Цӏорона чанги ракӏ цӏадул каранда
Ингердахъ росулъа рагъде ана 78 чи. Гьезда гьоркьоса 41-яв тӏадвуссинчӏо
Дунялахъ гӏашикъаб,
гӏишкъудал цӏураб
Цӏорона чанги ракӏ
цӏадул каранда.
Жеги рокьи лъачӏел,
балай хъатӏичӏел
Васазул гӏаданир гӏунана берал.
Гӏайшат Гӏумалаева.
Гӏахьвахъ районалъул Ингердахъ росулъа жидеего бокьун фронталде ана микьгоял: Гъазиядибиров Хӏажи, Хӏажимухӏамадов Гъалбацӏ, Хӏажиев Нурмухӏамад, Хӏажиев Хӏажибег, Къураев Шарапудин, Къурамухӏамадов Дайтбег, Пахрудинов Гӏали, Къураев Сайпудин.
Хӏажимухӏамадов Гъалбацӏ
Жиндирго цӏаралда рекъараб хасияталъул, кьварарав, бахӏарчияв чи вукӏанин гьевилан бицуна росдал гӏадамаз. Рагъ байбихьараб мехалда, Гъалбацӏица бан букӏана 17 сон. Кӏудиял вацал Мухӏамад ва Мухтар рагъдеги ун, рокъов чӏезе бокьун букӏинчӏо гьесие. Вац Мухтар лъукъун, Бакуялъул больницаялда вугин рагӏарал къояздаго, инсудаса изнуги тӏалаб гьабун, гьесул хӏал цӏехон, сапаралъ вахъана Гъалбацӏ. Махӏачхъалаялде щведал, цадахъ вукӏарав гьалмагъги тӏадвуссун ун, гьев живго хутӏана. Я нух, я гӏурус мацӏ лъалеб букӏинчӏониги, вац вихьун гурони тӏадвуссинарин абураб пикругун, Гъалбацӏ сапаралъ вахъана. Балугълъиялде вахинчӏев чи вукӏиналъ, щибаб посталда лъалхъизавулев, цо-цо бакӏазда сордо-къоялъ жанивцин тӏамулев вукӏун вуго. Гьедин, цо бакӏалда ккурав гьев хъалиян кьуризе гӏодов чӏун вуго. Хъалиян цӏалев Гъалбацӏида аскӏове вачӏун вуго часталъул командир. Гьес кумекги гьабун, хъван кагъатги кодобе кьун, поездалдеги вахинавун, нухарегӏун вуго Гъалбацӏ. Щванщинаб бакӏалда гьес кагъат бихьизабулебги букӏун буго. Ахир-къадги щола Мухтар вегараб больницаялде. Больницаялъул ахикь хьонбакӏидаги кӏусун, хъалиян бухӏулев вукӏуна гьев. Циндаго аскӏове вачӏунев чи вихьула. Хъалиян гьаризе вачӏунев чи ватилин абун ракӏалде ккола Гъалбацӏидаги. Аскӏове щолелъул, Гъалбацӏинги ахӏун, тӏад хурхун вачӏуна дов чиги. Гьес цӏар ахӏидал гурони Гъалбацӏида жиндирго вац Мухтар ватӏавахъизеги лъан гьечӏо. Вацги вачун росулъе тӏадвуссуна Гъалбацӏги.
18 сон тӏубанин абун документалги хисизарун, жиндиего бокьун рагъде ана гьев. Гьес бицунаан жидее кьураб буюрухъ букӏанин лъималаздаги руччабаздаги квер хъвагеян абураб. Хӏулидал къандалъоги тӏад лъун, рахчизарун ратулаанила немцаз жидерго лъимал. Гьел лъималазул рокъоре щвезарулаан солдатазги.
«Фашистазул букӏараб къуватги гучги нилъеразул букӏинчӏин бицунаан нижеда инсуца. Гьел бергьинеги бегьулаан, амма гьел къунин жидерго вахӏшилъи сабаблъунин абулаан инсуца», — ян ракӏалдещвезабуна Гъалбацӏил яс Гӏаишатица.
