Хӏалхьи гьечӏеб рекӏел хӏалхьи гьечӏеб хвел
2019 соналъул кӏиабилеб июналда ватӏаналда букъана имам Шамилил наиб Хӏажимурадил жаназа
Кавказалъул наместник гиназ Михаил Воронцовас, наиб Хӏажимурадил гьариги къабул гьабун, гьесие ихтияр кьуна Нуха шагьаралда (гьанжесеб Шеки) рещтӏине ва гьениб, бакӏалъулаб нухмалъиялъул берзукь, гӏумру гьабизе. Ракӏалде кколаан, Хӏажимурадие расги захӏмалъиларин магӏарухъ хутӏараб хъизамалъулгун бухьен гьабизеян. Амма уездалъул нухмалъиялъ (подполковник Иосиф Каргановас (эрменияв)) гьев къабул гьавуна гьобол хӏисабалда гурев, асир хӏисабалда. Загьирлъулеб букӏана империялъул власталъул Хӏажимурадидехун божилъи гьечӏеблъи.
1852 соналъул 23 апрелалда, лъутизехъин вукӏаго, Хӏажимурадги гьесда цадахъ вукӏарав кӏиго муридги (Элдар кколаан наибасул вацасул вас) бакӏалъулаб милициялъул нусгоялдаса цӏикӏкӏун чияс сверун ккуна ва гьениб ккараб рагъулъ чӏвана. Гьеб иш ккана Нуха шагьаралдаса 40 километралъ рикӏкӏад, Беляджик абураб росдада гӏагарлъухъ. Доб заманалда гиназ Воронцовас оборонаялъул министр Чернышевасухъе хъвараб кагътида буго: «Хӏажимурад вукӏана хӏинкъи-къай гьечӏев чи, гьединавлъун хвезеги хвана гьев…», — ан. Гӏурус генерал В. А. Полторацкияс хъвана: «(Бахӏарчиго) хвана цӏар рагӏарав рагъухъан Хӏ.-Мурат, амма кинаб багьаги кьунха нилъее щвараб гьесул жаназа?» — ан. Гьеле гьев инсанасул жаназаялъе гӏакъуба кьезе ракӏалде ккана И. Каргановасда. Гьес буюрана «хиянатчагӏазул», гьездаго цадахъ Хӏажимурадилги, бутӏрул къотӏеян абун. Гьеб «къадруяб» иш гьабизе гьес тӏадкъана Элисуялъул милициялъул пристав Хӏажи-агъадаги гьесул вас Ахӏмад-ханидаги. Бусурбабазул борчги яхӏ-намусги кӏочарал гьезги буюрухъ тӏубазабуна. Полковник А. Л. Зиссерманил рагӏабазда рекъон, Хӏажи-агъацаги гьесул цогидав вас Мухӏамад-ханицаги хъамал гьабуна бетӏер къотӏарав Хӏажимурадил мулкги; гьесухъ батана лъабазарго гъуруш гӏарац (гьесухъе гьеб кьун букӏана, нагагь хӏажалъани абун, гиназ Воронцовас).
Бутӏрул къотӏана Хӏажимурадида цадахъ чӏварав кӏиявго муридасулги ва асирлъуде ккарав жеги кӏиго муридасулги: Хан Мухӏамилги Хӏанипалги. Гьел, гӏурусаздаса лъутулеб мехалда, Хӏажимурадида хадур гъоларого хутӏун рукӏун руго. Хадурккун гьел кквезе щвана ва гьезухъа цин сурав босана, кьуна гӏакъуба, хадуб гьезулги къотӏана бутӏрул. Щуго бусурманчиясул жаназаялъе гьабураб вахӏшилъиялъул жавабчилъи тӏаде ккола Каргановасде.
