1418 сордо-къоялъ халатбахъана Кӏудияб Ватӏанияб рагъ
Цӏадаса Хӏамзатица 28 июналда магӏарул
халкъалдехун радиоялдасан гьабураб кӏалъай
23 июналда бахъараб «Магӏарул большевикалъул» 50-абилеб номералда лъун буго тохлъукьего фашистияб Германия СССРалде тӏаде кӏанцӏиялда бан, СССРалъул Совнаркомалъул председателасул заместитель, къватӏисел улкабазулгунисел ишазул министр В. М. Молотовасул радиоялдасан гьабураб кӏалъай. Гьебго номералда буго «Бергьенлъи нилъехъ букӏине буго» абураб макъала. Гьелда хъвалеб буго Дагъистаналъул росабалъ ва шагьаразда фашистазде дандечӏун тӏоритӏарал митингазул. 1 июлалъул номералда буго «Киналго къуватал Ватӏан цӏуниялде, тушман щущахъ виххизавиялде рехизин» абураб ВКП(б)ялъул Дагъистан Обкомалъул секретарь Н. Линкунил кӏудияб макъала.
Гьебго номералда буго Цӏадаса Хӏамзатица радиоялдасан магӏарул халкъалде гьабураб кӏалъайги.
Хиянатлъиялъул гьагаб кьвагьиялъ
Кьижарал питнаби рорчӏизаруна.
Нахъасан речӏчӏулеб гьве гӏадин бачӏун,
Фашистаз халкъалда харил цӏа лъуна.
Данде бащалъулеб зарги ккечӏого,
Зулмуялъ улкаби кверде рачана.
Кутак тӏереналъур тӏадеги гьетӏун,
Гитлерица гӏурхъи гӏатӏид гьабуна.
Гӏемер лъадахъани, гӏеретӏ бекула,
Гӏумру араб бегун фашизмаялъул.
Гӏажал щведал болъон щобде бахуна,
Ахир ккела гьесул нилъер квердасан.
Граждан рагъазул заманаялъго
Лъараб нилъеда хӏал немц ярагъалъул,
Кигӏан къвакӏаралги гӏурул ханазул
Гӏатӏ хинеб нилъеца, цо рихьизе те.
СССРалъул халкъ, фашизмалда тӏад,
Тӏубан чӏел босизе походалъ бахъа!
Сталиний гӏоло, нилъ-квартӏий гӏоло,
Ватӏаналъе гӏоло, церехун рилълъа!
Гьалмагъзаби, дица кочӏол мухъал хъвачӏо немцазул ярагъалъул ва гьезул хучдузул хӏакъалъулъ, кочӏое гӏоло. Нилъее гьел церего баянал руго. Гьеб яргъидалъун гӏуцӏун рукӏана 1918 соналда нилъер гьанир Гоцинскиясул ва интервентазул бандал. Гьел лъугьун рукӏана Дагъистаналъул магӏарулазул советияб хӏукумат гъанкъизе.
Немцазул ярагъалъ кумек гьабичӏо. Кӏудияб гӏурус халкъалъги, украиназги ва нилъеца — магӏарулазги, лезгиязги, лъарагӏазги ва цогидазги доб заманалда гьеб яргъил къуват бек-бекун бана ва хведералдеги буссинабуна.
Гьабсагӏаталда Германиялъул фашистазул ярагъ нахъеги нилъеде балагьизабун буго. Гьезие бокьун буго октябралъ кьурал кӏудиял эркенлъаби ва ихтиярал тӏагӏинаризе, нилъер инсанияталъулал ихтиярал рахъизе, нилъер талихӏ бугеб гӏумру мерхьине. Нилъер Ватӏаналде тӏаде тушман кӏанцӏана. Нилъер щивасул налъи буго тушман вачахъи, щущахъ виххизавулеб куцалда гьесда кьаби.
Большевиказул партиялъ нилъ ахӏулел руго хӏурматияб, ватӏаналъулаб рагъ къабихӏав тушманасде данде гьабизе.
