Бежтӏа росулъа Шапигӏилазул тухумалдаса Кӏудияб Ватӏанияб рагъда гӏахьаллъана Мухӏамад Хизриев

Дир эбелалъул вукӏана лъабго вац. Жиндирго лъимерлъиялъул хӏакъалъулъ бицунеб мехалда, гьелъ киданиги рехсоларо бищун кӏудияв вац Мухӏамадил цӏар. Гьей гьаюна вац рагъда вугеб заманалда. «Нижгун кидаго цадахъ вукӏунаан гьитӏинав вац Мухӏамадхӏажи. Мухӏамад эмен вугин кколаан дида. Эменго гӏадав вукӏиналъги, инсул хӏеренлъиги лъикӏлъиги дида лъачӏелъулги батила. Инсулаб тӏалаб гьабулаан гьес нижер кӏудияб хъизамалъул. Хъизан гьабурав гьев вукӏунаан жиндирго минаялда, нижедаса батӏаго. Гьесда аскӏое инецин хӏинкъулаан дун. Рукъалъул ва магӏишаталъул гӏиси-бикъинал масъалабазулги гьесда бицинеги нечолаан дун. Дица бицинчӏониги, лъан ратулаан гьесда гьел ва кидаго ватулаан кумекалъе. Амма гьев вукӏана цӏакъав маслихӏатчи, росдал гӏолилазе гӏакъилчи. Цӏакъ адаб гьабулаан гьесул тухумалъ ва росдалго бихьиназ. Гьесие бокьулароан гӏемераб хабар бицине. Гӏощтӏоца къотӏараб гӏадин гьабулаан хӏукмуги. Цо рагӏи гӏолаан гьесул! Жакъасеб гӏелалъ гӏадахъцин босуларо чӏахӏиязул пикру, амма дир вацас абуралдаса кьурулароан цониги чи», — ян бицана эбелалъ.

Имгӏал Мухӏамад рагъде ана 1942 соналда. Гьев ккана фашистаздаса Кавказ цӏуниялъе гӏоло къеркьолеб 137-абилеб кьвагьдохъабазул дивизиялде. Кавказалъул чӏегӏернартиде хьул лъурав Гитлерил амру тӏубалаго, фашистаз гьенибе рехун букӏана кӏудияб къуват. Хизриев гӏахьаллъана тушманасдаса Моздок шагьар эркен гьабиялъулъ. Унел рукӏана кьварарал рагъал ва гьезул цоязда Мухӏамад захӏматго лъукъана. Гьев витӏана госпиталалде. Ругънал сахлъаралго, гьев цӏидасан лъугьана тушмангун къеркьолезул кьеразулъе.

Мухӏамадил дивизия щун буго Югалъулаб Украинаялде. Имгӏал вагъана Таганрог ва Керчь шагьарал эркен гьариялъул рагъазулъ. Кӏудияб Ватӏанияб рагъул тарихалда даим хутӏана Керчь шагьар тушманасдаса бацӏцӏад гьабиялъул мурадалда гӏумруялда барахщичӏого рагъарал аскариязул бахӏарчилъи. Керчалъе кьуна Бахӏарчи-шагьарилан абураб цӏарги. Гьел рагъазулъ къвакӏигун бихьинчилъи загьир гьабуна имгӏаласги. Къуркьи гьечӏеб рагъулъ гьев нахъеги захӏматго лъукъана. Госпиталалда бана гӏемераб заман. Сахлъараб мехалда, Мухӏамадица нахъеги гӏарза кьуна цӏидасан рагъде витӏеянги гьарун. Амма рагъулабгун медицинаялъул комиссиялъ гьесие инкар гьабуна. 1944 соналда, рагъуе ярагьунаревлъунги рикӏкӏун, имгӏал витӏана рокъове.

Росулъе тӏадвуссарав имгӏалас байбихьана гӏагараб колхозалда хӏалтӏизе. Мухӏамад Хизриев мустахӏикълъана «1941-1945 соназул Кӏудияб Ватӏанияб рагъда гьабураб бахӏарчияб захӏматалъухъ» абураб медалалъе.

Кьуна гьесие шапакъатал рагъда гӏахьаллъаралъухъги. Рагъулаб хӏаракаталъухъ гьев мустахӏикълъана хӏакъалъулъ Жуковасул медалалъе, Кӏудияб Ватӏанияб рагъул тӏоцебесеб даражаялъул орденалъеги ва гӏемерал медалазеги.

