Тӏарамагъадисеб ракьги ярагъги

25 апрелалда Гъизляр районалъул Краснооктябрьское росулъ тӏобитӏана Магӏарул мацӏалъул фестиваль

Гьелда гӏахьаллъизе рачӏун рукӏана Гъизляр районалъул нухмалъулел идарабазда хӏалтӏулел магӏарулалги, росабазул школазул цӏалдохъабигун учительзабиги, республикаялъул СМИязул журналисталги, ДНЦялъул ИЯЛИялъул гӏалимзабиги. Тадбир нухда бачана Красный Восход росдал школалъул рахьдал мацӏалъул учительница Халисат Гӏалиевалъги ДРялъул мустахӏикъав артист Къурбан Кӏулизановасги.

Краснооктябрьское росулъ букӏараб тадбиралъул гӏахьалчагӏаз абулеб букӏана гьадин: магӏарул мацӏ буго халкъалъул хазина, миллат гъункизабулеб сину, тарихгун маданияталъул гъансито, гьединлъидал гьеб нилъее, магӏарулазе, буго къиматаб жавгьарлъун, ва ниж киналго хӏадурал руго гьеб цӏунизеги цебетӏезабизе.

Рахьдал мацӏалъулги адабияталъулги тадбирал гӏемер гӏуцӏана. Гӏуцӏана гьел батӏи-батӏиял районазда, ай гӏицӏго магӏарулаз гӏумру гьабулел бакӏазда. Гьезул аслиял гӏахьалчагӏиги кколаан цӏалдохъабиги учительзабиги. Районалъул нухмалъиялъул вакилас яги росдал бегавулас къанагӏат гурони гьабулароан гьелда гӏахьаллъи. Ракӏ гӏодулеб хӏал батулаан бакӏалъул нухмалъиялъ кӏваркьечӏого тарал школазда рахьдал мацӏ малъиялъул.

Краснооктябрьское росулъ анлъго соналъ цебе рагьана цӏияб школа. Гьелъие кьун буго Расул Хӏамзатовасул цӏар. Гьеб цӏаралъе мустахӏикъаб коллектив хӏалтӏулебги буго школалда. Гьезул хӏакъалъулъ гьадин бицана школалъул директор Хӏажимурад Исмагӏиловас: «Школа бана 2013 соналда. Нижеца гьарана гьелъие Расул Хӏамзатовасул цӏар кьезе ихтияр. Гьелъул мурадалда ун рукӏана Расулил ирсилазухъе ва гьез нижеда абуна, цӏаралъе мустахӏикъал цӏалдохъабиги рукӏине ккела гьанирин абун. Нижер буго цӏакъаб коллектив, гъункараб, гьабулеб ишалъе ритӏухъаб. Ниж рохарал ва чӏухӏарал руго кӏудияв шагӏирасул цӏаралда бугеб школалда хӏалтӏизе щвеялдаса.

Фестиваль тӏобитӏизе пикру ккана Гӏандадерил хӏорихъ гӏуцӏун букӏараб Магӏарул мацӏалъул фестивалалда рукӏаго. Гьеб гӏумруялде бахъинабун бажарана гьанже. Баркала нижехъе рачӏарал гьалбадерие», — ян.

Умумузул гӏадат, гӏелалъ гӏелалъухъе кьун, цӏунула магӏарулаз

Малая Орешевка росдал гьоркьохъеб школалъул директор, Дагъистаналъул мустахӏикъав учитель, РФялъул лъайкьеялъул отличник Канзула Нухӏбегов: «Жакъасеб мажлисалъул аслияб мурад буго гӏатӏиракьалда гӏумру гьабун ругел магӏарулазул лъималазда гуребги, гьезул улбуздаги ва тӏолабго Дагъистаналдаги бичӏчӏизаби ва бихьизаби рахьдал мацӏалъулги адабияталъулги учительзабазулги, школазул директорзабазулги, районалъул нухмалъулезулги миллаталъул адабияталдеги маданияталдеги бугеб бербалагьи.

Нижер ахӏиги къабул гьабун, гьоболлъухъе рачӏун руго магӏарул мацӏги цӏарги цӏуниялъул мурадалда гьарулел ишазул бахӏарзал. Гьел ккола шагӏирзабиги, хъвадарухъабиги, гӏалимзабиги, журналисталги. Мацӏ цӏуниялъулги гӏун бачӏунеб гӏелалда гьелъул берцинлъиги, тӏокӏлъиги, хаслъиги бичӏчӏизабиялъул мурадалда гӏемераб хӏалтӏи гьабизе ккола жакъа поэтазги, мугӏалимзабазги, миллиял газетазулгун журналазул редакторазги, телевидениялъги.

