Игьел — Кӏудияб Ватӏанияб рагъда
Игьали росулъа 135 чияс гӏахьаллъи гьабуна Кӏудияб Ватӏанияб рагъда. Гьезул бищун гьитӏинасул букӏана 16 сон ва бищун кӏудиясул — 47 сон. Рагъ байбихьилалде армиялда вукӏана (1939-1940 сонал) 23 чи. Гӏемериселги рукӏана жеги хъизан гьабичӏел чагӏи. Гӏемерисел хъизамаздаса рагъде ана кӏи-кӏи чи. Дарбищмухӏамадил хъизамалдаса рагъда гӏахьаллъи гьабуна лъабго чияс, гьезул бищун гьитӏинав — Камил араб бакӏ лъачӏого тӏагӏана. Зияратовазул хъизамалдасаги рагъде ана лъабгояв. Бищун кӏудияв Рахӏматулаги, бищун гьитӏинав Шагӏбанги араб бакӏ лъачӏого тӏагӏана, гьоркьохъев — Мухӏамад тӏадвуссун вачӏана. Эхоевазул хъизамалдасаги рагъда гӏахьаллъи гьабуна лъабго чияс. Гьезулги гьоркьохъев вас Мухӏамад тӏадвуссинчӏо. 11 хъизамалъе камуна кӏи-кӏи вас, кӏиго хъизамалъе –эменги васги.
Кӏудияв вац Гӏабдурахӏим чӏванин кагъат бачӏиндал, жиндиего бокьун фронталде ана гьитӏинав вац, 22 сон барав Ниязбег. Амма араб бакӏ лъачӏого тӏагӏарав гьев вачӏине, вихьизе, гьесул хӏакъалъулъ щиб бугониги рагӏизе, лъазе букӏараб анищ-хьулгун ана ахираталъул рокъоре, жидер тӏокӏал лъимал рукӏинчӏел Гӏисахӏажиявги Патӏинаги. Росуцояз бицуна жалго хвезегӏанги гьел мунагьал чурадаз сардилъ вас вачӏине бегьулинги абун рахачӏого толаанила каву ва свинабулароанила нартил чирахъ.
62 игьалисев араб бакӏ лъачӏого тӏагӏана рагъда. 32-ясул бачӏана рагъдаса «чӏегӏераб кагъат». 1941 соналда ана рагъде Ахӏмад Жамалудинов. Кватӏичӏого рокъобе бачӏараб кагъат бихьидал, гьеб параялъго магӏирукъ лъун буго гьезул азбар-къоноялда. Гьеб букӏун буго сала-калам хъвараб кагъаталда цадахъ лъураб, чӏегӏераб горги, горалда бакьулъ 2-3 гьитӏинаб каратӏги бугеб кагъат. Гьеб мехалда щибго бичӏчӏичӏел рокъосезе школалда мугӏалимлъун хӏалтӏулев вукӏарав Лъагӏилухъа Муса абулев чияс баян гьабун буго гьеб бугин кьвагьдохъабаз гӏужда речӏчӏизе хӏалтӏизабулеб букӏараб кагъат (мишень), гулла гӏужда речӏчӏизе бугеб жиндирго махщел нужедаги бихьизе цадахъ лъун бачӏарабилан. Гьебги букӏун буго гьесул Гори шагьаралда кьвагьдезе ругьун гьавулеб заман.
Рагъда кӏиявго вас (Гӏабдулагьги Мухӏамадги) тӏагӏарай гьезул эбел Багистан жийго хвезегӏанги йикӏунаан, рагъидаса бихьулеб нухлул сверелалдеги балагьун, нагагь гьениса вачӏунев чиясул сипат бихьани, гьев ватизе кколин жиндир цоявниги василан гаргадулей. Халатаб жо бугелъулха инсанасул хьул.
1942 соналда, кӏиго сон барай ясги рокъой тун, ана рагъде Мухӏамадов Гӏабдурахӏман. Амма кигӏанго урхъараб анищ букӏаниги, гьесда рагӏичӏо, лъачӏо хадуб чанго моцӏидасан вас гьавиялъул рохалилаб хабар. Гьебго соналъ рагъде арав Магьдиев Ибрагьим чӏванилан хабарги бачӏун, чӏегӏербан йикӏарай лъади Ибрагьимова Патӏиматида кватӏичӏого тӏаде бегана цоги къварилъи: вац — Гӏартӏиев Гӏаращ рагъда тӏагӏанилан цоги кьогӏаб хабар ва хадубккунисеб гӏумруялъ гьей, мунагьал чурад, хутӏана цохӏо вугев гӏажизав васгун.
41 чи вуссана рагъдаса росулъе. Рогьалилъ цо-цо, кӏи-кӏиккун зодоса тӏагӏун, ссун унел цӏваби кинниги, лъугӏун ана вахӏшияб рагъул кьогӏлъи бихьарал рагъухъаби. Абулмуслимов Гӏабдулагь гӏахьаллъана тушманасдаса Ростов шагьар эркен гьабиялъулъ, Харьковалъул мухъалдехун рукӏарал рагъазулъ. Гьениб цо росу эркен гьабулаго захӏматго лъукъарав Гӏабдулагь, сордо-къоялъ 42 градус квач бугеб бакӏалда хутӏула. Саратовалъул госпиталалде щвезеги бала 2 сордо-къо. 6 моцӏалъ гьенивги вегун, кваранаб хӏатӏил тӏогьиса килщалги къотӏун, къвалакь гӏунсбигун тӏадвуссуна росулъе. Амма хӏалхьиялда чӏезе рес букӏинчӏо, хьвадизе кӏваралдаса хӏалтӏана росдал советалъул, колхозалъул председательлъун ва цогидалги хӏалтӏабазда.