Пачаясул Россиялда гьединаб вахӏшиб иш ккезе биччалароан (тушманги вукъулаан гьесул диналда рекъонкколеб къагӏидаги цӏунун). Кинниги, жаназаялдаса батӏа гьабураб Хӏажимурадил бетӏер, спирталда гъорлъги лъун, чанго къоялъ цебелъун букӏана Типлисалъул рагъулаб госпиталалда, къиматаб экспонат хӏисабалда. Ритӏана пачаясухъеги оборонаялъул министрасухъеги телал, гӏащтӏичи Каргановасдаса байбихьун, бакӏалъул нухмалъиялъул чӏвадарухъабазде чвахана шапакъатазул цӏад. Ва лъиданиги ракӏалдего ккечӏо, гьеб гӏалхулаб ишалдалъун Россиялъ жибго жинцаго хӏакъир гьабулеб бугин абун.
Хадуб, гиназ Воронцовасул тӏадкъаялда рекъон, Хӏажимурадил бетӏер «эркен гьабуна» гьан-цӏаялдаса ва гвангвара битӏана Санкт-Петербургалде, Гӏелмабазул академиялъул анатомияб музеялде. Гьеб бихьизабуна император Никӏалай Тӏоцевесесдаги оборонаялъул министр Александр Чернышевасдаги.
1853 соналда империялъул тахшагьаралда Хӏажимурадил гвангвара кьуна медикиябгун хирургияб академиялде, машгьурав тохтур ва гвангварабазул коллекционер Николай Пироговасухъе (1840-абилел соназда гьев щун вукӏана Дагъистаналде). Гьесул букӏун батила гӏелмияб интерес: гьес жинцаго къотӏун букӏана 1846 соналда Салтӏа ккараб рагъулъ шагьидлъарав бахӏарчияв наиб Идрисил жаназаялдаса бетӏерги.
Гӏага-шагарго нусго соналдаса, советияб заманалда (1958 соналда) Хӏажимурадил гвангвара кьуна рагъулабгун медицинаялъул академиялде ва 1959 соналда – Петр Тӏоцевесесул цӏаралда бугеб Ленинградалъул антропологиялъулгун этнографиялъул музеялде (цебеккун – императорасул Кунсткамера; гьенив директорлъун гьанже вуго Юрий Кириллович Чистов). Жакъа къоялъги гвангвара буго гьеб музеялъул гъоркьарокъоб. Бичӏчӏулареб статусалда, кинабали лъалареб мурадалда, тӏад 119 номерги хъван ва экспонат №6521 абун хъвай-хъвагӏайги гьабун. Кунсткамераялда анцӏаза-азар гвангвара букӏанин бицуна. Гьезда гьоркьоса анцӏ-анцӏ гвангвара ккола Северияб Кавказалдаса – Кавказалъул рагъул соназда гьенибе бачӏараб. Лъаларо, Кунсткамераялъул начальник Чистовасе жеги лъугӏичӏогоцин гуродай хутӏун бугеб доб рагъ, щаялиго гьел гӏедегӏулелго гьечӏо гвангвараби ватӏаналде тӏадруссинаризе.
Россиялъул бюрократиялъул гъуцӏдуз къахӏан ккун буго
Хӏажимурадил гвангвара тӏадбуссинабизе тӏоцебе хӏалбихьана 1960-абилел соназда Азербайжан ССРалъ. Рехсарал соназда Хӏажимурадил хоб памятниклъунги лъазабуна гьез. Амма гьезда дандчӏвана бюрократиял масъалабазул гӏомогоро. Гьезги гьеб иш жибго тана.
1990 соназул кӏиабилеб бащалъиялда Пачалихъияб Думаялъул депутат Надир Хачилаевасги миллияб политикаялъул министр Рамазан Гӏабдулатӏиповасги, щивас батӏаго, ай цоцада дандбачӏого, байбихьана гьебго масъала тӏубазе. Амма гьезул хӏаракатги хӏорго хутӏана: гьезухъа бажаричӏо «тӏад кӏалъазе бакӏ течӏел» Кунсткамераялъул бюрократазул хӏужабазде данде далилал рачун.
