Дагъистаналъул букӏинеселъе гӏоло

Заман щун буго цолъизеги гъункизеги

Хвел гьечӏеб полк ургъана халкъалъ – 2012 соналда Сибиралдаса патриотазда ракӏалде ккана гьеб тадбир гӏуцӏизе. Тӏоцебесеб нухалда гьелъул хӏакъалъулъ пикру загьир гьабуна Тюменалдаса пенсионерас. Томскалдаса журналистазул хӏаракаталдалъун гьеб пикру машгьурлъана ва тӏибитӏана. Амма гьеб иш унго-унголъунги халкъияблъун лъугьиналъе квербакъана Гӏаммаб Россиялъул жамгӏияб фронталъ. Ахирги гьеб иш кодобе босана федералияб власталъ. Гьенисан гӏуцӏараб лъазабиялда рекъон, гьукъана Сталинилги Кӏудияб Ватӏанияб рагъул цо-цо церехъабазулги суратал тадбиралда хӏалтӏизаризе.

Дунги гӏахьаллъана «Цогояб

Дагъистан» абураб гӏуцӏиялдаса кӏинусго гьалмагъгун цадахъ Хвел гьечӏеб полкалъул тадбиралда. Багӏарараб бакъукь сагӏаталдасаги цӏикӏкӏараб заманалда эхетизе кканиги, гьениб букӏана байрамалъулаб хӏал. Халкъ ана Магӏарул театралдехун ва гьелдаса хадуб рикьа-

риххана. Митингалдаги концерталдаги дагьав гурони чи хутӏичӏо.

Цо-цояз гьикъизе бегьула кинаб пайдаха ккарабин майданалдаса театралде щвезегӏан рилълъиналъулин абун? Гьел ритӏаралги рукӏинаан. Битӏараб бицани, дир ихтияр букӏарабани, гьеб акция дица хӏалтӏизабилаан батӏиял мурадазе гӏоло. Лъалеб букӏахъе, нилъер халкъал (Россиялъулги Дагъистаналъулги) лъугьун руго пикрияб, ай психологиялъул ва культурая-лъул, лъайкьеялъул ва экономикаялъул, балъгояб рагъул объекталлъун. Гьединаб рагъалда абула «гибридиябинги». Гьединаб рагъул

хӏасилалда нилъ махӏрумлъула нилъерго хаслъиялдаса (культураялдаса, мацӏалдаса, интеллекталдаса), нилъерго сурсатаздасаги лъидаго рачӏеллъун хутӏиялдасаги. Гьеб кинабго гьабула щибго гӏедегӏел гьечӏого ва гьединлъидал гьел хиса-басиял хутӏула гӏадамазда лъачӏогоги.

Лъицаха гьабулеб бугеб гьеб «рагъ»? Гьеб гьабулеб буго компрадорияб Россиялъул олигархаз ва гьезде гӏагараб политикиябги, культуриябги, информациялъулабги элитаялъги, гьезул рахъкколел журналистазгун экспертазги. Патриотизмалъулги бицунаго, халкъги махсараде кколаго, нилъее кӏиго моцӏалъ хӏалтӏунцин щолареб харж цо къоялъги босун, халкъ махсараде кколел гӏадамаз. Гьебго заманалда гьез жидерго ишал рекъезарула Бакътӏерхьул улкабазда (дора руго гьезул лъимал, гӏарац ва мулк). Хӏакъикъаталдаги, гьеб кинабго «патриотияб» къокъаялъ гӏумруялде бахъинабула Россиялда бугеб СШАялъулги Великобританиялъулги колониалияб администрациялъул политика. Гьезул божарал чагӏи руго улкаялъул президентасул администрациялдаги.

Гьеле гьединал суалал кьечӏого рукӏине, ургъун буго Кӏудияб Ватӏанияб рагъда жидее гӏоло бергьенлъаби росарал игӏланал хӏалтӏизаризе гьукъараб «Хвел гьечӏеб полкалъул» уставги; бегьуларо митингалде рахъине, нилъер халкъазулгун балъгояб рагъ гьабиялъул суалазул хӏакъалъулъ бицунги. Бегьула гӏицӏго гӏагарал чагӏазул сураталги кодор ккун, «Гьура! Гьураян» ахӏизе.

Ниж, рехсараб уставалъул къорикьа кинниги рорчӏиялъул мурадалда, театралъул майданалдасаги рилълъана Ленинил Комсомола-лъул цӏаралда бугеб паркалде – Даимаб цӏадухъеги Цӏар лъаларев солдатасе бараб памятникалъухъе-ги щвезе. Ниж – «Цогояб Да-гъистан» абураб ахӏиялъ цолъизарурал ва Пачалихъияб Думаялда гъорлъе инчӏел партиязул вакилзабиги (Россиялъул захӏматалъул партия, Росу цӏилъизабиялъул партия, Россиялъул патриотал), Казбек районалдаса «Алмахъ» абураб жамгӏияталъулги, «Халкъазда гьоркьосеб бригада» ДРООялъулги, Шоферзабазулги предпринимателазулги лъидаго рачӏел профсоюзазулги церехъаби – кинавниги лъабнусгогӏанасев чи. Бажарулаан, жеги гӏемер чи къватӏиве вахъинавизеги, амма «Хъахӏаб ру-къалъ» малъана, «цӏакъго хӏаракат гьабугеян» абун. Лъуна памятникалда цере тӏугьдулги, рахъана ракӏалдещвеялъе сураталги, бицана цолъизеги гъункизеги къваригӏун букӏиналъул хӏакъалъулъги, щайгурелъул Дагъистаналъе захӏматал къоял жеги цере руго.