1958 соналда ригьин гьабуна имгӏалас. Гьесги лъади Зугьратицаги гӏезабуна микьго лъимер – щуго васги лъабго ясги. Гьеб кӏудияб хъизан хьихьизе хӏаракат гьабизе кколаан. Гьес бана росулъго берцинаб ва кӏудияб мина. Гьелда цебе букӏараб ракьул бутӏаялда гӏезабуна гӏечул ах – дол соназда Бежтӏа росулъ къанагӏат гурони букӏинчӏо пихъил ахго. Магӏарухъ чарагьечӏого хӏажалъулеб векьарухъанасул захӏматалъул балъголъи гьесие щун букӏана инсухъа, ва гьесги гьеб малъана жиндирго васазда. Ирсалъе хутӏана гьезие инсул минаги гӏечул ахги.

Мухӏамад Хизриев хӏалтӏана батӏи-батӏиял хъулухъазда. Росулъ рагьана цин почалъул ва хадубккун нухазул магӏишаталъул отделениял ва гьезие нухмалъи гьабизе тӏадкъана Хизриевасда. Гьедин гьес байбихьи лъуна росулъ рагьарабщинаб цӏияб идараялъе нухмалъиялъе: рохьил магӏишаталъулги, ОКХялъулги, маслопромалъулги, районалъул киносеталъулги. Мухӏамад Хизриевас хӏалтӏи течӏо хӏурматияб хӏухьбахъиялде витӏизегӏан. Гьебмехалдаги захӏматалдаса инкар гьабичӏо гьес.

Хизрилазул тухумалъул буго Ашкуваъ абураб кули. Бусаде ккезегӏан, гьенив вукӏунаан имгӏал. Нижее, лъималазе, гьес рицунаан батӏи-батӏиял лъугьа-бахъиназул хӏакъалъулъ харбал. Амма киданиги бицунароан рагъулги гьениб хӏехьезе ккараб гӏакъубаялъулги хӏакъалъулъ. Ичӏабилеб маялъул байрамкъоялде гьевги цогидал ветераналги чарагьечӏого ахӏулаан школалде. Гьениб, рагъул нухазул бицунаго, гьезул бадиб хулулаан магӏу, сородизе байбихьулаан гьезул гьаракьги. Бихьинчи гӏодуларин абун куцарал нижеца гӏажаиблъи гьабулаан гьелда. Нижее, лъималазе, гьев вукӏана хӏинкъи-къай лъаларев чанахъан. Росулъ тӏибитӏун буго гьадинаб бицен. Нагагь, рохьов вукӏаго, ци яги цогидаб жанавар дандчӏвани, ахӏизе ккола «Воре, довасан Ибрагьимилав, гьанисан Хизрилав!» абун. Гьеб мехалда жанавар, хӏинкъун, тӏуризе буго, инсанасе заралги гьабичӏого. Гьедин абиялъе гӏилла букӏана Хизрилавги гьесул яцалъул бетӏергьанчи Ибрагьимилавги гӏужилал чанахъаби рукӏин. Бежтӏадерил боцӏуе бацӏазги циязги хӏалхьи толарого букӏунаан. Гьебмехалда кӏиявго гӏагарав чи вахъунаан чанаве. Дида киданиги рагӏичӏо имгӏалас ритӏучӏ яги кьурул бис чӏванилан абун. Аслияб къагӏидаялда чан гьабулаан цияздегун бацӏазде.

Гьанже бичӏчӏула дида дол ветераназул, хасго кидаго согӏавлъун, кьвараравлъун нижеда лъалев имгӏаласул бадиса гирулел рукӏарал магӏил гаразул магӏна.

Имгӏал хвана 1997 соналда. Ихдалил бакъуца жеги тӏубанго хинлъизабун бахъинчӏеб, амма гӏагараб умумузул ракьулъ парахалъана бахӏарчияв солдатасулги кӏвахӏ лъаларев захӏматчиясулги жаназа. Ракьалда хутӏана гьесул баракаталъул лъалкӏал – инсул ирсалъе мустахӏикъал лебалал васалги гьесул адаб цӏунун гӏумру гьабулел хӏалимал ясалги. Щибаб соналъул ичӏабилеб маялда Хизриев Мухӏамадил лъималазул лъималги чӏола «Хвелгьечӏеб полкалъул» кьеразда. Рахъуна кӏудияв инсул суратги кодоб ккун.

Кавсарат Сулейманова