Гӏолохъанлъи абула…
Исана 13-абилеб нухалда тӏобитӏулеб буго студентазулгун дандчӏвай
Хунзахъ районалъул нухмалъулел иргадулаб нухалдаги дандчӏвана тахшагьаралъул вузазда цӏалулел ругел студенталгун ва гӏолилалгун. Гьудуллъиялъул рокъоре гӏолилазда жакъасеб гӏумруялъулги, цебе букӏаралъулги, гьезда церечӏарал кӏвар бугел ишазулги хӏакъалъулъ бицине рачӏаразда гьоркьор рукӏана Дагъистаналъул тӏоцевесев президент Мухӏу Гӏалиев, Россиялъул космонавтикаялъул академиялъул академик Шамил Гӏалиев, медицинаялъул гӏелмабазул доктор, профессор Сайгид Гӏалиев, ДГПУялъул профессор Султано Гӏумарова, батӏи-батӏиял соназ районалъе нухмалъи гьабурал Хӏажияв Дарбишев ва Мухӏамад Гӏисаев, гьабсагӏаталда районалъул бетӏерлъун вугев Нурмухӏамад Зайдиев ва цогидалги.
Гьудуллъиялъул рокъоб гӏуцӏун букӏана районалъул тарихалъул бицунел суратазул выставка. Гьенибго рагьун букӏана магӏарул майданги – квен-тӏехги, мугӏрузда свериги бахъун рачӏарал зурма-къалиги, гьезул бакъназухъе кьурдулел магӏарулалги, дагьабги добегӏан – наслабазул тӏей гьечӏеб бухьеналъул бицунеб сипат. Умумузул гӏумруялъул дарсазухъ гӏинтӏамурал гӏолилал рихьидал, цебечӏолеб букӏана магӏарул росдал годекӏан.
Форум байбихьана Хунзахъ районалъул тарихалъул хӏакъалъулъ бицунеб видеофильмалдаса: республикаялда ва гьеб бахун къватӏирехунги машгьурал гӏалимзабиги, шагӏирзабиги, спортсменалги, Сарир пачалихъги, ханзабиги…
Гьелъухъ ралагьарал гӏолилазда бичӏчӏулеб букӏана жидеда церечӏарал масъалаби цӏакъго захӏматал рукӏин. Кидаго, сундулъго ва киса-кибего цебесеб кьерда букӏараб ва бугеб районалъул къадруги цӏарги дагьабги тӏадегӏанаблъун гьабизе тӏадаб бугелъулха жакъасел гӏолилазда.
Кӏалъазе рахъараз гӏолилазе гьаруна малъа-хъваял ва бицана, районалъул байрахъ борхалъиялдаго хутӏизе ккани, цӏалдезе, цӏалдезе ва нахъеги цӏалдезе кколеблъи…
Дандеруссиналда кӏодо гьаруна цӏалул отличникал ва спортсменал. Гьезие кьуна сайгъатал ва дипломал.
Гӏолилазда районалъул нухмалъиялъулгун букӏараб 13-абилеб дандчӏвай баркизе рачӏун рукӏана Дагъистаналъул эстрадаялъул машгьурал кочӏохъабиги. Гьединго байрамалъе цо хасаб берцинлъи кьун букӏана районалъул культураялъул рукъалъул ва лъималазул искусствоялъул школазул гьунарчагӏаз.
Магӏарухъа бачӏараб боркьараб саламлъун букӏана росдал годекӏанги, годекӏанир рижун рачӏунел гӏакъилал харбалги, харбазухъ гӏенеккарал гӏолилалги рихьизарураб инсценировкаги.
Лъугӏана кӏудияб хьулгун ва божилъигун батӏияб, захӏматаб ва хӏалуцараб, дунялалде гӏолилал регӏулеб чӏахӏияб гӏелалъул иргадулаб данделъи.
Биччанте гӏолилазеги гьеб дандеруссин чӏахӏияз кьураб гӏумруялъул иргадулаб дарслъун букӏине ва хутӏизе.
Шамай Хъазанбиева