Гӏумруялъул чӏвабзазул саринал

Рарал саназухъги саназул гвангъиялъухъги гьоболлъухъ…

Апрелалда Махӏачхъалаялда, Магӏарул театралда кӏодо гьабуна Россиялъул ва Дагъистаналъул культураялъул мустахӏикъав хӏалтӏухъан Хӏабиб Хӏажиев гьавуралдаса 80 сонилаб юбилей. Рарал саналги саназул гвангъиги Хӏабибида баркизе рачӏун рукӏана гьесул гьудул-гьалмагълъи, гӏага-божарал, цадахъ хӏалтӏулел рукӏарал ва цогидалги дагъистаниял. Юбилярасда байрам баркана Дагъистаналъул культураялъул министр Зарема Бутаевалъги. Гьелъ бицана Хӏабибил творчестовоялъул, Магӏарул театралъе нухмалъи гьабулел соназ цӏубан бачӏараб гьесул пагьму-гьунаралъул хӏакъалъулъ. Гьединго гьесда байрам баркана республикаялъул миллиял театразул вакилзабазги Театралиял хӏаракатчагӏазул союзалъул нухмалъулев, Россиялъул халкъияв артист Айгум Айгумовасги.

«Гӏагараб Дагъистан» жамгӏияб гӏуцӏиялъул хӏукмуялдалъун 30 соналъ Магӏарул театралъул директорлъун хӏалтӏарав Хӏабиб Хӏажиевасе кьуна «Миллияв бахӏарчи» абураб цӏар ва меседил медаль.

Музыкалияб саламалдалъун гьесда шапакъат баркана Россиялъул мустахӏикъав артист Тӏагьир Къурачевас, Дагъистаналъул халкъияв артист Гӏабдула Мухӏамадмирзаевас ва Дагъистаналъул эстрадаялъул цогидал кочӏохъабазги.

Пагьму-гьунаралъул тӏогьазде лъурал сухъмахъаздасан

Хӏабиб Хӏажиев гьавуна 1939 соналъул 5 февралалда Чӏарада районалъул Гьачада росулъ. Школа лъугӏун хадуб, 1958-1959 соназда хӏалтӏана гӏагараб районалъул «Бергьенлъи» колхозалда. 1960-1964 соназда цӏалана Тбилисиялъул Ш. Руставелил цӏаралда бугеб театралияб институталда. Гьебги лъугӏизабун, хӏалтӏизе лъугьана Магӏарул театралде. Дагьабго мехалда гьенивги хӏалтӏун, 1966 соналъул январалда Хӏабиб батӏияб хъулухъалде ана. Гьев хӏалтӏизе лъугьана Дагъистаналъул Культураялъул министерствоялде. Гьебго соналъул маялда Хӏабиб Хӏажиев хӏалтӏизе лъугьана республикаялъул Халкъияб творчествоялъул рукъалъул театралияб хӏаракатчилъиялъул кӏудияв методистлъун. 1968 соналъул февралалде щвезегӏан гьенивги хӏалтӏун, гьес нухмалъи гьабуна Дагъистаналъул ВЛКСМалъул обкомалъул культуриябгун массовияб секторалъе.

1971 соналъул марталдаса хӏалтӏана ВЛКСМалъул обкомалъул пропагандаялъул отделалъул нухмалъулевлъун, цинги – Дагъистаналъул пачалихъияб филармониялъул директорлъун, Дагъистаналъул хоралъул гӏуцӏиялъул правлениялъул жавабияв секретарьлъун. Хӏалтӏана Хӏабиб Культураялъул министерствоялда цебе букӏараб республикаялъул гӏелмиябгун методикияб централъул директорасул заместительлъунги. Ахир-къадги Хӏабиб тӏадвуссана Магӏарул театралде. Гьеб букӏун батила гьесул рекӏел ахӏилъунги. 1977 соналъул январалдаса 1978 соналъул сентябралде щвезегӏан хӏалтӏана театралъул директорасул заместительлъун. Хӏабиб цӏалана Москваялда Тӏадегӏанал театралиял курсаздаги. 1982 соналда Хӏабиб Хӏажиевас байбихьана театралъе нухмалъи гьабизе.

Театралъе кьураб 30 сон букӏана гьесие рекӏел рохеллъунги, гӏумруялъул магӏналъунги, гӏагараб миллаталъул театралияб маданият цебетӏезабизе кӏвахӏ гьечӏеб хӏалтӏул хӏасиллъунги, ва, ахиралда, пагьму-гьунаразул тӏогьазде лъурал сухъмахъазул сверабилъунги.

Доб заманалда ва гьанжеги магӏарул районазда ватиларо гьесул ригьалъул гьев лъаларев магӏарулав. Хӏабибие цӏакъго бокьулаан гӏолилалгун хӏалтӏизе. Кинаб хъулухъалда вугониги, гьес нух бахъулаан гӏолилазухъе. Масала, батӏи-батӏиял хъулухъазда хӏалтӏулаго, гьес тӏатинаруна пагьму бугел гӏолилазул цӏарал. Тӏоритӏана фольклориял байрамал. Дагъистаниязе жидерго маданияталъул хӏакъалъулъ бицана Ансалтӏасаги, Табасараналдасаги, Кубачиялдасаги, Гьоцӏалъаги ва цогидалги районаздаса ва росабалъа гӏолилаз. Доб мехалда республикаялъул культураялъул министрлъун вукӏарав Дибир Мухӏамадовас Хӏабибида «гӏолилазул культураялъул министрилан» абулаан.

Хӏабибил махщалил тӏогьлъун рикӏкӏинеги бегьула Р. Белецкоясул пьесаялда рекъон, гьес лъураб «Гӏолилал» абураб спектакль. Гьениб загьирлъана Хӏабибил режиссерасулабгун сценаристасул ва тарбиячилъиялъул махщелги. Гьабсагӏаталдаги гьабула гьес гӏолилазул тӏалаб. Хӏабиб ккола гьезул рухӏияв учительги насихӏатчиги. Гьев жакъаги хӏалтӏулев вуго Магӏарул театралда жамгӏияталъулгун бухьенкквеялъул рахъалъ директорасул заместительлъун.

Талихӏалъул къатӏраби

Хӏабибида байрам баркизе дагъистаниял рачӏараб доб талихӏаб сордоялъ нугӏлъи гьабулеб букӏана гьесул гӏумруялде чвахулел талихӏалъул къатӏрабазе къин букӏине гьечӏеблъи. Тӏокӏабги щибха къваригӏунеб, талихӏ тӏегьазе ккани – гӏумру цадахъ арай хӏурулгӏиналъул гьуинаб гьимиги, гьеб гьимиялдаги нур базабурал васалги гьезулги лъималги, бокьулеб хӏалтӏиги, хӏалтӏул тӏадегӏанал хӏасилалги, хӏасил кьолеб сордоялъ данделъарал гьудулзабиги, гӏагарлъиги, гӏагараб театралъул коллективги. Берккелин хӏинкъараб талихӏалъул мицӏир бекизе теларин гьа балел Хӏабибил сабруялъги гӏадатлъиялъги пана гьарун рукӏана юбилеялде рачӏарал.

Гьеб гьедин бугин абулеб букӏана чӏарадисезул хоралъ ахӏулел даим къин гьечӏел кучӏдузги.

Шамай Хъазанбиева