Гьеб унтуе дару-сабаб балагьулаго гӏуцӏулел гьал дандеруссиналги мажлисалги кколаро бигьаяб хӏалтӏи. Гьеб хӏалтӏи цӏакъ камилго нухда бачунеб буго Магӏарул мацӏалъул учительзабазул ассоциациялъул нухмалъулей Баху Мухӏидиновалъ.

Ахирал соназда гьадинаб хашаб, тӏаса-масагояб бербалагьи букӏиналъ тӏамулел руго нилъ гьадинал тадбиралги мажлисалги тӏоритӏизе. Абизе бегьула, гьабсагӏат бачӏун бугин халкъалъ жиндирго маданияталъулги мацӏалъулги хӏурмат тараб заманилан. Гӏурусазул поэт Ярослав Смеляковас абун буго, мацӏ бугин аскаралъ тушманасухъе тӏарамагъада кьолеб ракьги, ярагъги, гьеб кьун хадуб, нахъе къазе тӏокӏаб бакӏ букӏунарилан абун.

Рахьдал мацӏ ккола щивав инсанасул гӏумруги, гӏамалги, гӏадатги, рукӏа-рахъинги борцунеб роцен. Рахьдал мацӏалда гурищ нилъер щивас бабаянги дадаянги абураб, гьеб мацӏалда гурищ улбуз нилъер мугӏрузулги гӏагараб ракьалъул къисматгун тарихги нилъеда малъараб.

Цо-цо цӏалдохъабазул эбел-эмен рачӏуна, жидер лъималазе магӏарул мацӏ хӏажат гьечӏин, гьел дарсаздаса эркен гьареян, ЕГЭ ва ОГЭ кьезеги гьеб къваригӏунарин абун. Гьединаб гурого бичӏчӏи гьечӏел эбел-инсуца жидерго лъимал махӏрум гьарулел руго миллияб рухӏияб хазина-бечелъиялдасаги тарихалдасаги. Гьезие асарго гьабуларо магӏарул адабияталъул кочӏол мухъазги кицабазгун абиязги; гьел кинго кантӏуларо. Кинго бичӏчӏуларо, магӏарул рос-лъадуца жидерго гъасда цоцадаги лъималаздаги, нилъерабгоги тун, чидар, гӏурус мацӏалда кӏалъай. Гьеб гурищ балугълъиялде вахарав чиясул жагьиллъиги рухӏияб хъарцинлъиги?! Мацӏ кӏочани, миллат тӏагӏуна. Мацӏгун цадахъ тӏагӏуна кинабго – рухӏияб бечелъи, тарих, адабият, маданият. Мацӏ буго Аллагьас нилъее кьураб кӏудияб бечелъи, кӏудияб рахӏмат. Мацӏ кӏочарав чи релълъуна бесдаласда. Нилъер умумуз абулаан борхьилги мацӏ лъазе кколин абун.

Жакъа магӏарул мацӏалъул учительзабазул гӏемерисез митингаздаги, социалиял гьиназдасанги, вацапалдасанги, Интернеталъул сайтаздасанги ахӏи балеб буго, умумузул мацӏ тӏагӏине биччагеян, гьеб цӏунеян абун. Нилъ миллатчагӏи гуро, амма тарихалъул гъварилъуде раккани, нилъер умумул рукӏана гӏакълуги камилал, яхӏ-намусалъул рахъалъ цогидал миллатазе мисаллъун рукӏарал чагӏи. Нилъер миллаталъ гурищ берцинги гвангъизеги гьабун букӏараб Дагъистаналъул тарих?! Дуниялго хӏайран гьабурал диниял гӏалимзабиги, гӏакъилзабиги, шайихзабиги, космонавталги, шагӏирзабиги, речӏчӏухъабиги нилъер миллаталъул гурищ рукӏарал ва гьабсагӏатги ругел?!

Гьанже мацӏги, цӏарги, гӏадатги кӏочон, нилъер наслуялъищ гьеб чорокаб тӏанкӏ лъелеб? Гьединищ малъараб, хвалда цебе амруги васиятги гьабун букӏараб нилъер кӏудияб гӏелалъ? Гьаб нилъее киназего гӏаммаб, киназдаго бичӏчӏулеб мацӏалъги, гьудуллъиялъги, гьоболлъиялъги, вацлъиялъги гурищ нилъер миллат цолъизабун букӏараб?

Дица щивав учителасул борчлъун рикӏкӏуна, миллаталъеги мацӏалъеги гӏоло гьабулеб хӏаракаталъул нилъер бугебщинаб хӏалбихьи цоцазухъеги кьун, ракӏунтун хӏалтӏи», — ян.

