Бекилалдего бетӏер бухьунеб гьечӏодай Роспотребнадзоралъ?
Махӏачхъалаялда гӏумру гьабун вугев пенсионер Асхӏабов Камилица редакциялде битӏун бачӏараб кагътида хъвалеб буго: «Дун институталде цӏализе вачӏараб 1971 соналда тахшагьаралъул пляжалда чӏвараб игӏланалда хъван батана «ралъдал лъим чороклъун буго, чвердезе бегьуларо» абун. Жакъаги гьебго, ай гьединабго хъвай-хъвагӏай тӏад гьабураб игӏлан гьебго бакӏалда чӏван буго. СМИяз гӏемер бицунеб букӏана Махӏачхъалаялдаги Каспийскалдаги гьоркьоб канализациялъулаб коллектор балеб бугин, кватӏичӏого ралъдал лъим хъублъиялдаса бацӏцӏалъизеги бугин. Амма исанаги Роспотребнадзоралъ хӏинкъизарулел руго ралъдалъ чвердезе бегьуларинги абун. Чвердезего бегьулареб ралъад нилъее щибизе?
Кватӏичӏого Дагъистан туристазул Маккалъун лъугьине бугилан хӏакимзабаз пулеб букӏана, рачӏинадай туристал хъубаб ралъдалъ чвердезе?!»
Асхӏабовасул кагътида рорхулел ругел суалазул цӏех-рех гьабизе нижеца байбихьана Роспотребнадзоралъул ДРялда бугеб управлениялдасан. Гьениб гьадин бицана: «Махӏачхъала, Каспийск, Дербент, Избербаш шагьаразул ва Гъарабудагъкент районалъул гӏадамаз хӏухьбахъи гьарулел пляжазда (рекреациялъулаб зона) нижер специалистаз санитариябгун гигиенаялъулаб цӏех-рех гьабуна. Махӏачхъалаялъул «Городской пляж», «Березка», «Прибой», «Джами», «Загородный», «Черные камни» пляжазул ралъдал лъел гьабураб цӏех-рехаз бихьизабуна, гъоркьисаго гӏадин, исанаги Каспий ралъдал лъелъ ругел заралиял бактериязул къадар букӏине бегьулелдаса лъабго-ункъо нухалъ цӏикӏкӏун букӏин. Гьединлъидал кӏудияб хӏинкъи буго ралъдалъ чвердарал гӏадамазде захӏматал бакьазул унтаби рахиналда ва гьел тӏиритӏиялда.
Цересел соназде дандеккун, 2019 соналъул авалалдаса нахъе, Махӏачхъалаялда бакьазул унтабаз унтаразул къадар микьго проценталъ цӏикӏкӏун буго. Тӏоритӏарал эпидемиологиял цӏех-рехаз чӏезабуна 2018 соналъул июль-август моцӏазда чехь-бакь унтаразул 60 процент ралъдалъ чвердеялдалъун ккараб букӏин. Ралъдал лъим чороклъиялъе бугеб аслияб гӏиллаги ккола гьоркьоса къотӏичӏого Каспий ралъдалъе чвахулеб бугеб канализациялъул хъублъи ва ракьалдасан чвахулеб чорокаб лъим. Щибаб къоялъ Махӏачхъалаялдаса Каспий ралъдалъе чвахулеб буго 150 азарго куб. метр бацӏцӏад гьабичӏеб, ай заралиял бактериял хвезаричӏеб канализациялъул ва тӏасан чвахулел хъублъаби.
Махӏачхъала, Хасавюрт, Гъизилюрт, Гъизляр ва Южно-Сухокумск шагьаразул канализациялъул хъублъаби рацӏцӏунел станциял чара гьечӏого цӏигьарун къачӏазе ва гӏатӏид гьаризе ккола. Гьеб гуребги, пляжалъул ракь жидер жавабчилъиялда бугел шагьаразул ва районазул бутӏруз, тӏалабазда рекъон гьаризе кколел хӏалтӏабазде кьолеб кӏвар буго гӏей гьечӏеб:
— гьечӏо ралъдал лъеда ва салул даражаялда хадуб лабораторияб халкквей;
— тасдикъ гьарун гьечӏо ралъдал лъедаса пайда босулел районал, низам ва магӏишатиял хӏалтӏаби;
— рехун тун буго ралъдал лъел санитариял тӏалабазда рекъон санитариябгун эпидемиологияб хӏасилияб хӏукму гьабиялъул хӏалтӏи.
