Тӏадеялъул 120 сон тӏубала Дагъистаналда тӏоцебесеб библиотека рагьаралдаса

1900 соналъул 9 маялда Порт-Петровск шагьаралда рагьана халкъияб гӏаммаб библиотека. Гьелъул хӏаракатчагӏилъун рукӏана шагьаралъул тӏахьал рокьулел, меценатал, пачаясул Россиялъул армиялъул офицерал. Гьез кьуна библиотекаялъе тӏахьалги. Байбихьуда гьениб букӏана азаргогӏан тӏехь. Гьелъул тӏоцевесев директорлъун вукӏана учитель, лъай тӏибитӏизабулев чи Георгий Мустанов. Библиотека рагьун букӏана Инженерияб къотӏноб бугеб минаялъуб (гьанжесеб Р. Хӏамзатовасул цӏаралда бугеб проспект). Дагъистаналда советияб власть бергьун хадуб, 1921 соналда, библиотекаялъе кьуна А. Пушкинил цӏар ва гьеб букӏана шагьаралъул библиотекалъун. 1940 соналда библиотека гьабуна республикаялъулаблъун. Библиотекаялъул фондал тӏаде цӏикӏкӏиндал, бакӏ гӏоларого букӏиналъ, хӏажаталлъун ккана гьелъие цӏияб, кӏудияб мина базе. 1997 соналда Ленинил цӏаралда бугеб къотӏноб цӏияб минаги бан, гьенибе бахъана библиотека ва гьеб гьабуна республикаялъул миллияб библиотекалъун. 2004 соналда гьелъие кьуна Р. Хӏамзатовасул цӏар.

А. Пушкинил цӏаралда бугеб библиотека сверизабуна лъималазулгун гӏолилазул библиотекаялде, гьанже гьеб буго М. Хӏажиевасул цӏаралда бугеб къотӏноб.

Библиотекаялъул хӏалтӏул бицун нижеца гара-чӏвари гьабуна гьелъул директор Гӏали Гӏалиевасулгун.

— Тӏадеялъул 120 сон тӏубала Махӏачхъалаялда тӏоцебесеб библиотека рагьаралдаса. Гьелщинал соназ чанго аза-азар цӏалдолес пайда босун батила библиотокеялъул тӏахьаздаса. Кигӏанасеб къадар тӏахьазул библиотекаялъул фондазда бугеб? Чан чи хӏалтӏулев вугев библиотекаялда?

— Дагъистаналъул миллияб библиотека рикӏкӏуна Северияб Кавказалдаго тӏахьазул фондазул рахъалъ бищун кӏудияблъун ва бечедаблъун. Цогидаб литература, журналал, газетал рикӏкӏинчӏого, тӏахьазул фондалда буго миллионалде гӏагарун экземпляр. Библиотекаялда буго 24 отдел, хӏалтӏулев вуго 182 чи.

— Нужехъе рачӏунел ратилаха пачалихъиял басмаханабазда къватӏире риччарал тӏахьал ва бюджеталда ругел газеталгун журналал. Махӏачхъалаялда ва республикаялъул цогидал шагьаразда рагьун руго жалго бетӏергьанал басмаханаби, гьенирги риччала тӏахьал, журналал, газетал. Гьезда тӏадаб бугищ библиотекаялде басмаби ритӏизе? Кин ва лъица гьезда хадуб халкколеб?

— Республикаялъул хӏукуматалъ гьабураб хӏукмуялдалъун, пачалихъиял рукӏа, чияда рачӏел рукӏа, Дагъистаналъул ракьалда рахъарал газетазул кӏи-кӏи экземпляр, тӏахьазул лъаб-лъаб экземпляр миллияб библиотекаялде битӏизе ккола. Гьелда хадуб хъаравуллъи гьабула библиотекаялъул пачалихъияб библиографиялъул отделалъ. Гьез мониторинг гьабула киналго издательствабазул. Дагъистаналда хурхараб тӏехь кибниги, Россиялда ва улка бахун къватӏиб басмаялда бахъун бугин рагӏидал, гьеб тӏехь нижеца библиотекаялде бачӏинабула.

