Хурдузул тохтур
Дараби гьекъезе ккола лъиданиги лъаларедухъ, гурони гьез кумек гьабуларо
Физкультурияб институт лъугӏун хадув, гӏолохъанав махщелчи хӏисабалда, Тӏагьир хӏалтӏизе витӏана ГЭСал ралеб гӏуцӏиялъул школалде. Гьений завучлъун хӏалтӏулей йикӏана Валентина Михайловнаги, Дагъистаналде хӏалтӏизе ячӏарай гӏурус мацӏалъул учительница.
— Дица физкультураялъул дарсал кьеялдаго цадахъ бачунаан тӏадагьаб атлетикаялъул рахъалъ секцияги. Иргадулал къецазда нижер командаялъе щвана кӏиабилеб бакӏ. Багӏарараб къоги букӏун, нижеца хӏисаб гьабуна, тӏаде рачӏарал гьалбалги рачун ГЭСалъул хӏорихъе чвердезе ине. Диегоги цӏакъ бокьулаан лъедезе. Гьеб нухалда дун сири бан лъугьана ва лъабабилеб къоялъ радал дида тӏаде вахъинего кӏвечӏо…
… Кӏикъойиде бахун бугин цӏа-каниланги абун, тохтурас дун больницаялде вачана. Цо-кӏиго моцӏидасан байбихьана гӏисинккун хъегӏизе. Тохтурзабаз хъварал дараби гьекъезе байбихьидал, аллергияги багъарана. Щибаб соналъ вегизе кколаан больницаялдаги. Гьединав учитель лъиеха вокьилев? Хӏатта цӏалдохъабаз дида лъун букӏана «Хъегӏело» абураб тӏокӏцӏарцин. Тренерасул хӏалтӏиги тезе ккана. Заманалдасан дача босана дица. Хьолбохъ бугеб дача букӏана «Эльтав» заводалъул хӏалтӏухъан Сиражудинил. Гьесул хъизан Написат дачаялде къанагӏат гурони ячӏунароан. Гьаб нухалда дачаялде щварав дида йихьана гьение ячӏарай Написат.
— Йорчӏами, Написат! Сахлъи кин бугеб? Мун лъикӏ гьечӏилан абулаан Сиражудиница.
— Лъикӏав мадугьал мун вукӏаравани, Тӏагьир, диде ваккизе вачӏинаан, Сиражудиница бицарабщиналдаги божун вукӏинчӏого, — ян махсара гьабуна гьелъ. — Жаниве вачӏа, Сиражудинги вугин гьанив гӏебедечӏван.
Дун Сиражудиница жиндаго аскӏов гӏодов чӏезавуна. Гьалъул-долъул бицана. Дица Написатида нахъеги цӏехана сахлъиялъул хӏакъалъулъ.
— Цӏакъ лъикӏ йиго, Тӏагьир. Баркала Валентинае, гьелъ хвасар гьаюна дун, — ан абуна гьелъги.
— Щий Валентина? Нижер школалда йигей Валентина гурони дида тӏокӏай Валентина лъаларо. Цӏияй тохтурищ ячӏун йигей?
— Валлагь гуроха, Тӏагьир. Гьей йиго нужер школалъул завуч. Дир ракӏ унтараб букӏин чанго соналъ цебе чӏезабуна тохтурзабаз, — ан байбихьана Написатица. – Ахираб заманалда иш лъикӏ букӏинчӏо. Гьитӏинго росулъ гӏурай дида хур-хералда квалквадичӏого чӏезе кӏоларо. Гьелъ букӏана Сиражудиница босун гьаб бакӏги. Гӏодое къулизе, тӏаде йорхизе ккедал, бетӏер сверулаан. Дида руччабаз бицунеб рагӏана Валентинада хурдузул мацӏ лъалин абун. Дунги ана гьелъухъе ва гьалеха сах гьюна.
Дица гьелда цӏехана щиб даругӏаги гьелъ дуе гьабурабилан. Написатица гьадин бицана: «Рахьдал литралде гъорлъе рехула ункъо-щуго гожо ражидал. Лъеберго минуталъ белъинабула ражи рахьдалъ. Цинги, хинлъизегӏанги тун, катницаги цӏун, къойида жаниб кӏудияб гъуд цӏун, лъабго нухалъ гьекъола. Гьале ахираб лъабго моцӏалъ дица гьекъолеб букӏараб дару. Аллагьасе рецц, рекӏел унти тӏагӏана. Къула-йорхулелъул бетӏерги сверуларо, — ян.
Циндаго гӏисинккун хъегӏизе дун лъугьиндал, Написатица абуна Валентинал дача гьаниса гӏемер рикӏкӏад гьечӏин, гьелъухъе цадахъ рилълъинин. Гьелъухъе щведал, гӏодор чӏайилан нижедаги абун, гьей чай хӏадуризе жуяна. Гьекъолаго чайгун, дица гьелда бицана дирго гӏузруялъул.
— Хъегӏиялда цадахъ тулеб жо букӏунищ? — ан цӏехана гьелъ. Букӏунарин дица абидал, гьелъ бицана жиндир кӏодоги кӏудиги рукӏанин хурдузул тохтурзаби ва гьездаса ругьунлъун ругин эбел-эменги.
— Хъалиян тезе ккола, кӏолищ? Кӏолареб батани абе, гӏадада дун квалквадизе тӏамичӏого. Дица абураб къагӏидаялъ, жиндир заманалда, кьурал хурдузул дарабиги гьекъезе ккола. Лъиданиги цӏарги бахъуге, гурони даруялъ кумек гьабуларо.
Лъикӏ бугиланги абун, байбихьана хурдузул дараби гьекъезе. Ункъабилеб къоялъ хъегӏиялда цадахъ твизе байбихьана ахтуги. Дица щибаб къойил бицунаан Валентинае ккарал хӏасилазул хӏакъалъулъги.
— Гьуърузул мащабазда жаниб хьверд, цемент гӏадин бохьун букӏуна, — ян бицана гьелъ. — Хъалияналъул кӏкӏуйца гьеб щула гьабун гурони къватӏибе биччаларо. Къоркъотӏанхида цадахъ гьекъарал хурдуз, хьверд тамахлъизабула ва дагь-дагьккун къватӏибе кьабгӏула.
Гьедин ккезеги ккана. Цо моцӏидасан дир хъегӏиги къотӏана, гьуърулги рацӏцӏалъана.
— Валентина кийха йигей, гьелъул хадусеб къисмат кинаб ккараб? – абун суал кьуна дица.
— Пенсиялде индал, гьей ана жиндирго ватӏаналде — лъималазул рокъоса рачарал кӏияйго ясгун — Волгоград областалъул Михайловка шагьаралде. Хадусеб къисмат лъаларо.
Мухӏамад Къурбангӏалиев