Тӏадехун рехсарабги хӏисабалде босун, 2019 соналъул анкьабилеб июналда Роспотребнадзоралъул ДРялда бугеб управлениялъул бетӏерав санитарияв тохтурас «О введении ограничительных мероприятий по запрещению купания в черте прибрежной полосы г. Махачкалы» абураб хӏукмуялда гъоркь гъолбасана. Гьединго «О направлении материалов о нарушении санитарного законодательства для решения вопроса о возбуждении уголовного дела» абулеб хӏукму битӏана ДРялъул прокуратураялде».
Роспотребнадзоралъул управлениялъ хадубккунги кьварун халкквезе буго ралъдал лъеда, гьединго республикаялъул рекреациялъул зонабазул санитариябгун гигиенаялъулаб даражаялда хадуб. Низам хвезабурав чи, РФялъул законалда рекъон, тамихӏалдеги цӏазе вуго.
Гьеб масъалаялъе гьадинаб баян кьуна тахшагьаралъул «Городской пляж» АОялъул директор Мухӏамадов Арсеница: «Ункъо-щуго соналъ цебе лъелъе чвахулаан канализациялъул рацӏцӏад гьаричӏел хъублъаби. Махӏачхъалаялъул бетӏерлъун вукӏарав Муса Мусаевасул буюрухъалда рекъон, хъублъи цоги рахъалде буссинабуна, ай шагьаралъул канализациялде чвахизабуна. Жакъа нижер пляжалъул ралъдал лъимги салиги гӏадамазул сахлъиялъе щибго хӏинкъи гьечӏеб хӏалалда бацӏцӏадго чӏезабун буго, хӏухьбахъулелги гьелдаса рази руго. Я гъоркьиса, я исана чвердолезул чехь унтанилан цониги гӏарз рагӏичӏо. Дунгоги щибаб къоялъ кӏиго-лъабго нухалъ ралъдалъ чвердола».
Гьеб суалалда тӏасан нижеца гара-чӏвари гьабуна цо-цо хӏухьбахъулезулгунги. Масала, пенсионер Гӏабдулаев Гӏисаца бицана:
— Щуго-анлъго соналъ цебеги ралъдал лъим чвердезе гъира балареб куцалда чороклъун букӏана, жибго пляжги кьишниялъул цӏун букӏунаан. Жакъа гьаниб гьеб рахъалъ лъалеб мадар лъугьун буго. Дун гьанив аскӏовго гӏумру гьабун вуго, гьединлъидал щибаб къойил радалги къасиги чвердезе ва физзарядка гьабизе гьаниве щола. Исана дида рагӏичӏо ралъад чорокаб бугин гӏарз гьабулев чиги.
Южно-Сухокумскалдаса Ахӏмадов Мухӏамадица бицана:
— Дица васасе рагӏи кьун букӏана лъикӏал къиматазда цӏалул сон лъугӏизабуни, ралъад бихьизе вачине. Гьесие лъелъа къватӏиве вахъинего бокьулеб гьечӏо. Тӏаде балагьун щибха лъалеб, амма ралъдал лъеда чӏвазе гӏайиб дида лъаларо. Ракӏалда буго бачӏунеб анкьги ралъдахъ тӏамизе.
Сургуталдаса ячӏарай пенсионерка Нина Ивановалъ бицана:
— Астмаялъ гӏакъубаялда унеб буго дир гӏумру. Ралъдал гьаваялъ кумек гьабулин абун, тохтурасги малъун, ячӏана дун гьание. Гьанив дида лъалев чиги гьечӏо, гьелъ чадирги чӏван, дун пляжалда гӏумру гьабун йиго. Хинаб ралъдал цӏамул махӏ бугеб бацӏцӏадаб гьаваялъги, тамахаб салиялъги, гвангъарал бакъул къоязги дир унтиялъе лъалеб мадар лъугьунеб буго. Ралъдал лъим чорокаб бугилан нужеца бицунеб жо дида бичӏчӏуларо.
