Булбулалъул кочӏол хӏасратал саринал
Араб анкьалда Магӏарул театралъул артистаз бихьизабуна И. Юзеевасул пьесаялда рекъон лъураб «Булбулалъул кечӏ» абураб спектакль. Салихӏ Имангъоловасго лъун букӏараб гьелда кӏиабилеб рухӏ гъуна Хӏайбула Гӏабдулгъапуровас.
Цӏидасанги сценаялдасан гӏоли-лазда кӏалъана билулеб бугеб намус, гьеб хӏинкъулеб букӏана насихӏатал гьаризегицин. Гӏумруялъул бецӏаб бокӏнилъ кьеризабун бугеб загӏипаб гьеб къабул гьабизе щивго хӏадур вукӏинчӏо. Амма спектакль байбихьаралдаса лъугӏизегӏан гӏодулеб намусалъул гьаракь сородулеб букӏана. Бухӏулеб бугеб гьелъул махӏ чӏвараб кинигин, кватӏараб кантӏиялъ ахиралда тӏуркӏизаруна больницаялда унтун регун ругел гӏолилал. Гьезул палатаялъуве вачӏуна ункъабилев унтаравги — Хӏамзалов (Россиялъул мустахӏикъав артист Хӏусен Казиев).
Къваридаб каламги, пашманаб балагьиги, ургъел гьечӏолъиялъ унтараб сверухълъиги, тӏабигӏаталдехун бугеб хашаб бербалагьиги – гьеб киналъго ракӏ унтизабурав Кӏудияб Ватӏанияб рагъул бахӏарчи Хӏамзаловасул рекӏел угьиялъухъ гӏинтӏамидал, гӏодулеб букӏана яхӏ. Гьесда цадахъ палатаялъур регун рукӏарал унтарал рукӏана цӏакъго согӏал гӏоркьилал. Хӏамзаловас гьезие бицунеб букӏана кӏудияб гӏелалъул адаб гьабизе, аралъул къимат гьабизе, тӏабигӏат цӏунизе ккеялъулги хӏакъалъулъ.
Хӏамзаловас унтаразул цояв гӏолиласда ракӏалдещвезабулеб букӏана эбелалъухъе щвезе ине заман кидаго букӏине кколин лъималазулилан. Рохьихъан Хӏамзалов гӏорцӏулев вукӏинчӏо булбулалъул хӏасратаб кочӏол берцинлъиялъул хӏакъалъулъ бицун. Кинха гьеб бичӏчӏилеб букӏараб яхӏалда кьаву чӏван бугел гӏолилазда (артистал – Хӏ. Хасаев, С. Батиров, М. Гӏабдулатӏипов).
Гьенибго бихьизабуна гӏолилазул цо рихьарабго кколеб рокьиги Хӏамзаласулги гьесул Шамалалъулги даимаб рокьиги (Шамалай – Дагъистаналъул мустахӏикъай артистка Патӏимат Казиева).
Ахиралда херав чӏалгӏарал гӏоркьилаз гӏарза хъвала жидеда аскӏоса гьев нахъе вачейилан. Цинги, къвалакь къандалъоги ккун, херав живго уна нахъе. Ва гьеб лахӏзаталъ цояв гӏолилав-унтарав кантӏула. Намусалъ гӏадалъ хъат кьабарав гьев ви-гьана ва цогидаздаги бичӏчӏизабула жидецаго херасул гьабичӏеб адаб. Ва гьел цадахъ уна Хӏамзалов тӏадвуссинавизе. Амма кватӏун ккана – гьебсагӏаталда тохтурас лъазабула херав хванилан. Амма хвезе гьечӏо булбулалъул даимлъиялде араб кечӏ. Биччанте гьеб кочӏол абадиял сариназ чӏаго гьабизе чӏунтулеб гӏумруги гӏолилазул къасдалги. Биччанте булбулалъул роцӏараб гьаракьгун цадахъ гьезухъе тӏадбуссине эбел-инсуде бугеб гӏищкъуги, лъималазде бугеб рокьиги, рокьул цӏурал ракӏазулъан цӏидасанги гьимизе билизехъин бугеб намус. Гӏицӏго гьелъулъ буго инсанияталъул хвасарлъи.
Дида гьенибго ракӏалдещвана театралъул артистка Майсарат Гӏабдулмажидовалъ бицарабги.
— «Я къвал бала, я къоно чӏвала» спектаклялдаса хадуб чанги лъимал ана магӏарухъ хутӏарал эбел-эмен жидедаго аскӏоре шагьаралде рачине. Гьеб рагӏараб мехалда, цо дун йохун йикӏараб куцха. Гьеле гьелъулъ буго театралъул къуват», — илан абуна гьелъ.
Щиб лъалеб, гьаб спектаклялдаса хадубги цо-цониги гӏолилал кантӏизеги бегьула.
Гьединго спектаклялда ролал хӏана М. Нурмухӏамадовас (тохтур), Майсарат Гӏабдулмажидовалъ (санитарка), Разият Дибировалъ (медсестра).