Нилъеда, магӏарулазда, лъала гьаб рагъ нилъерго ватӏаналъе гӏоло гьабулеб букӏин, церегосел заманаздаса нахъего авар халкъалъул цӏар ун буго къватӏисахун рачӏунел хъачагъазде ва зулмучагӏазде данде гьарулел рагъазулъ. Авар халкъалъ бахӏарчияб къагӏидаялда цӏунана жиндир ракь тӏаде кӏанцӏарал хазараздаса ва цересел гӏарабаздаса. 200 соналъ цебе Авариялъул мугӏрузда Сугъралъ росдада аскӏор щущахъ риххизаруна Надир-шагьасул гучал аскарал.
Гьабсагӏаталда Гитлерица живго XX гӏасруялъул Надир-шагьлъун рикӏкӏунев вуго. Надир-шагьас гӏадин жеги хиял гьабулеб буго тӏолабго дунялалдаго тӏад кверщел гьабизе. Амма фашизмалъул гьве мурадалде щвезе гьечӏо.
Балагье нуж! Тӏолабго советияб халкъ цо чи гӏадин, тӏаде бахъун бугеб куц. 200 миллион чи – нилъеда данде фашистазул жонсокъаб цо гохӏ бахъун чӏун буго.
Дагъистаналъул магӏарулал жакъа жиндир тӏолабго улкаялда кӏудияб Совет союзалда цадахъ руго, жиндир кӏудияв вац – кӏудияб русский халкъалда цадахъ руго, большевиказул гьайбатаб партиялда, кӏудияв Сталинида сверухъ кидагоялдаса цӏакъ гъункун.
Мугӏрузул халкъ! Дица нуж ахӏулел руго, нилъер цӏар арал умумул гӏадин, нилъерго гӏумруялдаги барахщичӏого, эркенлъиялъе гӏоло, талихӏаб яшавалъе гӏоло, совет хӏукуматалъе гӏоло, Сталиние гӏоло кутакаб къеркьей гьабиялде.
Чӏахъа бергьенлъи!
Чӏахъа нилъер социализмалъул ватӏан!
Чӏахъа Кӏудияв Сталин!
№53, 1 июль 1941 сон
Магӏарул районаз Оборонаялъул фондалде
гьабураб кумек
Шаури
Цӏунтӏа районалъул захӏматхалкъалъ барахщичӏого кьолеб буго Оборонаялъул фондалде гӏи-боцӏи, металл ва цогидабги. Мокъокъ советалъул колхозниказ кьуна 4000 гъуршил облигация, киналго захӏматкъоязухъ кколеб мухьалъул 3 процент, гьединго гӏемераб хъахӏаб гӏарац ва гь.ц. Лъацуда росулъа колхозница гьал. П. Рамазановалъ кьуна 40 гъуруш хъахӏаб гӏарац. 80 гъуршил облигация, 5 килограмм пахь ва рез ва 10 захӏматкъоялъухъ кколеб мухьги.
Районалдаго гьанжелъизегӏан фондалде кьун буго 36565 гъуршил облигация, 3803 гъуруш гӏарац, 4 чу, 18 гӏиялъажо, 4 оц, 10 килограмм нах, 836 захӏматкъоялъухъ кколеб мухь, 66 пуд чӏегӏераб ва кьер бугеб металл, 6 хьвани ва гь.ц. Фондалде кьолеб жо нахъаса къотӏулеб гьечӏо.
Къахӏиб
Кагановичасул цӏаралда бугеб колхозалъул огородчи-звеновод гьал. Хӏадисихӏмаев Ибрагьимица Оборонаялъул фондалде кьуна 250 гъуршил облигация ва 30 захӏматкъоялъухъ кколеб мухьги. Гьес абулеб буго, араб соналда колхозалъул огородалъ колхозалъе 13146 гъуршил доход кьун букӏараб батани, гьаб соналда 3 нухалъ цӏикӏкӏун доход кьезабулеб буго, гьебги буго тушман хехго къезавиялъе бугеб гъоркьлъеллъун — абун.
