Гӏорцӏарасда вакъарав кӏочене бегьуларо

Бечелъани – бубудун, мискинлъани – мимидун

СМИязул баяназда рекъон, жакъа дунялалда щибаб къоялъ гӏорцӏизегӏан квен щолеб гьечӏо миллиард чиясе. Россиялдайин абуни, пакъирлъиялда ругезул къадар 30-40 проценталде бахун буго. Гьеб буго нилъер хӏукуматалъ мискинзабазде мугъ рехун букӏиналъул хӏасил.

Цебего ният букӏана дир батӏи-батӏиял тадбирал тӏоритӏулаго дагъистанияз кванил, хасго чадил къимат гьабунгутӏиялъул бицине. Исрап гьабичӏого мадугьалзабазе, къварилъиялда ругезе ва бесдалазе щай кьезе бегьуларел гьел нигӏматалин абун ахӏи базе. Гьеб нияталде тӏадвуссине дун тӏамуна 2019 соналъул 17 маялда «Новое дело» газеталъул № 18 номералда бахъараб Хӏажимурад Дамадаевасул «Культура расточительства» абураб макъала цӏалидал. Хӏажимурадица хъвалеб буго: «Дунги гьудулги цо нухалъ гӏарабазул рестораналда гӏодорчӏун рукӏана. Аскӏоб бугеб столалда нахъа кваналел рукӏана лъикӏго ретӏа-къарал рос-лъади. Кванан рахъунелъул, гьез официантасда лъазабуна гъоркь хутӏараб квен жидеца цадахъ босизе бугилан. Хасаб контейнеразда жанибги лъун, хутӏараб квен гьез цадахъ босунги ана», — ян.

Бертабалъ, рестораназда, столоваязда нилъер чагӏаз квен исрап гьабулеб бихьун, 42 пачалихъалде щварав «Азия» турфирмаялъул учредитель Хӏусен Гьитӏиномухӏамадовас бицана: «Гӏантаб чӏухӏиялъул чагӏи руго нилъ. Къватӏисел пачалихъазда ресалда ругел чагӏазцин гъоркь хутӏараб квен, контейнералда жанибги лъун, цадахъ босула, нилъеразин абуни, кванил, ай Аллагьас нилъее кьураб тӏагӏамалъул гьединаб къимат гьаби ничаб ишлъун рикӏкӏуна», — ян.

Кваналел бакӏазде арав щивав чияс, гӏага-шагарго кванил 30 процент, кваначӏого гъоркь толеб буго. Гьеб, гӏемерисеб, кьишни балелъубе рехула. Гӏадада гьелъухъ кьураб гӏарцул бицинаро, ракӏ гъанцӏулеб сурат букӏуна чӏахӏиял тадбирал тӏоритӏулаго столазда тӏад хутӏулеб, ай гӏодобе балеб кванил.

Квен исрап гьабиялъул рахъалъ «тӏоцебесеб бакӏ» ккола нилъер бертабаз, хасго шагьаразда тӏоритӏулез. Бихьа-рагӏиялъе, цогидаздаса бечедаб букӏанилан цӏар инабиялъул мурадалда, рес бугезги гьечӏезги, цоцалъ къецбан тӏоритӏула бечедал бертаби. Столазда тӏад лъезе бакӏ гӏоларого, лъабго-ункъо тӏала гьабун гӏуцӏун букӏуна батӏи-батӏияб квен. Гьедин нигӏмат, хасго чед, инжит гьабулеб бихьун, иман бугев чиясул ракӏ къварилъичӏого хутӏуларо. Исламалъ малъухъе Къуръаналда тӏад щибго жо лъезе бегьуларо. Гьебго заманалда гьукъараб буго чадида тӏад Къуръан лъезеги. Хирияб Тӏехьалда тӏад чед лъезе бегьула, щайгурелъул Къуръаналдасаги чед кӏодо гьабун букӏун.

Бихьичӏого божизе захӏматаб ва дун цӏакъ хӏикмалъизавураб цо гьадинаб лъугьа-бахъиналъул мисалги бачина. Хӏукуматалъул бикъараб гӏарцуца мехтарав пуланав хӏакимасул авариялда хварав васасул зигараялъ ине ккана ниж. Гьениса рахъунаго хварасул инсуца нижеда абуна, садакъа-тӏагӏам кваначӏого ани, жинда квеш бихьизе бугилан. Турциялъул султӏан Сулейманилги жахӏда ккелеб гӏадаб кӏалгӏаялъуб, футболалъул майдан гӏадаб гӏатӏилъиялъул азбаралда тӏибитӏун бугоан нусго чи цадахъ кваназе рес бугеб бечедаб тепси, щибаб столалалда аскӏов хъулухъалъе эхетизавун вугоан цо-цо гӏолохъанчи. Столазда тӏад рукӏарал батӏи-батӏиял нигӏматазул къадар рикӏкӏун хӏалкӏоларо, цохӏо цӏурахинкӏал рукӏана щуго батӏиял.

Кӏудияб балагь тӏаде бачӏарав чиясул рокъоб гьадигӏан бечедаб тепси гӏуцӏиялъул магӏна щибин абун, гӏажаиблъун рукӏана киналго. Рецц-бакъалъе, гӏетӏ тӏечӏого данде гьабураб бечелъи, халкъалда бихьизабичӏого тезе кӏоларо яхӏ-намусалде мугъ рехарал ва моралияб рахъалъ сакъатал гьединал чагӏазда.

