«Волоколамскалъул мальчишал»

Москваялдаса 130 километралъ рикӏкӏада, Большая Сестра абураб гӏурул рагӏалда буго Волоколамск районалъул Стеблево росу.

1941 соналъул 15 декабралда полковник Чанчибадзел отрядалъ тушманасдаса эркен гьабуна гьеб гьитӏинабго росу. Гьениса тушманги вачахъун, Багӏараб Армиялъул подразделениялъги тана Стеблево. Росуцоязда лъалаан, нагагь фашистал тӏадруссун рачӏани, гьез зулму гьабизе букӏин.

Росу цӏунизе хӏадурлъи

Лъималазул рокъор гӏурал Володя Овсяниковасги Саша Крыльцовасги хӏукму гьабуна росу цӏунизе хӏадурлъизе. Гьез гӏуцӏана 11-16 сон барал лъималазул къокъа. Гьезие нухмалъи гьабулеб букӏана Финляндиялъулгун рагъда гӏахьаллъарав Иван Володиница. Гьес лъималазда малъана тункӏаздасанги пулеметаздасанги кьвагьдезе.

Немцал тӏадруссана

16 декабралъул рогьалилъ Саша Крыловасда рагӏана бекулеб гӏаркьелалъул сас. Цо заманалдасан гьесда бихьана фашистазул мотоцикл. Сашаца чанцӏулго кьвагьана гьезде. Фашистазул мотоцикл нахъбуссун ана. Къад росдаде гӏагарлъана фашистазул цоги къокъа, амма гьездеги кьвагьдана гӏолилал. Фашистазда ракӏалде ккана росу цӏунун аскариял ругин абун ва тӏубараб къоялъ гьаруна росдаде гьужумал. Ахир-къадги гьез росу тана. Гьениб Багӏараб Армиялъул солдатал ругилан ракӏалде ккун батила гьезда.

Нилъерал рачӏана

17 декабралъул къалъул гӏужалда Стеблево росулъе рачӏана Багӏараб Армиялъул солдатал. Командованиялъ лъималазе баркалаги кьуна. Росу цӏунарал лъималаздаги абизе лъугьана «Волоколамскалъул мальчишалин» абун.