Ветеринарияб справка гьечӏого байрамалде бичизе боцӏи биччаларо
Тӏоцебесеб августалда, «Дагъистан» РИАялда тӏобитӏараб данделъиялда ДРялъул миллияб политикаялъул ва диниял ишазул министр Энрик Муслимовас, ДРялъул росдал магӏишаталъул ва продовольствиялъул министрасул заместитель Мухӏамад Шапиевас ва ДРялъул муфтияталъул вакил, Махӏачхъалаялъул Кӏудияб мажгиталъул имамазул заместитель Мухӏамад Къурбандибировас бицана кватӏичӏого тӏаде щолеб Къурбан-къо байрамалде хӏадурлъи гьабиялъул хӏакъалъулъ.
Данделъи байбихьулаго Энрик Муслимовас баркана тӏаде щолеб бугеб Къурбан-байрам, ва бицана республикаялда гьеб тӏобитӏиялъе план гӏуцӏун бугин.
«Махӏачхъалаялда байрам тӏобитӏиялъе хӏадур гьабун буго кӏиго бакӏ: Ипподромалъул ва Киргуялъул районазда. Гьенир гӏахьаллъулел киналниги ведомствабазда лъала байрам тӏобитӏиялъул план. Къурбан хъвеялъе хӏадур гьарурал бакӏазда букӏине буго хехаб кумекалъул хъулухъги, МЧСалъул хъулухъги, как базе бакӏ. Тахшагьаралъул администрациялъги гьенибе лъим бачиялъул ва гӏадамазе гьекъолеб лъедалъун хьезариялъул хӏалтӏаби гьарулел руго. Цересел соназда гӏадамазе хӏажалъараб боцӏул къадаралъул хӏисабги гьабун, кидаго гӏадин 15000-ялдаса цӏикӏкӏун хӏайван букӏине буго бичулеб. Ветеринарияб хъулухъалъулаз хал гьабизе буго бичулеб боцӏи унтичӏеб, сахаб, лъикӏаб даражаялъул бугищали. Исламалда рекъон, хъвезе дандекколеб бугищали киналъулго хал гьабизе буго», — ян лъазабуна Энрик Муслимовас.
Исана Къурбан-къо 12 августалде кколеб бугин, амма Сагӏудиязул гӏарабиялда щиб къоялда тӏобитӏаниги гьезда дандеккезабизе кколин бицана муфтияталъул вакилас. Гьединлъидал, 12 август итни къо – гӏодобкъолъун лъазабизеги бегьулин тӏаде жубана ДРялъул росдал магӏишаталъул ва продовольствиялъул министерствоялъул вакилас.
«Нижеца кидаго гӏадин гӏуцӏун буго, ресукъал хъизамазе, мутагӏилзабазе бикьизе гьан къабул гьабулеб бакӏги. Гьелъие гӏоло нижеца ижараялъе росула холодильникалги. Нижеца цебеккунго боцӏул бетӏергьабазулгун гара-чӏвари гьабула багьаби рахизаругеян гьарун. Къурбан хъолел бакӏазда къасимехалъ канлъи чӏезабула, гьениб кумек гьабулел волонтеразе ва гьалбадерие квенги чӏезабула», — ян бицана Мухӏамад Къурбандибировас.
ДРялъул росдал магӏишаталъул ва продовольствиялъул министрасул заместителас лъазабуна, ветеринарияб справка гьечӏого Къурбан хъвезе рихьизарурал бакӏазде боцӏи биччазе гьечӏин, гьенире рачӏунезул хал гьабизе хасаб ветеринарияб хъулухъалъул хӏалтӏухъабиги рукӏине ругин. Къурбан къо тӏаде бачӏиналде жидерго бичизе бугеб боцӏул хал гьабизе бакӏалъулал ветеринаразухъе ине кколин боцӏи бичулелин абуна гьес.
Патӏимат Султӏанмухӏамадова