Чӏваге дун, баба

Эбелалъул тӏалаб гьаби – демографиялъул масъала тӏубаялъе хӏажатаб шартӏ

РФялъул Федералияб Собраниялде гьабураб Хитӏабалда Владимир Путиница рехсана улкаялда демография лъикӏлъизабиялъе квербакъулеб цо чанго социалияб тадбир.

2024 соналде щвезегӏан, улкаялда лъимал гьариялъул къадар цӏикӏкӏинабиялъул мурадалда, президентасул пикруялда рекъон, гьаризе тӏадал тадбирал ккола:

— лъимал хьихьулел хъизамазе пособие цӏикӏкӏинаби;

— ипотекаялъул рахъалъан бигьалъаби гьари;

— сакъатал лъималги тӏоцебесеб группаялъул инвалидал-лъималги хьихьулел хъизамазе пособие кӏицӏул цӏикӏкӏинаби.

Гьелде тӏадеги, лъабго ва цӏикӏкӏун лъимал ругел хъизамазе федералияб бюджеталдаса кьезе буго, ипотекаялъулаб кредит бецӏиялъул мурадалда, 450 азарго гъуруш, эркен гьаризе руго ракьул анлъго сотихалъухъ кьолеб налогалдаса ва гь.ц. Гьайгьай, гьел тадбираз лъикӏаб асар гьабила. Экспертазул пикруялда рекъон, демографиялъул политикаялде букӏуна кӏиго батӏияб бербалагьи: социалияб, ай лъимал ругел хъизамазул гӏумру бигьалъизабулеб ва демографиялъулаб, ай лъимал гьаризе гъирабазабулеб.

Улкаялъул президентас рехсарал тадбиразда гьоркьоса бищунго лъикӏаблъун дидаго бихьула ипотекаялъулаб кредит бецӏиялъе кьолеб 450 азарго гъурушги мина базе ипотека кьейги. Мина баялъе кьолеб кредиталъул кӏудияб кӏвар букӏина росабалъ гӏумру гьабулел гӏадамазе ва гъирабазабила кьолеб 450 азарго гъурушалъги.

Улкаялдаго гӏумру гьабулеб буго (2018 соналъул ахиралде) 68 млнгун 200 азарго бихьинчиясги 78 млнгун 700 азарго чӏужугӏаданалъги, ай 10 миллионгун щунусазарго чӏужугӏадан цӏикӏкӏун йиго бихьиназдаса. Социалияб статусалъухъ балагьичӏого, щияй чӏужугӏаданалъул анищ букӏуна хъизан гӏуцӏизе, лъимал ва лъималазулги лъимал хьихьизе. Гьелда рагӏи абизе бакӏги гьечӏо, рецц-бакъ гьабун гурони. Амма гӏумруялъул руго жиндирго законал ва тӏалабал. Гьел тӏуразаричӏони, инсанасул тӏолабго гӏумру кӏалагъоркье чӏвазе рес буго. Цо-цояз жигар бахъула цеве ватарав чиясулгун цадахъаб гӏумру гьабизе, щиб лъалеб икъбал ккезе бегьулин абураб пикруялда. Гьеб цадахъаб гӏумруялда «гражданияб ригьинилан» цӏарги чӏван, ай законияб къагӏидаялда кагъат босичӏого, ЗАГСалда хъвай-хъвагӏай гьабичӏого, гьарула лъимал. Гьезул тӏалаб-агъаз гьаби тӏалъуларо инсуда ва лъималгун улбулги жалго хутӏула. Буго цоги цӏакъ кӏудияб ва захӏматаб бакӏлъилъун жамгӏияталде тӏаде бегарабги масъала – ургьибе ккараб лъимер чӏвай (аборт гьаби). Рухӏчӏагоябщинаб жоялда тӏалъула жиндаго хадуб наслу тезе. Ургьибе ккараб лъимер чӏвазе гьукъун буго диназги – гьеб рикӏкӏуна кӏудияб мунагьлъун. Дунялалъул цивилизацияги медицинаги цебетӏураб заманалда бигьалъизе кколаан абортазул масъала тӏубайги. Чӏужугӏаданалъе рес буго, бокьичӏого ургьибе ккараб лъимер гьабизеги гьабун, больницаялдаго тезеги. Амма халкъалда гьоркьоб тӏибитӏараб пикруялъги, пачалихъалъ гьеб масъалаялъул тӏалаб гьабунгутӏиялъги квалквал гьабулеб буго гьелъие. Камулел гьечӏо, гьабураб параялъго жиндир лъимер чӏварал улбузда тӏасан уголовнияб дело рагьиялъул хӏужабиги. Масала, Б. Атакуловалъ жиндир лъимер рехана рощнол къолонибе – гьебги хасало! Гьитӏинав гьелъул вас цӏорон хвана. Судалда гьелъ бицана, жий эбел-инсукьа хӏинкъанин ва жиндир ресги букӏинчӏин лъимер хьихьизеян абун. Волгоград областалдаса С. Деминалъул букӏана, ригьнада гьечӏого, гьабураб анкьго сон бараб лъимер. Гьабуна кӏиабилебги ва, ведроялда жанибги лъун, гьеб гъанкъана. О. Пилипенко, лъимер гьабизе хӏарачӏван лъугьиндал, гӏадамаздаса гьеб хӏужа балъго гьабиялъул мурадалда, рекӏуна Москваялдехун унеб поездалда. Вагоналъул хӏажатханаялъуб гьабула лъимер. Гьебги рехула унитазалде жанибе. Гьединал мисалал цӏакъго гӏемер руго. Гьединлъидал, судалъул экспертаз гьабураб анализалда рекъон, эбелалъ жиндир лъимер чӏваялъул аслиял гӏиллаби кколел руго психологиябги материалиябги хӏал. Гьеб хӏалуцинабулеб аслияб шартӏлъунги гьез рехсолеб буго гражданияб ригьин, ай гьединаб ригьнада ругел эбел-инсул жавабчилъи букӏунгутӏи.

Экспертаз абулеб буго, гӏолохъанал улбузе материалиял шартӏал гӏуцӏани, лъимал чӏваялъул хӏужаби лъалаго дагьлъизе ругин абун. Гьединал шартӏаллъун рикӏкӏуна лъимаде йигей чӏужугӏаданалъе медицинаялъул кумек чӏобого чӏезаби (кинаб статусалда гьей ятаниги), декреталда йигеб заманалда гӏумруялъе хӏажатаб къадаралда пособие кьей ва цогидал социалиял бигьалъаби гьари.

Мухӏамад Къурбангӏалиев