1990-абилел соназда рехсараб музеялъул бетӏерлъуда вукӏарав Чунер Таксамица бицана, жидехъе хитӏаб гьабунила Пачалихъияб Думаялъул депутат Н. Хачилаевас. Амма жидеца гьесие инкар гьабунила, «Хӏажимурадил гвангвара казенияб мулк кколин ва къватӏибе кьезе бегьуларин» абун (гьаб сайталда балагьизе бегьула гьелъул хӏакъалъулъ В. Тарасовасул видео-репортажалъухъ: https://sandinist.livejournal.com/151080.html?fbclid=IwARImLsdbkzPHNXTfubjRhP3рхӏ-MTnT3jSROsUoOh6SP_Y6uEVGDER0_w4k). Гьенибго РАНалъул археологиялъулгун этнографиялъул институталъул отделалъул нухмалъулев Илья Гохманица бицунеб буго: «Россиялъулазул кинабгӏаги бухьен гьечӏо (Хӏажимурадил бетӏер къотӏиялде), гьеб буго кавказалъулазул иш. Ва гьедин гьабулеб буго жакъа къоялде щвезегӏанги», — ян (?!). Гьев кӏиявго «гӏалимчи»-бюрократасул пикрабазда рекъон, Хӏажимурадил жаназаялдаса бетӏер батӏагьабурал ва империялъе ритӏухъал лагъзал (Хӏажи-агъаги гьесул вас Ахӏмад-ханги) – россиялъулал кколаро ва Кавказалъул рагъги жеги лъугӏун гьечӏо гьезие.
Хӏакъикъаталда, дида лъалеб бакӏалдаса, гьелго соназда Калмыкиялъул президентлъун вукӏарав Кирсан Илюмжиновас бичун босана музеялда букӏараб жиндирго ракьцоясул гвангвара. «Казенияб мулк» букӏиналъги гьабичӏо гьезие квалквал, гвангварабиги ричун, бечелъизе. Гьелъухъ щвезе бегьулеб гӏарцуда хьул лъеялъцин гуродай жеги нахъе кьоларого бугеб Хӏажимурадил гвангвараги?
1990-абилел соназул ахиралда гьеб ишалда гьоркьобе лъугьана Хунзахъ районалъул жамгӏият, тӏоцебесеб иргаялда, Хӏажимурадил ирсилав Мухӏамадгӏарип Хӏажимурадовги, наибасул гӏагарлъиги: профессор Мухӏамад Аммаевги, предприниматель ва меценат Расул Хъазанбиевги ва цогидалги. Гьез борхана гьеб масъала республикаялъул власталъул даражаялда ва 2000-абилел соназул байбихьуда ккана гьелъул тӏоцебесеб хӏасилги.
Гьеб заманалда ишалда гьоркьобе лъугьана ДРялъул Пачалихъияб совет (гьелъул председательлъун вукӏарав Мухӏамадгӏали Мухӏамадов ва Пачалихъияб Думаялъул депутат Хӏажимурад Гӏумаровги). Гӏуцӏун букӏана Пачалихъияб советалъул председателасда цебе хасаб комиссияги. 2000 соналъул 27 январалда М. Мухӏамадовас Владимир Путиниде гьабураб №20-12 хитӏабалда хъван буго: «Гьабун буго Бакуялъулгун къотӏи, Хӏажимурадил жаназа ватӏаналде босиялъул хӏакъалъулъ». Гьес улкаялъул президентасда гьарулеб букӏана, хасаб указалдалъун, Хӏажимурадил гвангвараялъул статус хисизабеян, ай культурияб ирсалъул объект – музеялъул къиматаб экспонат кколин абураб хъвай-хъвагӏаялъул бакӏалда «инсанасул жаназаялъул хутӏел» абун чӏезабеян. Гьес мугъчӏвалеб букӏана РФялъул батӏи-батӏиял министерствабазулгунги РАНалъулгунги гьарурал къотӏабаздеги.
