24 июлалда Дагъистаналъул вузазул выпускникалгун дандчӏвана ДРялъул вице-премьер – ДРялъул лъайкьеялъул министр Уммупазил Гӏумарова.
Гьенире ахӏун рукӏана учительзаби камун ругел школазул директоралги. Гӏолилазе бицана «Земский учитель» абураб проекталъул хӏакъалъулъ.
Уммупазил Гӏумаровалъ бицана, 2020 соналдаса нахъе 200-ялдаса цӏикӏкӏун чиясе рес щвезе бугин проекталда гӏахьаллъизе. Исана гьединаб рес кьолеб буго 50 учителасеянги тӏаде жубана министралъ.
ДГУялъулги ДГПУялъулги 12 выпускникас загьир гьабуна росдал школалда хӏалтӏизе ине гъира. Масала, ДГУялъул къватӏисел улкабазул мацӏазул факультет лъугӏарай, Махӏачхъалаялда гьаюрай ва гӏурай Фатима Султановалъ абуна, жий ине йигин Хъумторхъала районалъул школалда хӏалтӏизе. ДГУялъул математикаялъул факультеталъул выпускник, Гумбет районалдаса Мухӏамад Хӏажимурадов ине вуго Дербент районалъул школалде – математикаялъулги информатикаялъулги дарсал кьезе. «Дир гьеб хӏукмуяялда рази руго эбел-эменги», — ян абуна гьес.
Табасаран районалъул бетӏер Мухӏамад Къурбановас абуна, жидер районалдаги цӏакъ хӏажат ругин учительзаби ва живги хӏадур вугин гьенире хӏалтӏизе рачӏунезе бажарараб кумек-квербакъи гьабизеян абун.
Хадижат Шапиева