Гӏакълучиги къосунев…

2019 соналъул кӏиабилеб июналда ватӏаналда букъана имам Шамилил наиб Хӏажимурадил жаназа

Абулеб букӏана «щалали лъазе кӏвечӏез», Азербайжаналъул Кӏахъ районалда букӏараб хобги рагьун, Хӏажимурадил жаназадул хутӏел Хунзахъ районалде босун бугин ва гьениб букъанилан абун. Гьеб «бахӏарчияб» ишалъул бетӏерлъунги вихьизавулев вукӏана Башкортостаналдаса РФялъул Пачалихъияб Думаялъул депутатлъун кколев Хӏажимурад Гӏумаров.

Гьеб лъугьа-бахъин сабаблъун бахъана ахӏи-хӏур ва дагъистаниял рикьана кӏиго бутӏаялде. Цояз рахъккуна гьел «бахӏарзазул», кӏиабилез гьеб иш рикӏкӏана цӏогь гьабилъун. Нижее бокьун гьечӏо гьеб кинабго понцӏозабизе. Амма хадурккун гьединал гъалатӏал риччангутӏиялъул мурадалда хӏасилал гьаричӏогоги гӏоларо.

Букъараб бакӏалдаса жаназа батӏияб бакӏалде боси (исламалда рекъон)

Гьеб иш ккелалде чанго къоялъ цебе бицунеб букӏана Хӏажимурадил жаназа магӏарухъ букъизе рагӏулин. Наибасул ирсилавлъун кколев Мухӏамад-Гӏарип Хӏажимурадовасдаго цадахъ нижеца гьеб хабар къабул гьабуна иргадулаб маргьа хӏисабалда. Амма гьеб маргьа батичӏо. Кинабго гьабун бугоан Мухӏамад-Гӏарипидаса балъго ва машгьурав тарихчи Гӏалибег Хъазанбиевасги гьесги кӏиабилеб июналда кьварараб гара-чӏвари гьабун буго Хӏажимурад Гӏумаровасулгун. «Щай нужеца, лъиданиги гьикъичӏого, гьеб иш гьабураб? Щай гьикъичӏеб Хӏажимурадил ирсиласулги, власталъулги, исламиял гӏалимзабазулги пикру?» — абураб суалал кьун руго гьез депутатасе. Щун гьечӏо мухӏканал жавабалги. Гьелде тӏадеги, загьирлъун буго, Хунзахъе рахунеб бакӏалда, Бакьайчӏи росдада гӏагарлъухъ жаназа букъизехъин букӏараблъи. Амма, М.-Гӏ. Хӏажимурадовасги Гӏ. Хъазанбиевасги цӏадулгун махсараялъул хӏасил лъикӏаб кколареблъи гьесда «бичӏчӏизабун» хадуб, наибасул жаназа кьун буго гьесул ирсилазухъе ва букъун буго Хунзахъ.

Гӏажаиблъизе бачӏуна цо-цо магӏарулазул бичӏчӏигьечӏолъиялда. «Битӏараб иш гьабун буго, Хӏажимурадил жаназа нахъе боси», — ян абулеб буго цо-цояз. Гьезул мантӏикъалда рекъон, нилъеца рухъизе кколел ругоха Мадинаялда бугеб Шамил-имамасулги, Веденоялда бугеб Салтӏаса шайих Узун-Хӏажилги, Чачаналда бугеб Хунзахъа Ахъбердил Мухӏамадилги, Турциялъул Къарсалда бугеб кӏаралазул Гъалбацӏ-дибирилги хобал ва гьезулги жаназаби росизе кколел руго ватӏаналде. Жидерго иш ритӏухъ гьабиялъул мурадалда, цо-цояз далиллъун бачунеб буго гьадинаб мисал: Таргъуялда вукъун вукӏарав тӏоцевесев имам Гъазимухӏамадил жаназа, Шамил-имамасул бихьизабиялда рекъон, Генуб росулъе боси ва гьениб букъи. Амма кӏочонеб буго гьадинаб хӏужа: Таргъу доб заманалда мутӏигӏлъулаан Россиялъул империялъе ва рикӏкӏунаан тушбабазул ракьлъун. Жаназа росулъе босиги рекъонкколаан исламалъул тӏалабалда. Империялъулгун рагъ унеб заманалда имамас Гъазимухӏамадил жаназа ватӏаналде босизабиялде бащалъулищ жакъа ккараб лъугьа-бахъин? Жакъа нилъги рагъулелищ ругел Азербайжангун? Добаги гӏумру гьабулеб буго бусурбабаз, гьездаго гьоркьор – магӏарулазги лезгиязги. Гьезие Хӏажимурадил хоб букӏана хасаб игӏланлъун, ватӏаналъулгун бухьен тасдикъ гьабулеб памятниклъун. Гьезулги ццим бахъинабуна гьеб лъугьа-бахъиналъ.