Амма… Музеялъул директорлъун ккарав Юрий Чистов ватана жеги кьварарав бюрократги бахьикъосги. Гьес гьеб ишалда гьоркьове цӏана цевеккун РФялъул культураялъул министрлъун вукӏарав Михаил Швыдкой. «Известия» газеталъе интервью кьолаго (2004 соналъул 5 июнь), гьес абулеб буго: «РФялъул Культураялъул министерствоялъул (Швыдкоясул) хӏукмуялда рекъон, Хӏажимурадил гвангвара нижеца бахъана антропологияб коллекциялъул сияхӏалдаса. Гьанже букӏине ккола юридикияб хӏукму ва Культураялъул министерствоялдаса, РАНалъулгун дандбан хӏадурараб ва гвангвара лъихъе кьезе бугебали бихьизабураб кагъат. Гьединаб кагъат нижехъ гьечӏо». Гьеб жавабалда нахъегӏанлъиян гурони батӏияб цӏар абизе бачӏунаро.
Хӏасил-калам, М. Мухӏамадовасги Хӏ. Гӏумаровасги гьеб иш рехун тана, Кунсткамераялъул администрациялъухъеги РФялъул Культураялъул министерствоялдеги хъварал кагътазул хӏасил кколареблъиги бихьун.
2012 соналда Хӏажимурадил гвангвара жаназаялда аскӏоб букъиялъул мурадалда, азербайжаназул кумекалдалъун хӏалбихьана Р. Ивановас. Амма Ю. Чистовас гьесиеги кьуна долго жавабал, рицана Азербайжаналда букъараб жаназаги музеялда бугеб гвангвараги цого чиясул бугеблъи чӏезабизе, экспертазул комиссия гӏуцӏизе кколин абурал «маргьаби». Гьесда цевеккун директорлъун вукӏарас мухбир В. Тарасовасда рихьизарун рукӏана гвангвара Хӏажимурадил кколеблъи тасдикъ гьабулел гӏемерал кагъталги ва Щекаялда хоб Хӏажимурадил букӏиналде Азербайжаналъулги кинабгӏаги щаклъи гьечӏониги (гьеб чӏезабуна 1959 соналдаго). Къокъго абуни, гьечӏел хӏужаби бигьаго ратун руго гьесда. Батила гьелъие гӏилла – бечелъизе хьул лъейги. Гьесда лъалелъулха, кигӏан къиматаб гвангвара гьеб бугебали. Гьедин иш рагӏалде бахъинабун бажаричӏого, гӏумруялдаса ватӏалъана Ивановги.
Жигарчилъи сасараб заманалда гьеб иш кодобе босана «Лев Толстой ва Кавказ (Дагъистан)» абураб проекталъул гӏуцӏиялъул комитеталъ. Гьелда гъорлъе уна Хӏажимурадил ирсилав Мухӏамадгӏарип Хӏажимурадовги. Хӏукму ккана, ирсиласул цӏаралдасан гванвара тӏадбуссинабиялъул иш тӏадкъазе Л. Толстоясул ирсилав Владимир Ильич Толстоясда. Гьев вуго РФялъул президентасул культурияб рахъалъ гӏакълучи. 2010 соналдаса нахъе гӏуцӏиялъул комитеталъ гьудуллъиялъулаб бухьен гьабуна «Ясная Поляна» абураб Л. Толстоясул пачалихъияб музеялъулгун (дол соназда гьелъие нухмалъи гьабулеб букӏана В. Толстояс). Гьезулгун цадахъал проекталги гӏумруялде рахъинаруна: Ясная Полянаялда бугеб Пироговасул имениялдаги, Москваялдаги, СКФОялдаги (тӏобитӏана «Л. Н. Толстой ва Кавказ» абураб темаялда сочинениялъул къец), Махӏачхъалаялдаги, Хунзахъ районалдаги.
Петр Олегович Толстоясдаги (машгьурав тележурналист) В. И. Толстоясдаги бичӏчӏана, гӏуцӏиялъул комитеталъул гӏахьалчагӏазул кьучӏаб бербалагьи букӏин ва гьезги жигараб гӏахьаллъи гьабуна гьелъул проектаздаги ишаздаги.