Гъизляр районалъул депутатазул собраниялъул председатель Ахӏмадпаша Амирилаев: «Тӏадегӏанав Аллагьас нилъее къиматаб сайгъатлъун гьабураб рахьдал мацӏ нилъер гӏун бачӏунеб гӏелалъ кӏоченабулеб буго. Гьеб ккола нилъ киналго цадахъ рахъине ккеялъе аслияб гӏилла. Нилъер щивасул руго абадияб дунялалде арал умумулги гӏагарал чагӏиги. Заман щвараб мехалда, гьезул зонохъеги ун, дугӏа-гьари гьабула нилъеца. Гьебги гьабула щивас жиндирго рахьдал мацӏалда. Дие бокьун гьечӏо, чамалиго соналдасан дунги хун, дир зонохъе рачӏарал дир лъималазги гьезул лъималазги «Прости, дедушкаян» абизе. Гьеб букӏине буго жакъа нилъеца кӏваркьунгутӏиялъул хӏасил. Гӏурус мацӏалда кӏалъазе бигьалъула, гьеб буго пачалихъияб мацӏ. Гьеб лъачӏогоги хутӏиларо. Амма нилъерго гъасда рахьдал мацӏ нилъеца бицинчӏого тани, гьеб лъазе гьечӏо нилъер наслуялдаги. Лъималазул лъималазда гьеб тӏубанго кӏочон тезе буго. Нилъер мацӏ буго бихьинчилъиги, къадруги, къиматги гъорлъ бессараб жавгьар. Гьеб тӏагӏине тани, тӏагӏине буго нилъер умумуз, биги гӏодоб тӏун, ватӏан цӏуниялъул тарих – мацӏ кколелъулха халкъалъул рукӏа-рахъинги маданиятгун тарихги жанибе бачараб ва гьеб цӏунулеб алат. Мацӏалъул байрахъ чӏухӏун борхизабизеги борхалъуда парпадизабизеги тӏадаб буго нилъеда! Аллагьас гьеб ишалда тавпикъ кьеги нилъее киназего».

РФялъул Журналистазул союзалъул секретарь, ДРялъул Журналистазул союзалъул председатель, «Хӏакъикъаталъул» бетӏерав редактор Гӏали Камалов: «Гӏемерал данделъабазда гӏахьаллъана дун. Дагьалъ цеве вукӏана Россиялъул Кавказалъул халкъазул конгрессалда. Кӏинусгоялдаса цӏикӏкӏун чиясда гьоркьоса 30 процент рукӏана дагъистаниял. Гьенибги бицунеб букӏана нилъерго мацӏги, маданиятги, тарихги цӏунизе ккеялъул хӏакъалъулъ. Гьеб гӏемер бицунеб буго. Гьадинал мажлисалде унеб мехалда ургъел букӏуна, киндай гьаб тӏобитӏилебан абун. Жакъа лъималаз бихьизабураб гьунаралдаса разиго хутӏана дун, гьелъ дир ракӏчӏезабуна миллаталъул мацӏ цӏунун хутӏиялде.

Жакъа гьанир церерахъарал лъималаз, кечӏ рикӏкӏунаго ва ахӏулаго, кьурдулаго, сценкаялда роль хӏалаго, кинабго гьабулеб букӏана ракӏ-ракӏалъ. Гьеб буго учительзабазул хӏалтӏул хӏасил. Баркала буго нужее киназего гьелъухъ! Нужее гӏезегӏан захӏмат буго хӏалтӏизе: цин магӏарухъа Чачаналъе гочинарун, хадуб гьениса Дагъистаналде рахъинарун, батӏияб ракьалда цӏидасан минаби разеги ккун, магӏишат гӏуцӏулеб заманалда рахьдал мацӏ миллаталъул бечелъиги цӏунизе бажари гӏуна нужер. Черх загӏиплъараб мехалда тохтурасухъе уна нилъ. Гьедин загӏиплъун ва тохтурасул кверщаликье ккун буго миллияб мацӏалъул къисмат. Гьеб къисмат пашманабищ букӏинеб яги киналго рохараб хӏалалдейищ ккелеб – гьеб иш бараб буго районазул бутӏрузда, росабазул бегавулзабазда, школалъул ва лъайкьеялъул управлениязул нухмалъиялда. Хьулги буго, гьезда гьелъул магӏнаги бичӏчӏун, гьелде бербалагьи хисиялде».

Ахӏмад Саламов: «Жакъа лъималазул церерахъиналда бащалъулеб цониги концерт бихьичӏо дир гӏумруялда. Гьезда цадахъго кьурдулел рукӏана залалда гӏодов чӏарав дирги лугбал! Баркала лъималазе гьелъухъ!