Хӏажимурадил хоб:

Азербайжаналъул властьги халкъги

Жидерго «бахӏарчияб» иш тасдикъ гьабизелъун рехсолеб буго гьадинаб хӏужаги: «Азербайжаналъул власталъги бакӏалъул гӏадамазги рехун тун букӏана Дагъистаналъул бахӏарчиясул хоб ва дол (Азербайжаналъул власть) рохун руго жаназа Дагъистаналде босиялдаса».

Гьечӏо гьеб гьедин. Дица гьаниб рехсела тарихчи Рудольф Ивановасул «Хӏажимурадил хӏакъалъулъ хӏакъикъат» абураб тӏехьалдаса кескал. Гьесги кьочӏое росун руго машгьурав тарихчи-краевед Булач Хӏажиевасул хъвай-хъвагӏаял. Б. Хӏажиев ун вукӏана Азербайжаналде, «Хӏажимурад тарихалда ва биценазулъ» абураб тӏехь хъвалеб мехалда.

Рехсарал тӏахьазда кьурал баяназда рекъон, Хӏажимурадил хоб, жамгӏияб хабалалъ гьечӏониги, киданиги букӏинчӏо рехун тун. Гьеб рикӏкӏунаан бусурбабазе хирияб зияратлъун. 1950-абилел соназул ахиралда, Азербайжаналъул гӏелмабазул академиялъул гӏалимчи-археолог Мухӏамадгӏали Хӏусеновасул хӏаракаталдалъун, цебелъуна Хӏажимурадил хоб Азербайжаналъул тарихияб памятниклъун рикӏкӏине кколин абураб масъала. 1862 соналдаго Хӏажимурадил вас Гулаца хабада лъураб зани жагъаллъун букӏана. Гьединлъидал, 1959 соналъул сентябралда М. Хӏусеновасул экспедициялъ гьеб зани щвезабуна Азербайжаналъул тарихалъул музеялде. Музеялъул гӏелмияб советалъул данделъиялда хӏукму гьабуна Хӏажимурадил хоб цӏигьабун къачӏазе. Заниялда гӏарабалъ гьабун букӏана гьадинаб хъвай-хъвагӏай: «Гьаб буго Хунзахъа Хӏажимурадил, магӏарулав Сеид уш-шагьидил («шагьидазул бетӏергьанчиясул») хоб. Гьижрияб 1268 сон (1852 с.)».

Амма щаклъи букӏана хабалъ хӏакъикъаталдаги Лев Толстоясул къисаялъул аслияв багьадур вукъун ватиялда. Гьединлъидал М. Хӏусеновас хитӏаб гьабуна Азербайжан ССРалъул нухмалъиялде, республикаялъул компартиялъул тӏоцевесев секретарь Имам Жадемир огъли Мустӏафаевасде. Гьес ихтияр кьуна хоб рагьизе, Азербайжаналъул тарихалъул музеялъул гӏалимчагӏазулгун дандчӏаялдаги гьес гьадин абуна: «Шайих Шамилил наиб машгьурав вуго тӏолабго дунялалда ва тӏолабго дунялалъе лъазеги бокьун буго, гӏицӏго хрестоматиялдаса цӏалдохъабазе щолел баянал гурелги, кин гьев хваравалиги».

