Ирсилазул парад

Ватӏаналъе рухӏ кьуразул адаб гьабизе ккола кидаго

Гьал къоязда «Дагъистан» РИАялда тӏобитӏараб данделъиялда бицана республикаялда «Хвел гьечӏеб полк» абун цӏар лъураб тадбир гӏуцӏиялъул хӏакъалъулъ. Россиялъул «Хвел гьечӏеб полкалъул» ДРялда бугеб исполкомалъул нухмалъулей Сабина Къурбановалъ ва жамгӏияб гӏуцӏиялъул регионалияб штабалъул вакил Сефижат Мухӏамадрасуловалъ бицана улкаялдаго «Хвел гьечӏеб полк» гӏуцӏиялъул ва гьеб жамгӏияб багъа-бачарилъун лъугьиналъул хӏакъалъулъ.

Дагъистаналда «Бергьенлъиялъул ирсилазул парад» тӏобитӏизе байбихьана 2013 соналдаса нахъе. Гьенир аслияб къагӏидаялъ гӏахьаллъулаан цӏалдохъабигун студентал. Хадуб тӏобитӏизе байбихьараб «Хвел гьечӏеб полкалъулъ» тадбиралда щибаб соналъ цохӏо Махӏачхъалаялда гӏахьаллъула 16 000 чи, тӏолабго республикаялдайин абуни, гӏахьалчагӏазул къадар бахуна 30 000-ялде.

«Кӏудияб Ватӏанияб рагъул хӏакъалъулъ нилъеда жеги гӏемераб жо лъаларо. Амма лъала балугълъиялде рахинчӏел гӏолилазцин, жидеего бокьун, гьелда гӏахьаллъи гьабураблъи. Гьединал бахӏарзазул хӏакъалъулъ бицинеги ккола нилъеца ва адаб гьабизеги тӏадаб буго», — ян бицана Сабина Къурбановалъ.

«Хвел гьечӏеб полкалъул» исанасеб тадбиралда гӏахьаллъизе вуго 2500 цӏалдохъанги, гьединго тӏоцебесеб нухалда гӏахьаллъизе вуго 30 волонтер-медикги. Нагагь щиб кканиги, гьезухъ рукӏине руго тӏоцебесеб кумекалъе хӏажатабщинаб жаниб лъурал санитариял сумкаби.

«Хвел гьечӏеб полкалъул» тадбир байбихьизе буго сагӏат 12 тӏубайдал ва Ленинил цӏаралда бугеб майданалдасан ине руго Расул Хӏамзатовасул цӏаралда бугеб къватӏккун, Авартеатралде цере щвезегӏан. Гьениб сагӏат лъабгоялда бихьизабизе буго концертги. Гьебго заманалда концерт букӏине буго Даггосфилармониялъул риидалилаб майданалдаги.

Патӏимат Султӏанмухӏамадова