Рохелги пашманлъиги цадахъаб байрамалда дандчӏвай гьабизе буго аваданго, бадиб магӏугун

Сугъралъ росулъа Кӏудияб Ватӏанияб рагъде ана 300-гӏанасев чи. Гьезул бащдал гурони нахъги руссинчӏо. Гьабсагӏаталда нилъгун хутӏун вуго 94 сонил ригьалде вахарав Хӏажи Гӏинчилов. Гьев, гӏарзаги кьун, ана рагъде ва тӏадги вуссана 1946 соналда. Хӏалтӏана жанисел ишазул органазда, прокуратураялда, батӏи-батӏиял магӏишатиял идарабазда. 1971-1985 соназда вукӏана Гъуниб райкомпартиялъул тӏоцевесев секретарьлъун. Пенсиялде аралдаса гӏемерал соназ гьабуна Росдал магӏишаталъул министерствоялъул Ветераназул советалъул председателасул хӏалтӏи.

Гьал къоязда дун дандчӏвана Хӏажигун.

— Хӏажи, 94 сонил ригьалде вахун вуго мун. Сунда тӏад ургъизе тӏамулев гьеб тарихалъ?

— Гьеб буго кӏудияб тарих, рана гьелщинал сонал, дир кьерилазул хутӏарав чиги гӏемер гьечӏо. Нилъер гӏумру цо бакӏалда чӏун букӏунаро, цоял уна, цогидал рачӏуна, сундулго буго нух. Нахъе тараб тана, гьелъул хӏисаб гьабун гурони ургъел гьабун ккезе жоги букӏунаро. Ургъел букӏуна букӏинеселъул – щибдай-киндай ккелаян абун. Цо чиясда бихьизе гӏураб дидаги бихьана ва дида бихьараб (рагъ) бихьугеги хадусел гӏелазда.

— Дуца 15 соналъ гьабуна райкомпартиялъул тӏоцевесев секретарасул хъулухъ. Абула мун вукӏанин кьварараб хасияталъул, киназдасаго щулияб гӏадлу-низам тӏалаб гьабулев нухмалъулевин абун. Битӏун бугищ гьеб?

— Буго. Букӏине кколеб низамги чӏезабичӏеб, гӏадлуги гьечӏеб бакӏалда хӏалтӏи лъугьунаро. Хӏаким кьвараравги, ритӏухъавги, гӏадамазул унти-ургъел бичӏчӏулевги гьечӏони, хӏалтӏул хӏасил букӏунаро. Дицаго мисал бихьизабичӏони, кинха гьеб цогидаздаса тӏалабги гьабилеб? Гьединлъидал, тӏоцебесеб иргаялда, дица байбихьана дидасаго тӏалаб гьабизе ва цинги цогидаздасаги. Хӏалтӏуде щолаан сагӏаталъ цеве, хӏалтӏул къо лъугӏун хадуб лъабго-ункъо сагӏаталдасан гурони рокъовеги унароан. Дица чӏезабичӏо гӏадамал къабул гьарулеб къо ва сагӏат, хӏажалъи ккедал дихъе, хасго росабалъа гӏадамал, рачӏине бегьулаан заман цӏехечӏого.

— Лъиениги балъголъи гуро ришватал роси гьаб заманалда цӏакъго тӏибитӏараб, кибго дандчӏвалеб хӏужа букӏин. Доб мехалъ кинаб ахӏвал-хӏал букӏараб? Дуе ришват кьолев чиго кколаанищ?

— Хӏинкъиялъги, дир гьелдехун бугеб бербалагьи лъаялъги ришватгун цониги чи дида аскӏове киданиги вачӏинчӏо. Дица байбихьудасаго лъазабунги букӏана, лъицаниги ришват босанин ялъуни кьунин абураб хабар рагӏун хадуб, гьединав хъулухъчи хӏалтӏудаса вахъизе вугин. Гьеб чорокаб пишаялда данде нижеца балаан кутакаб рагъ. Гьелдаго цадахъ, ришватал кьеялъул хӏужаби доб мехалъги цо-цо дандчӏвалел рукӏун ратаниги, гьабсагӏаталда гӏадинаб хӏал букӏинчӏо.

— Доб заманалдаги гьабсагӏаталдаги ругел нухмалъулезул хӏалтӏул къагӏидабазда гьоркьоб кӏудияб батӏалъи бихьулищ дуда?

— Цӏакъго кӏудияб. Цӏаялъулги лъелги гӏадинаб хӏал бугин абуни, мекъи ккеларо. Доб мехалда кӏудияб кӏвар кьолаан гӏодосанго кадраби куцаялде, тарбия кьеялде. Хӏалтӏуде тӏамулаан хӏалбихьиги, лъайги, гӏадамазда гьоркьоб къадруги бугев, тӏаде босараб хӏалтӏул жавабги кьун бажарулев чи. Киназдаго лъалаан нухмалъиялде мун тӏамураб идараялъул хӏалтӏул даража борхизабун гурони гӏодобе ккезе тезе дур кинабгӏаги ихтияр гьечӏеблъи. Нагагь гьедин ккани, мун цо къоялъниги хъулухъалда толареблъиги. Мисалалъе, цо колхозалда къойил бечӏчӏулеб рахьдал къадар чанго литралъ гӏодобе ккани, партиялъул обкомалъул даражаялда бахъинабулаан кӏудияб ахӏи-хӏур. Гьедин, тӏаса гӏодобе сундулъго букӏана низам, тӏалаб гьабулаан хӏалтӏул хӏасил. Гьабсагӏаталда бихьулеб буго кадраби ракӏарулел рукӏин гьезул лъай-бажариялда рекъон гуреб, цо бичӏчӏулареб къагӏидаялда, ай лъай-хъваязда, гӏарцул гучалда рекъон.

