Тӏабигӏияб балагьалъ мугӏрузул районазда щвезабураб кьаби лъугьана нухмалъулезе экзаменлъун

Кӏудияб Ватӏанияб рагъда бергьенлъи босараб къо кӏодо гьабулел нилъ киналго рукӏаго, цо-цо районазул росабазул гӏадамазе тӏабигӏияб балагьалъ кӏудияб зарал гьабуна. Масала, Гумбет ва Цӏунтӏа районазул росабалъе бараб хехаб чваххун цӏадалъул ва горо-цӏералъул хӏасилалда щун рачӏарал лъараз хвезабуна нус-нус хъизамалъул къайи-свери, магӏишат.

Гьеб лъугьа-бахъиналда бан, ДРялъул нухмалъиялъ лъазабуна къварилъи ккаразе кумек гьабизе бугин ва жавабиял идарабазул хӏалтӏухъабазда тӏадкъана ккараб заралалъул мухӏканлъи лъазабейилан. Гьединаб мурадгун ДРя-

лъул бетӏерасги, вертолеталдаги рекӏун, гьаваялдасан халгьабуна зарал ккарал росабазухъ. Гьединго хӏукуматалда тӏобитӏараб данделъиялда гьес гьадин абуна: «Гьаб лъугьа-бахъин ккола нилъер щивасе экзаменлъун. Цоязе — гьабураб хӏалтӏухъ шапакъат щвела, цогидалин абуни, ай жиндир заманалда тӏадал ишал тӏуразаричӏел хӏалтӏудаса махӏрумлъила», — ян.

Гумбет

Ичӏабилеб маялда Гумбет районалъул Гъоркьа Инхо росдал 111 минаялъе зарал ккана. Гумбет районалъул бетӏер Хӏажимурад Мухӏамадовас бицана иххаз босун анин 12 транспорт, 50-ялдаса цӏикӏкӏун чӏегӏерхӏайван ва тӏабигӏияб балагьалъ гьабураб заралалъул мухӏканлъи жеги лъазабулеб бугин.

«Росдал магӏишаталъеги ккана кӏудияб зарал. Цӏороца хвезабуна 153 гектар ракьалда ругел ахалгун хурзал, гьездаго гьоркьоб 144 гектаралда бугеб ахбазаналъул, мокьрол ахал, 1,5 гектаралда ругел цӏулакьодул ахал, 2 гектаралда цӏолбол ва цогидалги нигӏматазул ахал. Гъоркьа Инхо росулъ хвезарун рукӏарал лъел мухъал къачӏана. Участковияб больницаялдеги унеб нух тӏубанго хвезабун букӏана. Гьебги хехго къачӏана», — ян бицана Хӏажимурад Мухӏамадовас.

Гумбет районалъул росабазул гӏадамазул аслияб къагӏидаялъ бе-тӏербахъи букӏуна хур-ахалдалъун. Гьединлъидал, ккараб заралалъул

хӏисабги гьабун, документал хӏадуризе ругин ва кумек гьабизеги кколин абун бицана ДРялъул росдал магӏишаталъул ва продовольствиялъул министр Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовас. Гьенибго рехсана росдал магӏишаталъе 36 миллионалдасаги цӏикӏкӏун гъуршил зарал ккун бугин абураб баянги.

Тӏабигӏияб балагь ккун хадуб, Гумбет районалде щвана ДРялъул бетӏерасул ва хӏукуматалъул администрациялъул бетӏер Владимир Ивановги. Гьес бицана районалда лъел мухъал къачӏан ругин ва Рос-потребнадзоралъул управлениялъул тӏалабалда рекъон, гьекъолеб лъел хӏал-хӏукму лъазабун бахъинегӏан, Гъоркьа Инхобе гьеб машинабаз баччун щвезабулеб бугин. Гьализабун гурони лъим гьекъезе бегьуларин лъазабуна Роспотребнадзоралъул

управлениялъул нухмалъиялъги.

ДРялъул сахлъицӏуниялъул министр Жамалудин Хӏажи-ибрагьимовасул баяназда рекъон, тӏабигӏияб зарал ккарал росабалъ бугеб ахӏвал-хӏал рукӏалиде ккезабун буго. «Киналго росаби хӏажатал дарабаздалъун хьезарун ва «А» гепатиталде данде прививка гьабизе кколел гӏадамал хӏисабалде росун руго», — ян бицана министрас.

МЧСалъул ДРялда бугеб бетӏераб управлениялъул нухмалъулев Нариман Казимухӏамадовасги абуна районалда МЧСалъул къокъабазул хӏалтӏи лъикӏго гӏуцӏун ва тӏабигӏияб балагьалъул хӏасилалда зарал ккарал гӏадамазе кумек гьабулеб бугин.