1959 соналъул июналда, власталъул ихтияралдалъун, рагьана Хӏажимурадил хоб. М. Хӏусеновасул баяназда рекъон: «Тӏолабго хоб цӏезабун бугоан гъутӏбузул кьалбаз, хварасул рахӏат хвезабугеян абулеб гӏадин. Гвангвара нижеда батичӏо, гьединлъидал Хӏажимурадил хоб гьеб батиялда щаклъи хутӏичӏо нижер. Жаназа букӏана мугъалда бегун. Гвангвара букӏинчӏо. Букӏинчӏо Хӏажимурадил кинабгӏаги алат-къайиги. Ратичӏо лахӏдуялъе лъурал къаналги. Ракӏалде кколеб букӏана, Хӏажимурадил жаназа, бусурманаб къагӏидаялъ букъичӏого, гвандинибеги рехун, тӏаде ракьги хъван, тун бугилан абун. Нижеца хабаде ракь хъвана. Эхетизабуна мармаралъул цӏияб заниги. Зонода бикӏунги букӏана, цо хӏарп гьоркьоса камичӏого, 1862 соналда лъураб заниялдаса хъвай-хъвагӏай».

Гьелдаса нахъе Хӏажимурадил хобалъул тӏалаб гьабулеб букӏана Азербайжаналъул гӏелмияб академиялъул тарихалъул институталъги тарихалъул музеялъги.

1960-абилел соназда, нухмалъиялда Вали Ахундов вугеб заманалда, берцинго къачӏана Хӏажимурадил хоб. Чӏезабуна гьелда хадуб кидагосеб бербалагьи. Азербайжаналъул нухмалъиялде Хӏайдар Гӏалиев ккараб мехалда (1960-абилел соназул ахиралда) Хӏажимурадил хобалъе кьуна Азербайжаналъул тарихияб памятникалъул статусги, гьеб босана пачалихъияб тӏалабалде гъоркьеги. 2001 соналда Азербайжаналъул гӏелмабазул академиялъ къватӏибе биччараб памятниказул сияхӏалда гьеб рехсон буго 670-абилеб номералда гъоркь.

«Гьабсагӏаталда (2012 соналда) Хӏажимурадил хобалъул тӏалаб гьабулеб буго Кӏахъ ва Шеки районалъул нухмалъиялъ. Азербайжаналда сапарал гьарулаго, нижеда бичӏчӏана, гьанжесеб Азербайжаналъги цӏакъ кӏудияб адаб гьабулеб буго Хӏажимурадил. Азербайжаналъул лъабго батӏияб власталъ (императорасулги, коммунистазулги ва гьанжесеб демократиябги) къимат гьабулеб буго хӏинкъигьечӏев бахӏарчиясул…», — ан хъван буго Р. Ивановас.

Кидаго гуро тӏадчӏун тӏалаб гьабулеб букӏараб Хӏажимурадил хобалъул. Гьелъул хӏакъалъулъ цо чанго соналъ цебе хъван букӏана «Хӏакъикъаталдаги». Гьениб гӏумру гьабулел магӏарулаз хоб сверун чали гьабуна, хабаде боцӏи бачӏинчӏого букӏине. Амма гьеб хӏужаги кьочӏое босун, бегьулароан наибасул хоб балъго рагьизеги гьесул жаназа Дагъистаналде босизеги. Юридикияб рахъалъул гуро дица бицунеб бугеб, бицунеб буго моралияб рахъалъул, гӏицӏго Кӏахъ, Закатала ва Белокан районазда гӏумру гьабулел нилъер магӏарулазда цебе гуребги, Югалда ругел мадугьалзабаздаги, Азербайжаналъул власталдаги, халкъалдаги цебе бугеб жавабчилъиялъул хӏакъалъулъ. Дагьал памятникалищ ругел Дагъистаналъул ракьалда, лъицаниги тӏалаб гьабуларел, рехун тарал? Я власталда гьел рихьуларо, я гӏадамал гьезде регӏуларо.

Гьелде тӏадеги, Хӏажимурадил хоб рагьун буго хашго, сундулго ургъел гьабичӏого. Хабада сверухъе бан буго ракь, жаназаялъул цо-цо бутӏаби гьенирго хутӏун ратизецин бегьула.

Гьанже нилъер буго Хӏажимурадил кӏиго хоб: Санкт-Петербургалда, Антропологиялъулгун этнографиялъул музеялдаго жеги хутӏараб гвангвараялде тӏаде гьеб масъалаги хӏажат букӏанищ наибасул рухӏалъе?!

Бичӏчӏизе захӏматаб иш ккана. Кинго абизеги кӏоларо гьелдалъун «тарихияб ритӏухълъи чӏезабунилан» абунги.

Денга Халидов,

политолог