Жакъа дунялалда вуго 504 миллион ресукъав бусурбанчи. Гьеб лъалел нилъецайин абуни исрап гьабулеб буго мискинчиясул кӏалдибе ине бегьулеб чед, ай квен.

Хирияб кӏалккул моцӏалъ мажгитахъги чӏезабун букӏуна кӏалбиччазе бокьаразе квен. Гъоркь хутӏараб гӏемерисеб квен кибеха унеб?! Битӏараб буго, кьишни балел къалазухъе. Бачӏунеб буго суал, гьединаб ифтаралъул кирийищ цӏикӏкӏун букӏинеб, хӏакъищин абураб? Цӏикӏкӏун кири букӏинародай гьелде унел харжазул цо бутӏа ресукъал мадугьалзабазе, бесдалазе, мискинзабазе, ай гьелде хӏажатал чагӏазе кьуни?

Дида лъикӏ лъалев Ахӏмад абурав чияс бицана: «Исламияб дин дагь-дагьккун гӏадатазде сверизабулеб бугин ккола. Хӏисаб гьабе, жакъа хвел-хобалъул тадбир тӏобитӏулеб бугеб къагӏидаялъул. Кинабго жо гьабулеб буго цӏаруе, рес бугеблъи бихьизабизе. Гьелъ батила халкъалъ гьелда «хвалил бертин» абун цӏар лъунги бугеб. Дие бокьиларо дир хвел гьедин тӏобитӏизе. Гьединлъидал дица васияталда хъван буго, хабалъ вукъараб лъабабилеб къоялъ жамагӏаталъе баркала кьеян, хабада гӏадатияб тӏалу яги гьитӏинабго хъирул ганчӏил зани чӏваян. Рузманалъул сардаз рокъоб къулгьу-алхӏам гьабейин ва ресукъал чагӏазе садакъа кьейин.

Жакъа хвел-хобалъул тадбирал тӏоритӏиялда тӏад унеб буго гӏага-шагарго 350-500 азарго гъуруш. Нижер росулъ гьечӏо цониги садакъаялде ккарав чи. Гьединал чагӏазе кьураб садакъаялъул щиб кири букӏинеб? Гьединлъидал, дир хвел-хобалъул иш тӏубайдал, нахъе хутӏула гӏага-шагарго 250-300 азарго гъуруш. Дидасан ниятги гьабун, гьеб садакъаде кьезе ккола къварилъи ккарал хъизамазе, ресукъал чагӏазе, бесдал лъималазе… Дида бичӏчӏулеб къагӏидаялъ, гьеб букӏина Аллагь разияб ва ахираталда дие кири щолеб къагӏида», — ян.

Чехьалъул роцен цӏехечӏого хӏажалъулелдаса гӏемер хӏадур гьаби, кваналелдаса цӏикӏкӏун суркӏинибе тӏей… — гьеле нилъер жакъасеб «исрапалъулаб культура». Гьеб ккола «дихъа гьадин бажарула» абун, чӏухӏи-пахрулъи къватӏибе рехун, цӏаруе гьабулеб ишилан хъвалеб буго Хӏажимурадицаги.

Гьеб рахъалъ церетӏурал улкабазул чагӏазул буго батӏияб, ай «къваригӏун гьечӏищ, харж гьабуге» абураб культура. Гьез сундулъго гьабула цӏуна-къай. Гьелъие нугӏлъи гьабулеб цо мисалги бачина. Германиялда гӏумру гьабун вугев Владимирица бицана радал цаби чурулаго немцасул цояб квер краналда тӏад лъун букӏунилан. Щетка биччизегӏанасеб лъимги биччан, гьес гьеб лахӏзаталда жаниб кран къалила. Гьедин къимат гьабулила немцаз кванилги, хасго чадил. Тӏагӏамалъул, хасго чадил гьедин къимат гьабулеб буго бечедаб Германиялда, Гӏисал диналъул чагӏаз, «гӏурул рагӏалда ругониги, лъим исрап гьабугейин» абун аварагас сундулго къимат гьабизе кколилан малъулеб мехалъ, бусурбабаз кванил нигӏматал кьишни балеб къолонире рехулел руго.

Дида лъалей цо гӏаданалъ вас хведал, изну кьечӏо гӏадамаз садакъаде кьураб гӏарцудаса гьеб тадбиралда тӏад цо копекги хвезабизе. Хвел-хобалъул тадбирал тӏурайдал, гӏадамаз кьураб кинабго гӏарацги кванил нигӏматалги гьелъ бесдал лъималазул рукъзабахъе щвезаруна.

Ракъул ва рагъул соназ чӏахӏ кванан, гӏатӏада гьоркьоб цӏоросаролъул хӏокӏ ххенон ракъуца хвеялдаса хвасарлъарал бахӏарчиял умумузул наслабазда рекъон букӏинаро бечелъани — бубуди, мискинлъани — мимиди. «Мискин-пакъир рази гьаве, язихъасда гурхӏел гьабе», — ян гурищ малъулеб бугеб шагӏир Цӏадаса Хӏамзатица. Салихӏ ал-Фаузаница хъвалеб буго: «Кьишни балелъубе ва чорокал бакӏазде квен, хасго чед рехи ккола исрапчилъи, ай Аллагьасда бищун рихараб гӏамал», — ан.

Нури Нуриев