«Азия» турфирмаялъул директор Мухӏамад Жамаловас бицана:
— Дун вуго гӏумруялъго туризмалда хӏалтӏулев чи. Къватӏиса рачӏарал туристаз тӏоцебе ралъад цӏехола, гьел рачӏинахъе пляжалде гӏедегӏула. Хӏакимзабаз, кӏалдиб лъимккун, бицуна Дагъистаналда туристазе экскурсиязе гьадинал-додинал цӏакъал бакӏал ругилан. Гьеб буго гьадингосеб чун-чун харбал. Чорокаб ралъдахъе туристал рачӏунаро. Махӏачхъалаялда балеб канализациялъул коллекторги хӏалтӏилин, ралъдал лъимги бацӏцӏалъилин абураб божилъи букӏана. Пайда щиб, гьеб анищ хӏорго хутӏана. «Исана Дагъистаналде рачӏунел туристазул къадар цӏикӏкӏана» абун СМИяздасан тӏалъиялъ рицунел гьерсаздаса жалго хӏакимзаби нечезе ккела.
Росприроднадзоралъул официалиял баяназда рекъон, щибаб соналда Каспий ралъдалъе рехулеб буго хъубал лъиназул 900 млн, Махӏачхъалаялдаса — 250 азарго куб. метр чорокаб лъел. Гьединаб ралъдалъ чвердезе щив вачӏинев, кинаб туризмалъул нилъеца бицунеб бугеб?
Жакъа Махӏачхъалаялъул канализациялъул коллектор баялда унел ругел хӏалтӏабазул хӏакъалъулъ гьадин бицана ДРялъул бакӏал раялъул ва ЖКХялъул министерствоялъул коммуналиял инфраструктурабазул управлениялъул начальникасул заместитель Суфи-Гӏумар Арслановас:
— 2006 соналда байбихьана гьеб коллектор базе. Гьеб базе биччан букӏана ва хвезабуна 5063,39 млн гъуруш, гьелдасан 3015,61 млн гъуруш букӏана федералияб бюджеталдаса биччараб.
Гьел сурсаталги хвезарун, 9,7 километр халалъиялъул тоннелалъулаб коллектор бана, ай тӏуразаруна гьаризе кколел хӏалтӏабазул 65,5 процент. 2016 соналдаса нахъе гьеб объект базе биччалеб гӏарац къотӏизабуна. Федералияб программаялда гьоркьобе гьеб объект бачиналъул мурадалда тӏоритӏана коллекторалъул бан бахъараб бутӏаялъул инструменталияб цӏех-рех гьаби, гьелъул хӏасилалда гьабун буго хадур тӏоритӏизе кколел хӏалтӏабазул сияхӏ ва тӏубазабуна техникиябгун экономикияб хӏужаби рачин.
«Институт «Ростовский водоканалпроект» АОялъул специалистаз халгьабуна коллекторалъул гьарун рагӏалде рахъарал хӏалтӏабазул даражаялъухъ. Коллекторалъул базе хутӏун буго жеги 5,1 км, гьеб хӏалтӏи рагӏалде бахъинабиялъе къваригӏуна 16 млрд гъуруш. Тоннелалъул щибаб 100 метралъул багьа гӏага-шагарго 40 млн гъуршиде бахуна. Москваялъ халгьабулеб буго коллекторалъул документациялъухъ, хӏадур гьабизе буго гьелъул проекталъулабгун сметаялъул документация. Хӏалтӏуде байбихьизе буго тӏадеялъул, коллектор баялъул хӏалтӏи лъабго соналдасан лъугӏизе ккола. Аслияб къагӏидаялда гьеб коллекторалъ бацӏцӏине буго Махӏачхъалаялъул Ленинский ва Советский районазул, гьединго Кировский районалъул цо гьитӏинабго бутӏаялъул канализациялъул чороклъаби. Гьеб районалъул хутӏараб бутӏаялъул канализациялъулаб хъублъаби рацӏцӏиналъе базе ракӏалда буго канализациялъул северияб коллектор.
Нури Нуриев