Жакъа къоялъул масъалаби гъорлъ рессарал сценкаби рихьизаруна цӏалдохъабаз гьанир. Пуланав чиясухъе, гьесул яс гьаризе, вачӏун вуго цо гӏолохъанчи. Инсуца абун буго, смартфоналдаса гьелъул кверал ратӏагьарун духъа бажарани, хъалимцин кьечӏого, яче гьейян абун. Гьединаб заманалда цӏалдохъаби магӏарул мацӏалъул бечелъиялдеги миллаталъул маданияб ирсалдеги руссинарун бажарарал учительзабазе кӏудияб баркала буго».

ЦОДОУ ЗОЖалъул (ТУО) методист Нуцалай Мирзабеговалъ загьир гьабуна, цогояб иш рекӏее къабуллъарал гӏадамал цолъараб мехалда, нилъехъа бокьараб хӏалтӏи гьабун бажарулин абураб пикру. «Росдалги районалъулги нухмалъулезул лъикӏаб бербалагьи букӏинчӏебани, жакъа гьадигӏан берцинго гьаб тадбир нухда бачун бажарилароан. Гьединаллъун рукӏинчӏелани магӏарул мацӏалъул учительзаби, Ассоциациялда сверухъ гъункун гьезухъаги бажарилароан. Миллаталъе мацӏги гӏамалги цӏуни аслияб мурадлъун букӏинчӏебани, ай жиндирго хасал пикрабазе гӏоло Баху цее яхъун йикӏарайани, гьелда хадурги рахъинароан учительзабиги, гьелъул рахъкквелароан гӏалимзабазги миллаталъул къадруял вакилзабазги».

Краснооктябрьское росдал бегавул Сагӏид Шагӏбанов: «19 батӏияб миллаталъ гӏумру гьабула гьаниб. Дунялалдаго машгьурав Расулил цӏар кьураб школалда гьабулеб гьаб иш хъулухъчагӏазе хӏисабкьеялъул мурадалда гьабураб батани, гьелъухъ нагӏана щола. Амма суал буго: магӏарул миллаталъул бихьинал тӏагӏунищ ругел, гьаб кӏудияб иш руччабазул гъуждузде бегизабизе ккани? Гьелда тӏад ургъизе ккела. Тӏубаларо иш, гӏицӏго учительзабазул цӏобакье мацӏ цӏуниялъул иш хъущтӏизабун чӏаниги. Яхӏ бахъизе ккола щибаб хъизамалда рахьдал мацӏалда кӏалъазе».

Гъизляр районалъул учительзабазул профсоюзалъул председатель Турсун Имратов: «Рахьдал мацӏалъул кӏваралъул багьа борцун бажаруларо. Миллаталъул мацӏалда кӏалъала эбел жиндир лъимералда, лъимадулги тӏоцересел рагӏаби рукӏуна рахьдал мацӏалда. Рахьдал мацӏ цӏуниялъулъ кӏудияб бутӏа ккола учительзабаз. Республикаялъул лъайкьеялъул министрлъун дун вукӏаравани, дица ургъилаан рахьдал мацӏалъул учителасе хасаб шапакъат. Гьесул хӏаракаталда бараб буго гӏолеб гӏелалъул тарбияги гӏадамазда гьоркьоб хьвада-чӏвадиги, ватӏан бокьигун гьеб цӏунизе бижулеб къуватги. Рахьдал мацӏ цӏуниялъе гьабулеб хӏаракаталъухъ гьединаб шапакъат букӏине ккола!

Жакъа гьаниб кьуна рахьдал мацӏалъул бищун лъикӏаб дарс. Бищун лъикӏаб дарс! Биччанте гьеб букӏине цогидал мацӏазул учительзабазеги мисалияб дарслъун. Къваригӏун буго тӏолалго Дагъистаналъул халкъазул мацӏазул фестиваль – цо къоялъ гуреб, тӏубараб анкьалъго».

Магӏарул мацӏалъул учительзабазул ассоциациялъул рахъалдаса Гъизляр районалъул росабазул школазул учительзабазеги директоразеги шапакъатал кьуна Баху Мухӏидиновалъ, районалъул администрациялъул рахъалдаса – Ахӏмадпаша Амирилиевас. Сайгъатал кьуна «Хӏакъикъат» газеталъул редакциялъул рахъалдасаги цӏалдохъабазеги учительзабазеги. Фестивалалъул гӏуцӏарухъабазе баркалаги кьун, школазе тӏахьал сайгъат гьаруна ДНЦялъул ИЯЛИЯлъул гӏалимчи Ахӏмад Муртазагӏалиевасги. Жидерго кучӏдул цӏалана тадбиралде рачӏарал шагӏирзаби Умарагьи Салихӏовалъги, Садрудин Шидибскиясги, Тӏагьират Гӏалиевалъги, Сайгидахӏмад Ахӏмаднабиевасги.

Кавсарат Сулейманова