Гьанжеги байбихьана лъугӏел гьечӏел кагътазул заман: Л. Толстоясул ирсилазулгун гӏуцӏиялъул комитеталъул, Санкт-Петербургалъул музеялъулгун, РАНалъул нухмалъигун. Гьанже аслияб квекӏенлъун лъугьана Хӏажимурадил гвангвараялъул статус. Ахирги В. Толстоясухъа, Владимир Путинил квербакъиялдалъун, бажарана гьеб масъала тӏубан (2018 соналъул 19 июлалда бахъараб №1279 хӏукму). Амма, 2019 соналъул 21 январалда В. Толстояс «Ритӏухъаб Россия» партиялъул цевехъан Сергей Мироновасухъе хъвараб кагътида рекъон, РФялъул администрациялъ абулеб букӏана, «ДРялъул нухмалъиялъулгун дандбараб пикруялдалъун, Хӏажимурадил жаназаялъул хутӏел кьезе буго цо дагьалъ хадуб, республикаялъул политикияб ахӏвал-хӏалги хӏисабалде босун» (?!)
Гьебго бицана гьес гӏуцӏиялъул комитеталъул координатор Жамал Гӏумаровасдаги. Рехсараб комитеталъ хӏукму гьабуна гьеб ишалда сверухъ ахӏи бахъинабичӏого тезе. Щайгурелъул бичӏчӏизе кколаан, Дагъистаналъул кинаб политикияб ахӏвал-хӏал сабаблъун иш нахътӏамун тарабали. Нилъер гьаниб рагъищ яги кьалищ бугеб? Амма Хӏажимурад Гӏумаровас, аскӏов эхетарав С. Мироновгун цадахъ суратги бахъун, хехгьабун гьеб хабар тӏибитӏизабуна январалъул ахиралда, «гьалеха дун, гьеб халатбахъараб къисаялъе ахир лъурав багьадур» абулеб гӏадин. Гӏолохъанлъиялъул гӏанчӏлъиян абула гьединаб жоялда.
Нижее баянлъана, Дагъистаналъул нухмалъиялъухъе мухӏканлъичӏел баянал щвараблъи ва гьелда бан гьез гьеб ишги нахъе тӏамураблъи. Гьедин букӏуна щакаб бакӏалда бицараб жоялда божараб мехалда. «Хъахӏаб рукъалда» бичӏчӏана жидер ккараб «гъалатӏ» ва кватӏичӏого, Хӏажимурадил гвангвараги тӏадбуссине буго жаназаялъухъе. Бокьилаан гьелда цӏакъ божизе.
Букӏинеселде дарсал
Москваялдаги Санкт-Петербургалдаги бичӏчӏулеб бугодай, кигӏан рекъечӏеблъун бихьулеб бугеб тӏолабго дунялалда Россия, гьеб иш сабаблъун? Тӏаде щун буго XХӀ гӏасру, гьелин абуни – гӏелмияб лъайги властьги кодосел – «расандулел руго» цереккун тушбабигунищали къайицадахъаллъунищали рукӏаразул гвангварабигун. Гӏалхуллъиян гурони, щибха гьелда абилеб?
Дагъистаналъул политикияб хӏалалъулъ лъикӏаб гьечӏеб хӏасил ккезабизеги бегьула Кавказалъул рагъул бахӏарчиясул гвангвараялда сверухъ анцӏ-анцӏ соназ халатбахъараб вала-рахасалъ. Дагъистаналъул гӏемерисез бихьичӏеб ххвел гьабуна Хӏажимурадил жаназаялъул хутӏел бикъиялда бан. Гьеб кинабго гьабуна балъго ва Азербайжаналда ругел нилъерго ракьцоязул пикруялъул тӏалабги гьабичӏого. «Ахир-къадги ватӏаналде тӏадбуссана Хӏажимурадил жаназа» абураб пикруялъги ккун батила гьедин. Гьеб ракӏалдаго букӏинчӏеб иш ккеялъеги аслияб гӏилла ккола «лъоба тӏалъиялда» ругезул политикаялъул хӏасил. Гӏадамазул закониял тӏалабазул сан гьабичӏолъиялъ гьалаг гьабуна гӏолилазул ццим. Бегьула гьел ричӏчӏизе, амма гьезда бицине ккола, гьедин бегьуларин абун.