Буйнакск
Дурангъиб росдал Стахановасул цӏаралда бугеб колхозалъул колхозниказ Оборонаялъул фондалде кьуна 376 захӏматкъоялъухъ кколеб мухь, 5020 гъуршил облигация, 32 килограмм нах ва 1 тонна картошка. Гьелде тӏадеги 206 колхозникас субботник гьабураб 270 захӏматкъоялъухъ кколеб мухьги.
Дилим
31 августалда Казбек районалъул Хубар росдал колхозниказ субботник гьабун 130 захӏматкъоялъухъ ккараб пихъ Оборонаялъул фондалде кьуна. Алмахъ росдал колхозниказ сахаватлъиялда кьолеб буго фондалде гӏарац, боцӏи ва къайи.
Цӏуриб
Чӏарада районалъул Гӏириб росдал Советалъул колхозниказ оборонаялъул фондалде кьуна 22000 гъуршил облигация, 2400 гъуруш гӏарац, 8 килограмм бацӏцӏадаб хъахӏаб гӏарац, 1300 килограмм чӏегӏераб металл, 150 килограмм квас, 38 гӏиялъажо, 10 чӏегӏерхӏайван ва 400 захӏматкъоялда тӏад кколеб мухьги. Колхозница Мирзаева Рукъиятица кьуна бацӏцӏадаб гӏарцул 2 курхьин ва баргъичал, 150 гъуршил облигация ва рагъ лъугӏизегӏан щибаб моцӏица 3-3 захӏматкъоялде тӏаде кколеб мухь кьезеги гьелъ рагӏи кьуна. Мухӏамадов Шагӏбаница 1000 гъуршил облигация, Гӏабдулаев Гӏабдулхаликъица 600 гъуршил облигация ва 400 гъуруш гӏарац ва Хӏажиев Мусаца 600 гъуршил облигация кьуна ва рагъ лъугӏизегӏан щибаб моцӏида жаниб 50-80 гъуруш гӏарац кьезеги тӏаде босана.
Оборонаялъул фондалде кьолеб жо гьоркьоса къотӏичӏого буго.
№85, 16 сентябрь 1941 сон
Мелъелтӏа
Гумбет районалъул Тӏаса Инхо росдал колхозниказ хӏукму гьабуна Оборонаялъул фондалде анцӏ-анцӏ захӏматкъоялъухъ кколеб мухь кьезе. Цо-цо колхозниказ гьелда тӏадеги жеги цӏикӏкӏун кьуна. Абакаров М. Сагӏидица 50, Тӏалхӏатов Темирханица 15 ва Мухӏамадова Аминатица 85 захӏматкъоялъухъ кколеб мухь кьуна. Тӏолалго колхозниказ 1100 захӏматкъоялъухъ кколеб мухь кодобе кьуна.
Гьелде тӏадеги гӏемераб гӏарац ва облигация кьолеб буго.
Кӏаратӏа
Гӏахьвахъ районалъул Гӏанчихъ росдал Сталинил цӏаралда бугеб колхозалъул 372 колхозник 18 августалда хӏалтӏана Оборонаялъул фондалъе гӏоло. Гьеб къоялъ колхозалда хӏалтӏун росарал 400 захӏматкъоялъухъ кколеб мухь гьал къоязда оборонаялъул фондалде кьуна.
Агъвали
Цӏумада районалъул колхозаз ва колхозниказ Оборонаялъул фондалде кьуна 113300 гъуршил облигация, 2695 гъуруш гӏарац, 35 чӏегӏер хӏайван, 228 гӏиялъажо, 4145 килограмм чӏегӏераб металл, 832 килограмм пахь, ва рез, 4 килограмм хирияб металл, 19 килограмм бацӏцӏадаб хъахӏаб гӏарац.
№85, 18 сентябрь 1941 сон
Унсоколо
Унсоколо росулъ хӏалтӏулев вугев Гъуниб районалъул Цӏулда росулъа маххул устар гьал. Хӏажиев Гӏабдулхаликъица тӏаде босун буго, чуязда тӏикъва-махх чӏван, жинца босараб кинабго гӏарац рагъ лъугӏизегӏан кӏудияб ватӏаналъул Оборонаялъул фондалде кьезе.
№101, 23 октябрь 1941 сон
Гьумер хӏадур гьабуна
Пайзула Пайзулаевас.