире «Хӏакъикъаталъул» къокъаги, Магӏарул мацӏалъул учительзабазул ассоциациялъул нухмалъулей Баху Мухӏидиноваги, ГТРКялъул магӏарул редакциялъул мухбир Хатимат Мухӏамадоваги.
Фестивалалда жигараб гӏахьаллъи гьабуна Гъизляр районалъул киналго школазул магӏарул мацӏалъул учительзабазги цӏалдохъабазги. Гьел мухӏканго хӏадурлъун ругоан миллияб байрамалде. Ретӏараб парталги, цокӏалго бицунеб магӏарул мацӏги, сценаялдаса рихьизарулел миллиял хасияталги – киналъго нижее, Краснооктябрьское росдал гьоркьохъеб школалъул гьалбадерие, гьабуна кӏудияб асар. Школалъул музеялда къачӏан ругоан миллияб маданияталъул нахъраталил бокӏналги. Сценаялде иргадал рахъунел рукӏана батӏи-батӏиял школазул цӏалдохъаби. Цин кӏарчанго кечӏ ахӏун, цинги гӏажаибаб гугьаргун гьеб рикӏкӏун, цингиги кьурдун, лъималаз бихьизабуна магӏарул мацӏалъул берцинлъиги, гьелда загьир гьабулеб пикруялъул гъварилъиги, маданияталъулъ бессараб халкъалъул бечедаб тарихгун къуватги. Букӏинчӏо цониги хӏужа цӏалдохъабазда кочӏол мухъ къосун ккеялъул ялъуни гьаракь мекъи бахъиялъул. Хасаб рокьи гьел лъималаздехун гьулчун бачӏана гӏисинал, амма магӏна кӏудиял сценкаби хӏалеб мехалда! Унго-унгоял, ай театралияб искусствоялъе куцарал артистал кинигин, рагӏудалъунги гьурмал сипаталдалъунги, гьаркьил хаслъабаздалъунги гьез бихьизабулеб букӏана сценкаялда бицунелъул магӏна. Лъималаз рихьизаруна гьанжезаманалъул тӏекъал рахъал какулел, миллияб хаслъи цӏунизе ккеялъул хӏакъалъулъ гъваридал пикраби гъорлъе рачарал гӏисиналго спектаклял.
Гъизляралъул ракьалда тӏобитӏараб Рахьдал мацӏалъул фестивалалъул хӏакъалъулъ гӏатӏидго бицина «Хӏакъикъаталъул» иргадулаб номералда.
Кавсарат Сулейманова