Доба, Кӏахъ районалда бухъ-бухъун бараб Хӏажимурадил хабалъ жеги хутӏана гьесул рукьби. Гӏедегӏалихъе иш тӏубалаго, нилъер «бахӏарзазухъа» бажарун гьечӏо рагӏа-ракьанде щун, киналъулго халгьабизе. Гьанже буго Хӏажимурадил кӏиго хоб. Щибха гьабилеб? Дида ракӏалде ккола, гьеб иш тӏубазе кколин Азербайжаналъул власталъулгун гӏакълуги дандбан.
Микьабилеб июналда Хунзахъ букӏана кӏудияб мажлис. Гьениб хӏукму гьабуна Дагъистаналъул вакилзабазул кӏудияб къокъа Азербайжаналде битӏизе: дора ругел нилъер ракьцоязда тӏасалъугьаян гьаризеги, Азербайжаналъул нухмалъигун дандчӏвазеги. Гурони, мадугьалзабазда ракӏалде ккезе бегьула, киналго дагъистаниял авантюристал ругин абун. Жеги ракӏалде ккана нилъер къадруял патриотазулгун ва исламиял гӏалимзабазулгун гӏакълу дандбазеги. Гьайгьай, кинабго дандбазе ккола Дагъистаналъулги Азербайжаналъулги нухмалъиялъулгун.
Кӏудияб кӏваралъул иш балъго гьабулеб мехалда, тӏубаларо «пайдаяб» гьереси хӏалтӏизабичӏогоги. Гьединаб гьересилъун ккана, Хӏажимурадил жаназа ватӏаналде тӏадбуссинабиялда бан, Л. Толстоясул ирсилазулгун къотӏи гьабун бугин яги гьезулгун гӏаммаб пикру кканин абурал харбал цереккунго тӏиритӏизари. Букӏинчӏо кинабгӏаги къотӏиги гьабун – гьедин лъазабуна хъвадарухъанасул ирсилаз гӏуцӏиялъул комитеталъул координаторазда. Гьез тӏадеги жубана: гьединаб авантюра ракӏалде ккарал гӏадамазулгун кинабгӏаги бухьенги жидее хӏажат гьечӏилан абун.
Бегьуларо гьединал гӏадамазул ракӏхварал ишал гьаризе. Гӏиси-бикъинал жал сабаблъун, квалквал кколеб буго Дагъистаналъе кӏудияб кӏвар бугел масъалаби тӏураялъе букӏараб кумекалъе – гьеб бичӏчӏизе ккелаанха. Гьедин гӏуцӏун букӏана иш нижеца, Ясная Полянаялдаги, Хунзахъ районалдаги, Махӏачхъалаялдаги памятникал рагьулеб заманалда. Гьениб аслияб хӏаракат гьабуна Жамал Гӏумаровасги Мухӏамадрасул Мухӏамадрасуловасги. Буго цо чанго проект, гӏуцӏиялъул комитеталъги Толстоязги цадахъ хӏадурараб. Аллагьас хъван батани, рес щвела Хӏажимурадил гвангвара тӏадбуссинабизе гуребги, гьел проектал гӏумруялде рахъинаризеги. Аслияб жо буго реццалъе гӏоло терхечӏого, бигьагьабун пайдаяб иш гьаби.
Денга Халидов,
Россиялъул Кавказалъул халкъазул конгрессалъул председателасул заместитель
«Лев Толстой ва Кавказ (Дагъистан)» абураб проекталъул гӏуцӏиялъул комитеталъул член, хъвана рехсараб комитеталъул гьариялда рекъон