Цӏунтӏа

ДРялъул транспорталъул ва нухлул магӏишаталъул министр Ширухан Хӏажимурадовас бицана, тӏабигӏияб балагьалъул хӏасилалда Гумбет районалда ункъо батӏияб бакӏалдаса машинадул нухал хвезарун рукӏанин ва хехаб къагӏидаялъ гьел къачӏанин. Хадурккунги гьел кколеб хӏалалда къачӏазе ругин.

«Гумбет районалда букӏараб нухал къачӏалеб техникаги Цӏунтӏа районалде бачана. Гьениб цӏакъ захӏматаб хӏал буго. Лъабго бакӏалдаса ччукӏун ун рукӏана нухал, хвезабун букӏана Агъвали-Шаури-Кидеро шагьранухги. Къачӏалел руго Цӏунтӏа-Мокъокъ шагьранухги», — ян бицана Ширухан Хӏажимурадовас.

Цӏунтӏа районалъул бетӏер Шамил Мухӏамадовасул баяназда рекъон, 7-10 маялда рарал цӏадаз хвезабун буго кинабниги 16 кьо.

«Цӏикӏкӏараб зарал ккана Кидеро росдал администрациялде гьоркьобе унеб ункъо росдае. Кидеро-Мокъокъ шагьранухлул 400 метралъул манзилалда нух ччукӏун ун буго. Тӏабигӏияб балагьалъул хӏасилалда бегана токалъул вышка. Районалъул 26 росулъ букӏинчӏо ток. Жакъайин абуни, киналго росаби токалдалъун хьезарун руго. Тӏабигӏияб балагьалъ гьабураб заралалдаса хадур гьарурал хӏалтӏабазулъ гӏахьаллъана 2000 чи. Цереккунисел баяназда рекъон, Цӏунтӏа районалда тӏабигӏияб балагьалъ зарал гьабун буго 157 минаялъе», – ян бицана районалъул бетӏерас.

— Гьеб киналъулго мухӏканаб хӏисаб-суал гьабизе ккола. Гьединал бакӏазда бихьула нухмалъулезул бажариги, жигарги, хӏалтӏудехун бугеб бербалагьиги, — ян кӏалъана ДРялъул бетӏер. — Видео-конференциялъул кумекалдалъун халгьабулеб буго киб цӏикӏкӏун зарал ккун бугебалиги, кинаб рахъалде техникаги къуватги битӏилебалиги. Кумек гьабизе буго республикаялъул нахъраталилаб фондалдасаги. Амма нужецаго гӏадин нужер хӏалтӏи гьабизе къватӏиса чи вачӏунаро. Щивасдаса тӏалаб гьабизе буго хӏалтӏул хӏасилги. Нилъеца бизнесалъулги, администрациялъулги, жамгӏияталъулги къуват цолъизабизе ккола.

Цӏумада ва Бежтӏа

Цӏумада районалда рарал цӏадаздаса хадуб, хӏухьбахъиялъул ахал ччукӏун ун гуреб, кӏудияб зарал ккечӏин бицана районалъул бетӏер Анвархӏажи Вечедовас.

Бежтӏа участокалъул бетӏер Тажудин Нажмудиновас бицана муниципалитеталда рарал чваххунцӏадаз иххал рахъинарунин, Гьинухъ габурлъиялдасан унеб нухги гьабсагӏаталда къан бугин. Нух къачӏаялъул хӏалтӏаби унел руго гьабсагӏаталда.

«Киназго гьабизе ккола къварилъи ккаразе кумек. Рагӏабаздалъун гуребха, ишалдалъун. Цӏунтӏа районалда нух къачӏалев тракторист вихьана. Дида бицана гьев чи къаси-къад чӏечӏого хӏалтӏулев вугин. Гьеле гьединал гӏадамаз ккун буго Дагъистан. Гьединаздаса мисалги босун хӏалтӏизе ккола нилъги», — ян лъазабуна Владимир Васильевас.

Горо-цӏад

Гьал къоязда хехаб чваххун цӏад ва горо-цӏер бана Лаваша, Хунзахъ, Гӏахъуша, Дахадаев, Дербент ва Гъаякент районазда. Социалиял гьиназда тӏиритӏун ругоан Лаваша районалда бараб цӏулакьоялдаса чӏахӏияб горо-цӏералъ машинабазул цӏурдул ва минабазул шиферал гъуризарунин рихьизарулел видео ва суратал. Дагъистаналда бугеб МЧСалъул бетӏераб управлениялъул баяназда рекъон, гӏадамасул сахлъиялъе зарал ккараб хӏужа гьечӏо.

Патӏимат Султӏанмухӏамадова