Ибрагьимов Гӏиса рагъда вукӏана минометчиклъун. 1944 соналъул январалда лъукъарав гьев, рагъуе ярагьунаревлъунги рикӏкӏун, рокъове витӏун вачӏана. 13 соналъ Гӏисал чорхолъ бакӏ ккун букӏана тушманасул гулла ва 1957 соналда бахъана гьеб къватӏибе. Гӏисаги хӏалтӏана колхозалъул бригадирлъунги, фермаялъул заведующийлъунги, гӏемерал соназ Кьохъ заводалдаги, школалъул завхозлъунги.
Хӏажимурадов Ражбадиница бицунаан цадахъ рукӏарал росуцоял Чупалаев Мухӏамадилги Гӏисахӏажиев Ниязбегилги. Кӏигониги нухалъ лъукъарав гьев рокъове витӏун вачӏана ва хӏалтӏана колхозалъул председателасул заместительлъунги, учетчиклъунги, агрономлъунги, завскладлъунги.
Гӏалимчилаев Мухӏамад, цин Грузиялда, хадув Ереваналда рагъуе ругьунги гьавун, витӏана фронталде. «Гьитӏинаб ракь» эркен гьабулаго, тушманас щулаго ккун букӏана цо гохӏ. Чанго нухалъ гьарурал гьужумаз хӏасил кьечӏо, нилъеразеги чӏахӏиял камиял кколел рукӏана. Къасиялдехун нижехъе вачӏана генерал, ва гьес суал лъуна щиб гьабунги щулалъи бахъизе кколин абураб. Тӏарадаса ахаде щвезегӏан кьерда чӏаразде берги щвезабун унаго, дида цеве щведал, гьев лъалхъана ва киса кколевилан гьикъана. Дагъистаналдаса кколин абидал, гьес абуна буюрухъ тӏубазе кӏвелищин абун. Кӏвелин дицаги абуна. Дида цадахъ витӏана цо офицер-снайперги. Рогьине дагьабго заман хутӏун букӏана тушманас ккураб щулалъуде аскӏоре ниж гӏагарлъулеб мехалда, ва циндаго дица цо чанго граната бухьараб жо рехана тушманасул дзоталде, ва гохӏда немцазул рихха-хочи лъугьана. Гьеб параялъго дица танказде рехулеб гранатаги ана балагьизабун. Кватӏичӏого биччараб сигналалъулаб ракетаялдасан байбихьана цадахъаб гьужум ва щулалъи нилъеразухъе щвана», — ян бицунаан гьес. Гьеб рагъулаб операциялда Мухӏамадие щун буго «Багӏараб цӏва» орденги. Рагъдаса вуссун хадув хӏалтӏана колхозалъул председателасул заместительлъун, бригадирлъун, ревизкомалъул председательлъун ва цогидал хӏалтӏабазда.
Хъазанбиев Гӏабдулмажид, 1939 соналда армиялде арав чи ккана рагъде. Гӏахьаллъана Австриялда, Румыниялда рукӏарал рагъазулъги, Дальний Востокалда Япониялъулгун рагъдаги. «Нижее тӏадкъай кьун букӏана тушманасул цонигияв кверде восизе. Цадахъ командиргун ва 5 солдатгун ниж ана разведкаялъ. Тӏоцебесеб сордоялъ битӏккечӏо. Тушманасул землянкаялдаги нижедаги гьоркьоб букӏана кӏиго километралъул манзил. Кӏиабилеб къоялъул маркӏачӏуда нахъеги ана анкьавго чи гьениве. Дунги командирги жанире кӏанцӏана, цогидал къватӏир тун рукӏана. Столалда тӏад таманчаги лъун, цояб квер бетӏералда гъоркьги чӏван, гӏодов чӏовухъе кьижун ватана немцазул офицер. Гьеб параялъ командирас кьабураб жоялъ гьев гӏодов ккезавуна. Дун, щиб гьабилебали лъаларого, виххун хутӏана. Гьедин, щибго ахӏи-хӏур бахъинчӏого, вачун штабалде щвезавуна нижеца немцав. Гьеб тӏадкъай тӏубаралъухъ дие кьуна «Бахӏарчилъиялъе гӏоло» медаль», — ян бицунаан Гӏабдулмажидицаги.
Ватӏан цӏунулаго хваразул ва тӏагӏаразул цӏарал рикӏун руго росу бакьулъ бугеб Кӏудияб Ватӏанияб рагъда хваразул хӏурматалда эхетараб памятникалда щула гьарурал мармаралъул ганчӏазда. Амма гьанжесеб гӏелалда лъаларо рагъдаса тӏадруссун, гьенир ккарал гӏузрабаз сакъатлъарал ва нилъедаса ратӏалъаразул цӏарал. Гьезулги цӏарал даим гьариялъе хӏалтӏи гьабизе тӏадаб буго нилъеда.
Магьди Гӏабдурахӏманов,
«Дир гӏагараб Игьали» тӏехьалдаса