— Гьанже Интернеталдасан, телевизоралдасан, хӏатта телефоналдасан цӏиял харбал, бокьараб цогидаб информация щолеб заманалда библиотекаялде рачӏун газеталгун тӏахьал цӏалулезул къадар дагьлъун батила?

— Дица абиларо библиотекаялде рачӏунел гӏадамал дагьлъун ругилан. Чӏагояб тӏехь цӏалиялдаги Интернеталдасан цӏалиялдаги гьоркьоб цӏакъ кӏудияб батӏалъи бугелъулха. Нижеца хӏисаб гьабураб мехалъ, аслияб къагӏидаялда, библиотекаялде рачӏунел руго тӏадегӏанал ва гьоркьохъел цӏалул заведениязул студентал, гӏелмиял хӏалтӏухъаби, аспирантал ва 50-60 соназул ригьалда ругелги, гьездаса кӏудияб гӏелалъул гӏадатиял цӏалдолелги. Планалда рекъон, лъагӏалида жаниб нижеца хъулухъ гьабизе ккола къоло ункъазарго цӏалдолесе. Гьедигӏанал ва гьездаса цӏикӏкӏунги цӏалдолел библиотекаялде рачӏуна. Гьелде тӏадеги, библиотекаялде рачӏуна цӏибахъараб тӏехьалъул презентация гьабизе, машгьурал дагъистаниязул юбилеял, тӏоритӏула тарихиял ва гьанжесеб заманалъул кӏвар бугел лъугьа-бахъиназда бан дандеруссинал, выставкаби ва цогидалги тадбирал. Палхӏасил, миллияб библиотека лъугьун буго республикаялъул тахшагьаралъул маданияталъул ва адабияталъул тадбирал тӏоритӏулеб гъанситолъунги.

— Цӏакъго цересел, къанагӏатал тӏахьал гӏемер ругищ библиотекаялда. Армениялъул, Грузиялъул пачалихъиял библиотекабазда руго 600-700 соналъ ва жеги цере риччарал тӏахьал, манускриптал. Мисалалъе, эрмениязул Матенадаран библиотекаялда V гӏасруялъ хъварал хъвай-хъвагӏаялцин цӏунун руго.

— Нилъер гьанибги букӏун буго хъвай-хъвагӏай Албания абураб Дагъистанги Северияб Азербайжанги гьоркьобе бачараб некӏсияб пачалихъ бугеб мехалда. Амма гӏасрабазул свералабазда, даим рагъ-кьалалда гьоркьобе кколеб букӏараб Дагъистаналда доб хъвай-хъвагӏай цӏунун хутӏичӏо, жибго Албания пачалихъги биххана, хъвай-хъвагӏайги тӏагӏана. Кӏиабизе, нилъер халкъалъ гӏумру гьабулеб букӏараб бакӏалда Дагъистанин абун географиялъул рахъалъ цо бакӏ букӏун гурого, политикияб рахъалъ цокӏалаб, цогояб нухмалъи бугеб бакӏ букӏинчӏо. Гьелъ цӏунун хутӏичӏо некӏсиял, албаназул заманалъул хъвай-хъвагӏаял. Батӏияб жо буго Кавказалде, Дагъистаналде ислам-дин бачӏараб мех. Гӏарабалъ, гӏажамалъ хъвай-цӏали тӏибитӏизе лъугьараб мехалъ щибаб росулъ гӏелму-лъаялда хадуб чӏарал чагӏазул рокъор рукӏана библиотекаби. Гӏагараб Бакъбаккул улкабазде ун гьенисан росун, катибаца квералъ хъван данде гьарурал батӏи-батӏиял гӏелмабазул, тарихалъул, адабияталъул ва маданияталъул тӏахьал тӏагӏинаруна лъеберабилел соназда тӏаде бачӏараб цӏияб власталъул гӏуцӏиялъ. Цо-цо цӏодорал, гӏужда рекӏеда ратарал чагӏаз цересел, гӏарабалъ ва гӏажамалъ хъварал тӏахьал рахчун цӏунана. Хадубккун библиотекабаздеги гьел кьечӏо. Гӏицӏго Кӏудияб Ватӏанияб рагъда цересел ва хадусел соназда СССРалъул гӏелмабазул академиялъул Дагъистаналъул филиалалъул гӏалимзабаз байбихьана росабалъе хьвадун цересел тӏахьал, хъвай-хъвагӏаял ракӏаризе. Гьел цӏунун руго Дагъистаналъул гӏелмияб централда.

