Кӏудияб Ватӏанияб рагъул гӏахьалчи Гӏабдулкаримил хӏакъалъулъ ракӏалдещвеял
Дагьал церегӏан къоязда 95 соналъул гӏумруялда ахираталъул рокъове ана районалда цого-цо хутӏун вукӏарав Кӏудияб Ватӏанияб рагъул гӏахьалчи, I группаялъул инвалид, 10 лъимадул эмен Чӏиркъатӏаса Гӏусманов Гӏабдулкарим.
Гӏажаибаб къисматалъул инсан вукӏана 1924 соналда гьавурав Гӏабдулкарим. Цӏакъго гьитӏинго эбелги хун, гьев ккана бесдал эбелалъул цӏобалде. Гьесул эбелалъул рахъалъан я вац, я яц рукӏинчӏо. Тӏаде ячарай гӏаданалъ Гӏабдулкаримил эмен Улубил Гӏусмание гьаруна цо вас ва лъабго яс. Гӏабдулкарим гӏемераб мехалъ хьихьана эбелалъул эбел Бахуца. Гӏабдулкаримица бицунаан цӏакъай чӏужу йикӏанин жиндие эбеллъи гьабурай Баху-баба. Гьединго гьес гӏемер бицунаан жиндирго эмен Улубил Гӏусманил кьварараб хасияталъул, ритӏухъаб гӏамалалъул.
Кӏудияб Ватӏанияб рагъ байбихьараб мехалъ, 16 сон барав Гӏабдулкарим ккана кӏудияб Октябралъул революциялъул канал (КОР) бахъизе. Гьеб захӏматаб хӏалтӏуда гьесда цадахъ рукӏана Чӏиркъатӏаса Хӏасанов Набиги, Солиманов Хӏадисги ва цогидалги. Цадахъ ккараб мехалъ, гьес бицунаан кигӏан захӏматаб куцалда ракъунги, къечонги, ругьунги, тӏад нацӏ банги хӏалтӏи гьабурабали.
Гьеб захӏматаб хӏалтӏиялдаса хадув рокъове вуссараб мехалъ, 18 сонил гӏумруялъулъ вугев Гӏабдулкарим, жиндиего бокьун гӏарзаги кьун, ана рагъде. Тӏоцеве гьев ккана Гуржиялъул Гори шагьаралде куцазе. Хадув витӏана рагъде. Рагъда росарал бергьенлъабазухъ гьесие щвана гӏемерал медалал ва орденал. Гьезда гьоркьоб буго Багӏараб Цӏва ва Кенигсберг бахъиялъухъ орден. Рагъда бахъана цояб берги. Гӏезегӏан заманалъ госпиталалда вегун хадув гьев рокъове виччалев вукӏана. Гьедин букӏаниги, цояб бер гьечӏев Гӏабдулкарим рагъде ине хӏадурулев вукӏана. Амма тӏадегӏанаб командованиялъ Гӏусманов рагъде виччачӏо. Гьесда цадахъ рагъда рукӏана районалъул Лъаратӏа росулъа Гӏалиев Сагӏидбег ва Гебеков Хӏажи.
Рагъдаса вуссун хадуб, 1947 соналда гьес лъадилъун ячана Рахӏмат. Тӏоцее гьелъ гьаюна Гӏабдулкаримие эбелалъул цӏар лъурай Рузмай, хадурги гьаруна лъимал ва гӏуна анцӏгоял. Рахӏмат йикӏана Чӏиркъатӏа йикӏарай цого-цо «Бахӏарчияй эбел» абун цӏар щварай гӏадан. 10 лъимер бугев эменги гӏемер хӏалтӏизе ва хъизан-лъималазе бетӏербахъи гьабизе кколаан. Аллагьас гьесие кьуна къадал гьаризе махщел, цояб бер беццав инвалид вукӏаниги, Гӏабдулкарим хьвадана Казахстаналде, Ростовалде, Калмыкиялде ва цогидалги бакӏазде хӏалтӏи балагьун, лъималазе квен-тӏехалъе, ретӏел-хьиталъе гӏарац балагьизе.
Жиндирго кӏудияб хъизамалде тӏаде гьесул вас Хӏасание ккана кӏудияб къварилъи: машинаялъ авария гьабун хвана гьесул кӏиго ясги хъизанги. Нахъе хутӏана кӏиго вас ва гӏисинал кӏигьарудал ясал. Гьезулги кӏудияб ургъел тӏаде ккана рагъул I группаялъул инвалид Гӏусманиде. Гӏемераб гӏакъуба бихьана Гӏабдулкаримида. Амма цо къоялъги гьев чияр цӏобалде ккун чӏечӏо ва жиндирго росуцоязе, гӏагарлъиялъе гӏемераб хӏалтӏи гьабуна.
Камил Хӏадисов,
Чӏиркъатӏа росу