Цо нухалда лъукъарав Гъалбацӏ жиндиего хвасарлъи балагьизе хъурщун унев вукӏун вуго гӏурусазул росу бугеб рахъалдехун. Сверухъ чи вугищали бетӏер эхеде борхарав гьесда, гъажалда ведрабиги ран унев цо чи вихьун вуго. Гъалбацӏил ахӏиялъухъе кумекалъе вортун вачӏарав гӏурусас гьев рокъове вачун вуго. Бусадаги вухьун, чӏегӏераб ханждал гьабураб чадиде тӏаде цӏамги щван, гьеб лъун буго ругънада тӏад. Унтиялъул кутакалъ ахӏдолев Гъалбацӏги тун, хважаинзаби рокъоса нахъе ун руго. Гьев гӏодове виччазегӏан рукъалъул бетӏергьаби тӏадруссунги гьечӏо. Гьесда ракӏ гурхӏиялъ ва тӏокӏаб батӏияб къагӏидаялъ кумек гьабизе рес букӏинчӏолъиялъ нахъе ун рукӏун руго гьел. Сахлъараб мехалда, цӏидасан фронталде тӏадги вуссун вуго.
Хӏажимухӏамадов Гъалбацӏ вагъана Югалъулаб ва Украинаялъул фронтазда, рагъулал гьалмагъзабигун Ватӏан цӏунулаго, гьев щвана Берлиналдеги. Гьес хъулухъ гьабулеб букӏана анкьабилеб гвардиялъул мотострелковияб Сталинград — Корсуналъул Краснознаменияб бригадаялда мухъилав гӏарадачилъун. Гъалбацӏ мустахӏикълъана «Бахӏарчилъиялъухъ» ва «Германиялда тӏад бергьенлъи босаралъухъ» медалазе.
Кӏудияб Ватӏанияб рагъул гӏахьалчи Хӏажимухӏамадов Гъалбацӏ хвана 1987 соналда.
Хӏусенов Султӏанмухӏамад
Хӏусенов Султӏанмухӏамад, гӏисинал лъималги хъизанги тун, ана фронталде. Кӏудияб бахӏарчилъи бихьизабуна гьес Курскалъул ракьалда вагъулаго. Рагъдаса тӏадвуссана рагъ лъугӏун хадуб. Росулъе тӏадвуссун хадув гьев хӏалтӏана фермаялъул заведующийлъун, тукенчилъун. Гьевгун цадахъ рагъда вукӏана росуцояв Мурадбегов Нурмухӏамадги. Султӏанмухӏамад хвана 1965 соналда, 55 сонил ригьалдаго.
Мурадбегов Нурмухӏамад
Нурмухӏамад рагъдаса тӏадвуссана кваранаб гъежги къотӏун. Гӏезегӏан орденалгун медалалги щвана гьесие. Хӏалтӏулев вукӏана гьабигьанлъун. Гьесул жигаралъухъ балагьун гӏажаиблъун рукӏунаан гӏадамал. Лъилго кумек гьечӏого, цояб квер гьечӏев чияс квегӏаб квералъ гьабулаан гьабихъ хӏалтӏи, гьебги росулъ цохӏо гурони букӏинчӏо. Гьев вукӏана диналда тӏад чӏарав, гӏадамасул ракӏ къварид гьабуларев, цӏакъ гӏодове виччарав, намусав инсан. Нурмухӏамад хвана 1990 соналда.
Малачилаев Мухӏума
Росулъа кӏудиял чагӏаз бицунаан Малачиласул Мухӏума вукӏанин кьварарав чийилан. Гьесда гӏурус мацӏги лъалароан, гьединлъидал щолел шапакъатазулги цогидалъулги кӏварги гьабун гьечӏо гьес. Бахӏарчиясул цӏар щвезе рес букӏанин гьесие, амма лъицаго тӏалаб гьабичӏолъиялъ гьесул цӏарги, букӏинего букӏинчӏеб гӏадин, гьоркьоб анин бицунаан росдал харабаз. Мухӏума рагъдаса тӏадвуссинчӏо.
Рагъда гӏахьаллъарал ва тушманасул вахӏшиял ишаздаса наслаби цӏунарал бахӏарчиял умумузул хӏакъалъулъ цо макъалаялда бицун хӏалкӏвеларо. Нилъ кидаго налъулал руго рагъда гӏахьаллъарал умумузе, Ватӏаналъе гӏоло рухӏ кьуразе, тылалда хӏалтӏарал захӏматчагӏазе.
Патӏимат Султӏанмухӏамадова