Гӏетӏ базабулареб бизнес

Жидерго яхӏ-намус хӏатӏикье рехаразул пиша

Советияб заманалда гьардухъ рахъин рикӏкӏунаан ничаб ишлъун. Цебе, хӏалтӏизе бокьуларел чагӏийиланги абун, гьардухъабазе гӏадлу гьабулаан, бадибчӏвай гьабун нечезарулаан. Жакъа гьездехун дагӏба гьабулев чи къанагӏатги вукӏунаро. Дагъистаналда, хасго Махӏачхъалаялда гьардухъабиги цӏакъго гӏемерлъун руго. Гьел руго базаразда, мажгитазда аскӏор, больницабазул кӏалтӏа, шагьранухазда… Гьаниргӏан гӏемер гьел гьечӏо я Краснодаралда, я Ставрополалда, я мадугьалихъ ругел цогидал республикабаздаги. Россиялъул законазда гьечӏо гьардухъ вахъарав чи тамихӏалде цӏалеб статья. Амма РФялъул №151 статьяялда рекъон, санаде рахинчӏел гьардухъанлъи гьабизе тӏамурасе гьабизе бихьизабун буго кьварараб тамихӏ. Квеш ккараб жо буго гьеб закон кагътидаго хутӏун букӏин.

Дагъистан буго, аслияб куцалда, бусурбабаз гӏумру гьабулеб республика. Нилъер гӏадамалги руго къварилъи ккарасе кумекалъулаб квер бегьизе хӏадурал. Нилъераз гьардухъанасе садакъаги кьола. Халкъалда гьоркьоб гьабураб цӏех-рехалъ бихьизабуна дагъистаниязул 51 проценталъ гьардухъанлъи гьаби какулеб гьечӏолъи ва гьезие садакъа кьолеб букӏин. 37 проценталъ рикӏкӏунеб буго гьеб гьукъизе кколин. Гӏицӏго 14 проценталъ кьолеб гьечӏо гьединазе беццаб шагьи.

Кин батаниги, нилъер ракӏгурхӏула мина бухӏаразда, рагъ-кьалалдаса лъутун рачӏаразда, къварилъиялде ккаразда… Нуцӏидаги кӏутӏун гьардезе вачӏарав нахъе къотӏиги къана гӏатаб жо буго. Масала, къойида жаниб шагьаралда гьардухъанасе, гьоркьохъеб къагӏидаялъ, щолеб буго 500-5000 гъурущ. Тӏубараб къоялъ хӏалтӏуда рукӏунел гӏемерисел дагъистаниязда макьилъцин бихьуларо гьединаб харж. Гьаниб бачӏунеб буго суал: цеве ватарав гьардухъанасе садакъа кьей лъикӏлъи, ай Аллагьасе бокьулеб гӏамал гьабиго бугодайин абураб. Нилъецаго гӏемерлъизарулел гьечӏодай гьардухъабазул къокъаби?

Махӏачхъалаялъул мажгиталъул имамас рузман къоялъ гьабураб вагӏзаялда абуна: «Республикаялъул шагьаразул мажгитазул кӏалтӏаги чӏун, гьардолел чагӏи цӏакъго гӏемерлъун руго. Рузман ва байрамкъояз гьардолез мажгитал битӏахъе сверунккун рукӏуна. Масала, щибаб рузманкъоялъ «яцалъе операциялъе кумек гьабе» абун тӏад хъвараб ящикги цебелъун, гьаб мажгиталъул кӏалтӏа вукӏуна хъахӏаб горде ретӏарав гӏолохъанчи. Дица гьесда гьикъана, яцалъе щиб къварилъи бугебилан. Операция гьабизе кколеб хӏалалда унтун йигин жаваб кьуна гьес. Дур яцищ гьейилан цӏехедал, гурин абуна, диналъул яц йигила. Диналъул яцалъе гӏарац бакӏаризе мун гьелъул гӏага-божарав чийищ кколевин абун гьикъидал, магӏна-гӏин гьечӏел жал рицине лъугьана. «Яцалъе» кумек къваригӏун батани, дида аскӏове вачӏа, яги гурхӏел-рахӏмуялъулал фондазде а, гьез гьабула кумекилан малъана. Москваялде яги Санкт-Петербургалде ячун, операция гьабизе кколеб хӏал батани, дун ина сахлъицӏуниялъул министрасухъе квота кьеян гьаризеян абидалги, добго хабар бицана. Гьагъав ккола жиндиего бизнес гьабулев чи. Гӏемерисел гьардухъаби гьеб тайпаялъул руго, гьединал чагӏазе садакъа кьеян дица абиларо. Нужеца бокьани кье, бокьичӏони кьоге», — ян.