— Кӏудияб Ватӏанияб рагъ байбихьун букӏин киб ва кида лъараб, кин ккарав рагъде?

— «Чапаев» ва «Тринадцатый» абулел рагъул кинобазухъ балагьун гурони, рагъ щиб жояли лъазе жеги гӏурав чи вукӏинчӏо дун. Амма росулъ рукӏана финазулгун букӏараб рагъда, «Хӏасан» хӏоралда ккарал лъугьа-бахъиназда гӏахьаллъарал чагӏи. Рукӏинесел рагъухъаби хӏисабалда ниж куцалаан школалъул военруказги. Жеги росу тун къватӏивехун щвечӏев, микьабилеб классги лъугӏун, каникулазда эбелалда аскӏов (гьей йикӏана Чӏарада районалъул гӏорхъода бугеб колохъ дояркалъун) вугев дун ахӏана росулъе. Хадусеб къоялъул рогьалида, тӏадлъун кӏудияб тӏагъургун, тӏадбан кӏудияб ханжаргун, хӏатӏилицӏго, 15 чӏужугӏадангун (киназдаго цебе къотӏун лъаб-лъаб хӏамаги) цадахъ, дун витӏана Махӏачхъалаялде, ханжу босизе. Нухда нижеда бичӏчӏана ва шагьаралде, колхозалъул петералде щведал, бицана рагъ ккун бугин. Босун ханжугун, сапаралъул 13-абилеб къоялъ ниж тӏадруссун щвана росулъе. Гьеб заманалда байбихьана росулъа гӏолохъаби армиялде рачине. Гьитӏинго вугин абун, вачунарогоги вукӏун, дица хъвана гӏарза (гьеб хъвазе малъана Гъунив дандчӏварав Гӏумар Муртазагӏалиевас (дир эменги гьесул эменги рукӏана гьудулзаби). Гьелде щвезегӏан дида лъазецин лъалароан гӏарза щиб жоялицин ва дун вачана армиялде. Дида хадубго киналго классцоязги кьуна гӏарзаби, гьелги ритӏана армиялде. Дун ккана Бакуялда бугеб рагъулаб училищеялде.

— Кидаха бихьараб тӏоцебесеб рагъ, киб лъараб гьелъул «тӏагӏам»?

— Училищеялъул курсалги лъугӏун, разведкаялъул ротаялъул отделениялъул командир хӏисабалда дун ккана Ингушетиялъул Малгобек шагьаралда аскӏоб унеб букӏараб рагъде.

— Бергьенлъиялъул къоялда киб дандчӏвай гьабураб?

— Белоруссиялда вукӏарав дун цӏализе витӏана Москваялде, тӏолабго СССРалда цого-цо бугеб рагъулабгун финансалъулаб училищеялде. Гьеб къоялъ дун вукӏана училищеялъул байрахъалда аскӏов, посталда. Дежурствоялда вукӏаго, байбихьана бицун божулареб кьвагьа-гӏанхъи, ахӏи-хӏур. Ракӏалде ккана цоги щиб балагьдай бачӏарабилан. Цинги вачӏана офицер ва лъазабуна рагъ лъугӏанин, нилъги бергьанин. Хадур ниж рачана къватӏире, щвана гӏаламалъ цӏураб Багӏараб Майданалде… бицун бичӏчӏулеб, бихьичӏев божулеб жо гьеб гуро.

— Кинха нужеца кӏодо гьабураб гьеб къо, кьунищ нужее «наркомасул» 100 грамм?

— Доб къоялъ кьуна лъикӏаб квен, амма гьекъолеб жоялъул хабар букӏинчӏо. Гьеб гьечӏониги, нижер рохиялъул, разилъиялъул, аваданлъиялъул рагӏа-ракьан букӏинчӏо.

— Исана 74 нухалъ дуца дандчӏвай гьабулеб буго Бергьенлъиялъул къоялда. Кинал планалгун, пикрабигун дандчӏвазе ракӏалда бугеб?

— Гьанже дир планал рухьарал руго сахлъиялда. Гьал дир махӏабаз дихъ гӏинтӏамичӏони, букӏинаро къватӏиве вахъинги. Амма рохелги пашманлъиги цадахъаб гьеб байрамалда дандчӏвай гьабизе буго аваданго, бадиб магӏугун….

— Киналго кьерилал-росуцоял, рагъул гӏахьалчагӏиги цереса ун, цохӏо мунго хутӏун вукӏиналъ кинал хиялазде вачунев?

— Гьел ракӏалдещолареб къого букӏунаро, церечӏола чӏагоял дозул сипатал, унтула ракӏ, хасго дунго хутӏараб заманалда…

Гӏабаш Гӏабашилов