Дир магӏарул мацӏ
Махӏачхъалаялъул № 58 школалда тӏобитӏана магӏарул мацӏалъе сайгъат гьабураб тадбир.
«Дир магӏарул мацӏ» абураб литературиябгун музыкалияб байрамалда гӏахьаллъана лъарагӏ миллаталъул цӏалдохъабиги. Гьезги магӏарул мацӏалда рикӏкӏана ва ахӏана магӏарул шагӏирзабазул кучӏдул. Школалъул директорасул заместитель, магӏарул мацӏалъул учитель Муслимат Жамалудиновалъ гӏуцӏараб гьеб тадбиралда ракӏалдещвезаруна Магӏарул театралъул, гьанже чӏаго гьечӏел артистал Махӏмуд Гӏабдулхаликъов, Басир Инусилов, Патӏимат Хизроева, театралъе кьучӏ лъурав Гӏабдурахӏман Магаев ва цогидалги.
Гьезул гӏумруялъул ва махщелчилъиялъул хӏакъалъулъ цӏалдохъабаз хъван рукӏана докладалги рефераталги.
Гьединго школалъул жанахӏалъуб гӏуцӏун букӏана гьезул махщелчилъиялъул хӏакъалъулъ бицунел суратазул выставкаги.
Музыкалияв нухмалъулев Мухӏамад Гӏумаровас куцарал цӏалдохъабаз рихьизаруна магӏарул кьурдаби, ахӏана кучӏдул.
Кинаб байрамха букӏинеб магӏарул квен-тӏехалъул хӏалбихьичӏебги. Магӏарул кванил майданалда байрамалъул гӏахьалчагӏаз хӏалбихьана гӏатӏахинкӏазулги, хъухъанчадазулги, цӏурачадазулги.
Школалда гӏемер тӏоритӏула рахьдал мацӏазе сайгъат гьарурал дандеруссинал.