Дагь-дагьккун сахлъи «чӏвалеб» квен

Ахираб къого соналда жаниб нилъеца хӏалтӏизарулел рукӏарал ва ругел кванил нигӏматазул къадарги гьезул батӏалъиги цӏикӏкӏунеб букӏин бихьулеб буго. Чӏахӏияб ригьалъул гӏадамаз гӏемер абулеб рагӏула, гьабщинаб нигӏмат бихьун букӏарабани, умумуз щибдай абизе букӏарабилан. Нилъин абуни рохизе бегьилаан гӏорцӏизегӏан квенги батӏи-батӏиял нигӏматалги щолел рукӏиналдаса, гьезул гӏемерисел битӏахъе заралиял гьечӏелани. Кинал нигӏматазха сахлъиялъе зарал гьабизе бегьулеб?

Хехго белъунеб кваница

хехго унтизарула

Ахираб заманалда къватӏире риччалел батӏи-батӏиял нигӏматазул гьабураб кванил цӏех-рехал гьарулел руго гӏалимзабаз. Цогидал нигӏматазул лъугьинарулел кванил нигӏматал (ультраобработанные) сахлъиялъе загьругӏанги заралияллъун кколин лъазабулеб буго гьез. Цебе абулаан гьединал нигӏматаз гӏадамал кьара гьарулин. Гьанжесел цӏех-рехазда рекъон, кьаралъизари гуребги, гьединал нигӏматаз рекӏел ва бидурихьазулгун сосудазул унтаби раккизарулел руго.

Ультраобработка гьабураб нигӏмат ккола кванил тӏадежубаял (пищевые добавки) гъорлъ бугеб квен, цебеккунго хӏадур гьабураб ва хехаб заманалда белъунеб яги бежулеб квен (фастфуд), газ гъорлъ бугел гьекъолел жал, пачкабахъ лъун бичулеб бакъвараб чурпа, гьанал ва ччугӏил нахъе хутӏарал кескал яги ракьа-макъаралъул гьабулеб нигӏмат (белъараб, кӏкӏуйдулъ бежизабураб бакь, ччугӏил нигӏматал). Гьединал нигӏматал, гӏемерисеб мехалда, хӏадур гьарула гӏемераб чакарги цӏамги гъорлъе бан. Витаминалги клетчаткаги гӏураб къадаралда букӏунаро гьезулъ.

Франциялъул ва Бразилиялъул гӏалимзабаз цӏех-рех гьабуна ультраобработка гьабурал нигӏматаз рекӏел ва гӏадалнахул би хьвадиялъул низам биххиялда рарал унтаби лъугьинарулел ругищали. 105000 чиясда гьоркьоб (21 процент бихьинал, 79 процент руччаби, гьоркьохъеб ригь 43 сон) гьабураб анализалъ бихьизабуна, гьел гӏадамазул рекӏел ва гӏадалнахул унтаби лъугьиналъе хӏинкъи 12 проценталъ цӏикӏкӏун букӏин.

Испаниялъул гӏалимзабаз, гьоркьохъеб хӏисабалда, 38 сон барав 20000 чиясда гьоркьоб гьабураб халгьабиялда рекъон, ультраобработка гьарурал нигӏматал кванилъ хӏалтӏизариялъул хӏасилалда (къойида жаниб ункъо-щуго нухалда) баянлъун буго 62 проценталъул батӏи-батӏиял унтаби загьирлъун рукӏин.

Статистикиял баяназда рекъон, нилъеца къойил хӏалтӏизабулеб кванилъ 20-60 процент гьединал ультраобработка гьабурал нигӏматал ратула. Гьединлъидал тӏадехун рехсарал цӏех-рехал гьарурал пачалихъазда гьединал кванил нигӏматал дагьго хӏадур гьаризе хӏаракат бахъулеб буго.

Гьанжесеб заманалъул хехаб кванил бакӏалда, овощал, каршал, пихъ, ччугӏа ва цогидалги сахлъиялъе пайдаял нигӏматал хӏалтӏизаризе кколин рикӏкӏуна гӏалимзабаз.

«Абадиял химикатал»

Тукабазда ричулел батӏи-батӏиял нигӏматаз рекӏел ва гӏадалнахул бидул свериялъул хӏалтӏи гуребги, рак унтиги лъугьинабизе рес бугин рикӏкӏунеб буго кванил нигӏматазухъ халгьабулел гӏалимзабаз. Масала, PFAS ккола кванил нигӏматал жанир цӏунулел къучӏби (упаковка), лъеца биччизабиларедухъ ратӏлида бахунеб жо (пропитка), цӏа свинабизе хӏалтӏизабулеб полоп, цӏарагӏалда жаниб квен рекӏинаредухъ бахун букӏунеб жо, гӏусал рацӏцӏунеб квар ва цогидалги химиялъул нигӏматал.

Гӏадамазе квегӏенлъиялъеян абун хӏалтӏизарулел гьединал жалаздасан кванилъе ва хадуб инсанасул чорхолъе загьруял жал ккола. PFAS-аз сахлъиялъе зарал гьабулеб бугин гӏалимзабаз некӏого ахӏи балеб буго. Гӏалимзабаз лъазабун буго PFAS-аз инсанасул чорхолъ рак унти лъугьинабулеб, тӏул унтизабулеб, ургьиб бугеб лъимер кӏудияб гӏеялъе квалквал гьабулеб бугин. Цо-цо нигӏматал гьарулел бакӏазда гьел хӏалтӏизецин гьаруларо. Гьездаги абула абадиялъго химия гъорлъ цӏунулел нигӏматалин. Азарго соналъгицин туричӏого цӏунун хутӏулин гьединал, ай химия гъорлъ бугел алатал, пластикалъул къучӏбиян рикӏкӏуна гӏалимзабаз. Инсанасул чорхолъе ккаралдаса нахъеги гьел тӏокӏалъ киданиги ратӏалъуларо.

СШАялъул FDA-ялъул (нигӏматазул цӏех-рех гьабулеб тӏолгодунялалъулго департамент) специалистаз гьабураб цӏех-рехалда рекъон, кванил нигӏматал ричулел тукабаздаса 90 батӏияб нигӏматалъул хӏалбихьи гьабидал, гьаналъ, ралъдал нигӏматазулъ, шоколад жубараб ва гӏадатияб рахьалъулъ, шоколадалъул торталъулъ, ананасазулъ, гьуинаб картошкаялъулъ ва цогидалги къачӏарал къучӏбузухъ лъурал нигӏматазулъ PFAS-алъул заралиял жал ратана.

СШАялъул сверухъ бугеб тӏабигӏат цӏуниялъул агентствоялъ (ЕРА) гьабураб цӏех-рехалда рекъон, къвакӏарал къучӏбузухъ бичулеб рахьдалъ сахлъиялъе зарал гьечӏого букӏине бегьулелдаса 35 нухалъ цӏикӏкӏун заралиял химикатал (PFAS) ратана.

«Абадиял химикатал» гӏицӏго тукабазда ричулел къучӏбуздаса гурелги, ракьулъ бекьун гӏезабулеб нигӏматалъулъгицин дандчӏвалел ругин абулеб буго гӏалимзабаз. Кинха гьел заралиял жал нилъерго ракьалда бекьараб нигӏматалде гъорлъе кколел? Гьелъие гӏиллалъун ккола рищни-къулалъулъ рукӏунел «абадиял химикатал» (PFAS) лъелъе кколел рукӏин, гьеб чорокаб лъимги хурзабазухъе ва ахазухъе щолеб букӏин.

Патӏимат Султӏанмухӏамадова