Кидаго гӏадин, «цӏодорлъи» гьабуна полициялъги. Цин гьез Северияб посталда чӏезавуна «Алмахъ» абураб жамгӏияб гӏуцӏиялъул анкьго вакил – туснахъ гьарурал ДРя-лъул МВДялъул офицерал, вацал Гӏашикъовазул сураталгун рачӏунел ругин багьанаги батун. Ахӏизе ккана полициялъулазухъе ва гӏицӏго ункъо сагӏаталъул гара-чӏварияздаса хадур эркен гьаруна гьел.

Паркалда рукӏаго, нижехъе вихха-

хочун вачӏана Советский РОВДя-лъул начальник: цӏакъго «цӏодорав» полициялъулас лъазабун батизе буго, гьениб вацал Гӏашикъовазул рахъккун, митинг тӏобитӏулеб бугин. Гьеб бакӏалдаго гьес байбихьана «дагьалъ цевегицин Хъахӏаб рокъов хӏалтӏулев вукӏарав» диде семизе «гьединаб иш гьабунилан ва гьелда гӏахьаллъулев вугилан» абун. Хадуб гьес буюрухъ кьуна гьав-дов кквеян, сверункъаян, щивниги къватӏиве виччагеян абун.

Дида бичӏчӏана, гьесухъе гьересиял баянал кьун ругеблъи ва хӏалбихьана, гьаниб митинг гьечӏин, гӏадамал рокъоре тӏадруссунел ругин ва цо-цоял гьеб ишалда гьоркьор рукӏинего рукӏинчӏин гьесда бичӏчӏизабизе. Гьес жаваб гьабуна, «отделалда кинабго баянлъила…» абун. Лъикӏ бугоха. Гьаризе ккана гӏолохъабазда, сабру гьабеян, гуреб-ани, гьезде гӏунтӏизабилаан «власталде дандечӏей гьабиялъул, хӏатта полициялъулал рухиялъулгицин» гӏайиб. Анцӏгониги къуватав бихьинчи вачун ана РОВДялде. Дунги даргияв Абакар Къурбанисмагӏиловги ине ккана гьезда хадурго отделалде. Талихӏалъ, полициялъул гӏакъилаб нухмалъиялда бичӏчӏана, хӏакъикъат кинаб бугебали.

Кинаб хӏасилха гьабураб гьеб лъугьа-бахъиналдаса хадуб? Гьайгьай, гӏиси-бикъинал дагӏбаялги кӏочон тун, цолъизе ккола. ДРялъул МВДялъ некӏого хӏалтӏизабулеб буго, такъсир гьабилалдего тами-хӏалде цӏалеб къагӏида, цо щиб букӏаниги гьабизе гуринги абун. Низам хвезабиялъул хӏужа ккелин абунцин гуреб, тӏадегӏанаб нухмалъиялъе бокьичӏеб иш ккезе гурин яги гьезухъа ругьел бачӏанин абунги. Гьелъие руго гӏурал мисалал. Машинаялда жанир вацал Гӏашикъовазул суратал ратанин абун, ичӏабилеб маялда Казбек районалдаса гӏолохъаби кквейги, «Цогояб Дагъистан» абураб акцияги. Ракӏалдещвезаризе бегьула анцӏ-аза-зар дагъистанияв, динияб бербалагьи сабаблъун, хасал сияхӏазде росиги. Щибниги такъсирияб иш гьабичӏониги, гьезул рукӏуна гӏемерал масъалаби: я росулъ, яги шагьаралдаса къватӏире рахъине толаро, я хӏалтӏуде лъугьине рес кьоларо. Гьебго сияхӏалда рехсезе бегьула 2016 соналда Шамил районалда чӏварал вацал Хӏасанхӏусеновалги гьеб такъсир гьабуразе низам гьабунгутӏиги.

Дир пикруялда, республикаялъул нухмалъиялъул чӏахӏиялги гьоркьохъелги кабинетазда кидаго кӏочонел руго улкаялъул Аслияб законги хвезаризе рес гьечӏел Дагъистаналъул къануналги. Заман щвечӏодай, гьедин гьабизе бегьуларин абун гьезда ракӏалдещвезабизе?

«Хвел гьечӏеб полкалъул» хӏакъалъулъ абуни, цебетӏезабизе ккола гьадинаб пикру. Гӏицӏго ветераназулги рагъул гӏахьалчагӏазулги суратал рихьизари гуребги, халкъалъулгун гьабулеб балъгояб ра-гъул масъалабазул хӏакъалъулъги бицине ккола гьелда. Заман щун буго – Дагъистаналъулги тӏолабго Россиялъулги букӏинеселъе гӏоло – цолъизеги гъункизеги.

Денга Халидов,

Россиялъул Кавказалъул халкъазул конгрессалъул президиумалъулги ДРялъул Жамгӏияб палатаялъулги член