Букӏана рохелги ихтилат-кепги
12 июналда, тӏолабго улкаялдаго гӏадин,
Дагъистаналдаги кӏодо гьабуна Россиялъул къо
Байрам кӏодо гьабуна Махӏачхъалаялдаги. Масала, Гӏурус театралда цебе тӏобитӏараб байрамалъулаб концерталда гӏахьаллъана ДРялъул хӏукуматалъул председателасул тӏоцевесев заместитель Анатолий Карибов, тахшагьаралъул бетӏер Салман Дадаев, Махӏачхъалаялъулгун вацлъи рагӏизабураб немцазул Ольденбург шагьаралъул делегация. Данделъаразда байрамги баркун, гьадин абуна тахшагьаралъул мэр Салман Дадаевас:
«Нилъер гӏадат буго цоцае кумек гьаби, мадугьалихъ гьудуллъиялда рукӏин. Гьеб ккола нилъеца цӏунизе ва гӏолохъанаб гӏелалъухъе кьезе кколеб миллияб бечелъиги. Жакъа нилъеда бичӏчӏулеб буго цадахъ лъугьун гьабулеб хӏалтӏи рагӏалде бахъинабизе кӏолеблъи. Дун божаравги вуго церелъурал масъалаби нилъеца тӏуразе рукӏиналда», — ян.
Байрам берцин гьабуна «Волна» абураб халкъияб хоралъ ва «Лукоморье» лъималазул фольклорияб ансамблялъ. Шагьаралъулазе жидерго махщел-гьунар сайгъат гьабуна лъималазул «Дети гор», «Атлы-боюн», «Геба», «Горцы», «Таргу Яшлар» абулел хореографиял ансамбляз, гьез рихьизаруна Дагъистаналъул халкъазул кьурдаби. Халкъалда цее яхъана ДРялъул халкъияй артистка Зульфия Илясова ва «Ты супер!» телепроекталъул финалистка Элвира Яхӏяева.
Гьенирго тӏоритӏана «Горные вершины» абулеб хореографиял искусствабазул фестиваль, хадуб — «Россия — Родина моя» абулеб халкъияб творчествоялъул республикаялъул фестивалалъул гала-концерт.
Гьединалго байрамалъулал тадбирал тӏоритӏана Гьудуллъиялъул рокъор ва Т. Мурадовасул цӏаралда бугеб Дагъгосфилармониялда цере.
Тӏоритӏана сакъатал лъималазда кверчӏваялде ахӏулел акциял, спортивиял къецал.
«Россия – моя история» абураб тарихияб паркалдаги Расул Хӏамзатовасул цӏаралда бугеб миллияб библиотекаялдаги тӏоритӏана суратазул ва тӏахьазул выставкаби.
Тахшагьаралъул аслияб майданалда «Я — россиянин» абураб акциялъул гӏахьалчагӏаз рикьана лентаби, шарал ва Россиялъул къоялъул бицунел буклетал.
Нури Нуриев