Дагъистаналъул мацӏазул квацӏи

26 апрелалда Махӏачхъала шагьаралъул №58 школалда тӏобитӏана «Анищазул ва кочӏол куркьбазда» абураб Дагъистаналъул халкъазул фестиваль

Миллиял гӏадатазул тӏогьазухъе

Дун йикӏана бищунго цееккун ятилин, амма ичӏго тӏубалалдего, гьение щварай дун пана гьаюна, кьабун гӏадамаз цӏураб школалъул азбар бихьидал. Ахӏулел кучӏдулги, сверухълъиялдего гӏажаибго берцинаб тӏагӏам кьурал миллиял нигӏматазул махӏалги, миллияб ратӏлилъ свери бахъулел гӏолилалги — гьеб киналъго хӏикматаб асар гьабулеб букӏана рекӏее.

Байрамалда гӏахьаллъизе рачӏун рукӏана шагьаралъул школазул учительзаби, тахшагьаралъул лъайкьеялъул управлениялъул Гӏ. Тахо-Годил цӏарал бугеб педагогикаялъул институталъул хӏалтӏухъаби, журналистал, шагӏирзаби, цӏалдохъаби ва гьезул улбул ва цогидалги миллияб маданияталъулги мацӏазулги ургъел бугел дагъистаниял.

Дагъистаналъул халкъазул бахӏарчилъиги багьадурлъиги цӏунун бажарулел ирсилал ругин жалин бицунеб букӏана жидерго церерахъиналда Асхӏабгӏали Хӏасановас куцалел ругел палугьабазул къокъаялъ. Кварида гьез рихьизарурал миллиял кьурдабаз асар гьабичӏев чи хутӏичӏо байрамалда.

Шагьаралъул батӏи-батӏиял школазул цӏалдохъабаз рикӏкӏунел кучӏдузги миллиял бакъназда ахӏулел сариназги гӏажаибаб сири базабулеб асар букӏана гӏенеккаразе.

Нилъер гӏумруялъул аслулъун ккола хъизан. Талихӏаб хъизамалъул талихӏаб гъасда бакараб цӏадул кунчӏи гвангъараб бугони, гвангъула нилъер гӏумруги. Щибаб миллаталъул букӏуна хъизан гӏуцӏиялъул жиндиего хасиятал гӏадаталги. №58 школалъул учительзабазул ва цӏалдохъабазул коллективаз бихьизабуна бертадул гӏадат.

Фестивалалъул гӏахьалчагӏазул гьурмазда разилъиялъул ва аваданлъиялъул нур рещтӏинабуна чолгьакида байрамалде рачӏарал бахӏараз. Щибаб миллаталъ ахӏана бахӏаразе талихӏ гьарарал кучӏдулги, рихьизаруна, бертин гьабулелъул, тӏоритӏулел талихӏалъул цо-цо лахӏзаталги, кинаб бертинха букӏинеб кьурди-хъат гьечӏони. Зурмаги къвакъвадана, къалиги ахӏдана. Киназго абулеб букӏана цере росабалъ гьарулел рукӏарал бертаби ракӏалдещванилан. Магӏарулал «берталъе», куйги бачун, рачӏун рукӏана.

Миллияб кванил тӏагӏамги…

Школалъул жанахӏалъуб рагьун рукӏана щибаб миллаталъул кванил майданал. Киналъулго хӏалбихьана. Гьале магӏарул кванил майданги нигӏматазул лазатаб тӏагӏамги. Гьеб киналдаго берчӏвайдал, жиндирго рекӏее гьабураб асаралъул бицана Фестивалалъул гьобол, «Хӏакъикъат» газеталъул бетӏерав редактор Гӏали Камаловас.

— «Лъинча» (рододе тӏех щван, умумузул гьабулеб букӏараб гьекъолеб жо) бихьидал, дида цебечӏана мунагьал чураяй эбелалъул сипат. Гьелъ гӏемер гьабулаан гьеб тӏагӏам. Ракӏалдещвана лъимерлъиги, эбелгун цадахъ хуриве-хариниве унев вукӏараб гӏанчӏаб заманги, гӏагараб росуги, росдал гӏадамалги.

Гьединго гьалбадерица хӏалбихьана тӏохолги тӏидулги «къакъуцӏазулги», куракул ва тӏидул карщазулги, магӏарул мохмохалъулги, мугьалъулги, цӏурачадазулги, цӏурабакьалъулги. Магӏарухъе щвараб гӏадин кколеб букӏана, гьенибго гӏуцӏараб умумуз хӏалтӏизарулел рукӏарал тӏагӏалаби рихьидалги.

Къо-мех лъикӏ, фестиваль

Байрамалде рачӏаразе баркала загьир гьабуна школалъул директор Шаганэ Бекмурзаевалъ.

Гьединал тадбиразул гӏун бачӏунеб гӏелалъулъ миллаталдеги, гӏадатаздеги, мацӏалдеги рокьи куцаялъе бугеб кӏваралъул хӏакъалъулъ бицана Гӏали Камаловас ва цогидалги кӏалъазе рахъараз.

Лъугӏана фестиваль. Гьелъулгун къо-мехлъикӏ гьабулелъул, гӏаламалдаго, хасго миллиял мацӏазда ва гӏадатазда туманкӏ речӏчӏулезда, рагӏулеб хӏалалъ ахӏизе бокьун буго:

— Лъида кӏвезе бугеб гьадинаб берцинлъи нилъехъа бахъизе, — йилан.

Байрамалда нур базабурал, майилан щивав магӏаруласухъе миллиял гӏадатазул берцинлъи кьурал школалъул учительзаби Муслимат Жамалудинова, Анисат Хӏажиева, Салихӏат Мухӏамадова, Жавгьарат Патахӏова, Загьидат Гӏабдулвахӏидова гӏадазухъ миллаталъул букӏинеселъул кӏул кодоб бугони, Дагъистаналъул миллаталъул мацӏазул квацӏи бечӏазе гьечӏо.

Шамай Хъазанбиева