Махӏачхъалаялъул маххул нухлул вокзалалда ятарай гӏаданалъ, 100 гъуруш кьедал, гьадин бицана:

— Дун йиго тажикай. Дида цӏар буго Насиба. Лъабабилеб сон буго ниж гьаб пишаялде руссун ругелдаса. Гьаниб бугеб гьава-бакъ нижее дандеккола, гӏадамалги руго лъикӏал, садакъа кьолел. Дица Тажикистаналда бугеб гӏагарлъиялъегицин кумек гьабула, — ян.

— Цӏализе, хӏалтӏизе бокьилинго кколарищ?

— Цебе кколаан, гьанже кколаро. Дун гьаб пишаялде ругьунлъун йиго.

— Мун «хӏалтӏудаса» нахъе гъолел чагӏи кколищ, полициялъулаз дагӏбаго балищ?

— Цо-цо гьединаб квалквалги камуларо, нижер тӏалаб гьабулел хасал чагӏи рукӏуна, полициялъулалги кваназе кколелъулха.

— Дагъистаналда халатбахъун чӏезе ракӏалда бугищ?

— Квалквал гьабичӏого тани, киего инаро.

Аслияб куцалда, гьардухъаби рукӏуна шагьаралъул рагӏаллъабазда аскӏор ругел поселоказда рукъзалги ккун. Гьенибги букӏуна цӏогь, чороклъи, квешаб махӏ. Тохтур Мухӏамадов Муртазагӏалица бицухъе, къватӏиса рачӏарал гьардухъабаз нилъехъе росун рачӏине рес буго гьанир рукӏунарел рахунел унтабицин. Гьардухъабазе прививкабиги гьаруларелъул.

Налогазулаб идараялъ къалмиде босизе бегьулеб цо мисалги рехсела. Германиялда хӏалтӏулев Магӏазов Владимирица бицана гьениб гьардухъанлъи гьабизе бокьарас шагьаралъул мэриялде кьезе кколила гьелъие изну гьарун гӏарза. Щивав гьардухъанасе бихьизабураб бакӏги букӏунила. Мэриялъул вакилас гьесухъе, пломбаги бараб, жанибе гӏарац рехизе каратӏги бугеб банка кьолила. Бакъанида, рокъове иналде, гьардухъан мэриялде ине кколила. Гьениб, хасав чияс, къоялъ щвараб гӏарац рикӏкӏунила, 30 процентги хӏукуматалъе тун, 70 процент гьесухъе кьолила.

Кибха бугеб нилъер миграциялъулаб хъулухъ, полиция, ГИБДД, шагьаразул администрациял, лъималазул ихтиярал цӏунулеб идара, санэпидстанция?! Гьаниб бачӏунеб буго цо гьадинаб суалги. «Берда цере ругел гьардухъабазе гӏадлу гьабун бажаруларел гьел идарабаз, жидедаго тӏадаб хӏалтӏи кингӏагидай тӏубазабула», — ян абураб. Гьеб суал нижеца кьуна миграциялъулаб хъулухъалъул хӏалтӏухъанасе. Гьес гьадин бицана:

— Цо пуланаб бакӏалда гьардухъабазда тӏад протокол гьабулеб бугони, гьел лъутула цогидаб бакӏалде, цогидаб шагьаралде. Кквезе щваразухъги ратуларо документал. МВДялъул буго 29 чиясе бакӏ бугеб спецприемник, гьеб нижее гӏолароан. Гьанже нижеца рагьана 80 чиясе бакӏ бугеб спецприемник. Амма судалъул хӏукму гьечӏого къватӏиса рачӏарал гьардухъаби гьенире рачине нижер ихтияр букӏунаро. Документал гьечӏел чагӏазе судиясги кинха суд гьабилеб? Нижер ихтияр гьечӏо гьардухъан лъабгоялдаса цӏикӏкӏун сагӏаталъ кквезе, полициялъулазулги гъира букӏунаро гьезулгун хӏалтӏи гьабизе. Гьез гӏумру гьабулеб буго гӏарац кьун ккурал рукъзабахъ. Россиялъул ракьалда закон хвезабун гӏумру гьабулев чиясе рукъ кьей такъсир ккола, гьелъие бихьизабун буго административияб статья гуребги, «За организацию незаконной миграции» абураб статьяялда рекъон уголовнияб тамихӏ гьабизеги. Участкаялъулав полициялъулавгун ниж щола гьединал бакӏазде. Гьеб мина батула тӏоцебесеб группаялъул инвалидасда тӏад хъвараб. Гьабула протокол, амма судияс гьев пакъирасе щиб гӏадлу гьабилеб?

Гьардухъаби гӏемерлъиялъе аслияб гӏайиб полициялъул яги миграциялъулаб хъулухъалда ругезул гуро. Гьеб буго нилъер щивасул гӏайиб. Гӏемерисел дагъистаниял гурхӏел-рахӏму бугел рукӏиналъ квербакъулеб буго республикаялда гьардухъаби гӏемерлъиялъе, гьезул бизнес тӏегьаялъе.

Гьеб социалияб масъалаялда тӏад хӏалтӏулел экспертаз абулеб буго гьардухъанлъи кколила, рекъезабураб сагӏат гӏадин хӏалтӏулеб бизнес гуребги, рахъ-рахъалде бикь-бикьараб, лъикӏго гӏуцӏараб иерархия. Гьенир ругила жидерго «крестные отцы», «смотрящие», «солдатал» ва гӏадатиял гьардухъаби, Къокъго абуни, гьеб кколила гӏадатияб гуреб мафия. Гьеб цолъиялда гъорлъ рукӏунила миллионералги, наркодилералги, мухьдахъ гӏадамал чӏвалелги. Киналго гьардухъабиги гурила кколел мискинал, пакъирал, мина-къайи гьечӏел гӏадамал. Цо-цоял, басрияб-хвараб ретӏелги ретӏун, хӏалтӏуде гӏадин, гьардезе унила — цо чанго сагӏаталъ артистлъиги хӏан тӏадруссунила евроремонт гьабураб жидерго минаялъуве.

Кӏвар бугеб масъалалъун ккола гӏадамазул бадиб магӏу хулизабизе гьардухъабаз пайда босулел лъимал. Гьеб мурадалда гьитӏичал рикъарал лъугьа-бахъиналги ккола. Лъимал гогьдаризе, барщаризе лъугьинчӏого рукӏиналъе гьезие кьола макьу щвезабулеб дару, лъимгун жубазабураб гӏаракъи ва наркотикал. Хӏасил-калам, гьардухъабазухъ лъимал гӏумру гьабун гӏемер мехалъ хутӏуларо, гьезул къайи-свериялда лъимер ккола «театралияб реквизиталъулаб» къайи.

Щибха гьабилеб? Гьабизе бегьулеб жо гӏемераб буго. Масала, кьочӏое босизе бегьула Германиялда гьардухъабазухъа налог босулеб къагӏида. Амма Дагъистаналда гьеб хӏалтӏи гӏуцӏун бажариги щакаб жо буго. Щайгурелъул гьардухъабазул суркӏиниса кваналел чагӏи гӏезегӏан ругелъул. Лъиеха бокьилеб жидерго гьабихъе бачӏунеб лъим къотӏизабизе.

Нури НУРИЕВ