Нижер библиотекаялда бищун цереселлъун руго ХӀX гӏасруялъул тӏоцебесеб бащалъиялда гӏурус мацӏалда рахъарал тӏахьал. Гьединал тӏахьазул нижер фондазда буго анкьазарго тӏехь. Гьездаса микьго тӏехь босун буго Россиялъул цӏакъго къиматал тӏахьазул реестралде.

Миллияб библиотекаялда руго 1922 соналдаса нахъе Дагъистаналда къватӏире риччарал тӏахьал, газетал ва журналал.

— Газета, тӏехь, кагъат заманалдаса басралъула, загӏиплъула, хола гьелъул даража. Гьанже рес буго гьел оцифровать гьаризе, ай электронияб варианталда лъезе. Гьеб рахъалъ нужеца щиб гьабулеб бугеб?

— Нижеца библиотекаялъе тӏалаб гьабуна оцифровать гьабулеб кӏиго аппарат ва байбихьана гьеб хӏалтӏи гьабизе. Гьеб буго цӏакъ захӏматаб, заман тӏад унеб хӏалтӏи. Жакъа къоялде оцифровать гьабун лъугӏана ункъо фонд.

Нижер буго хасаб сайтги, гӏурус мацӏалда гуребги, гьелда материалал лъун руго Дагъистаналъул аслиял миллиял мацӏаздаги.

— Дагъистаналъул шагьараздагун районазда ругел муниципалиял библиотекабазулгун гьоркьоблъи кинаб бугеб? Россиялъул регионазул библиотекабазулгун бухьен бугебищ?

— Республикаялъул муниципалиял библиотекабазулгун цадахъ нижеца гӏуцӏун буго библиотекабазул совет. Тартибалда тӏоритӏула методикиял, малъа-хъваялъулал семинарал, цоцазе гӏахьал гьарула хӏалбихьиял, дандрала ругел масъалаби.

Нижер бухьенал руго Северияб Кавказалъул регионазул, РФялъул миллияб, Санкт-Петербургалъул, къватӏисел пачалихъазул литератураялъул библиотекабазулгун.

— Мисалалъе, Москваялда къватӏибе биччараб тӏехь нужер цӏалдолес тӏалаб гьабуни, фондалда гьебги гьечӏони…?

— Москваялдаса гуребги, Россиялъул бокьараб регионалдаса нижеца бачӏинабула тӏалаб гьабулеб тӏехьалъул электронияб вариант ва цӏалдолесе рес буго нижер компьютералдасан тӏехь цӏализе. Цӏалдолезул гьединал мурадал тӏураялъе библиотекаялда буго лъебералда микьго компьютер. Флешкаялда бахъун ва цогидаб къагӏидаялъ копия бахъизе нижеца изну кьоларо. Библиотекаялда гьелъие гӏуцӏун буго хасаб отделги.

Дагьал рукӏунаро, хасго гӏалимзабазда гьоркьор, Англиялда, Америкаялда, Турциялда ва цогидалги улкабазда къватӏире рачӏарал тӏахьал цӏехон рачӏунел гӏелмиял хӏалтӏухъаби.

Москваялъул, Санкт-Петербургалъул нижергун бухьен бугел библиотекабаздаса гьел пачалихъазул библиотекабазде заказги гьабун хӏажатаб тӏехь нижехъе бачӏинабула.

Гара-чӏвари гьабуна

Пайзула Пайзулаевас.