«Гьев вукӏана къуватав инсан…»
Дагъистаналъул миллияб музеялда наиб Хӏажимурадил къайи
Махӏачхъалаялда бугеб ДРялъул миллияб музеялда цӏунун ругел Лев Толстоясул къисаялъул машгьурав багьадурасул рагъулал байрахъазулги, какикьтӏамалъулги, цӏарагӏалъулги буго хасаб тарих. Гьелда бухьараб буго Дагъистаналда музей гӏуцӏиги.
Музей гӏуцӏизе ракӏалде ккана ХӀX гӏасруялъул ахиралда Дагъистаналъул рекӏаразул полкалъул штаб-лекарь И. С. Костемеровскиясда. Гьес гьеб ишалъе харжги гьабуна 2779 гъуруш.
Дагъистан областалъул рагъулав губернатор С. Вольскиясул буюрухъалда хъван буго: «Дагъистан областалъул экономикияб цебетӏеялъеги гӏадамазул яшавалъул материалияб рахъалъеги халкъияб устарлъиялъул кӏудияб кӏвар бугеблъи хӏисабалдеги босун, гьеб иш хехго тӏубазе кколеблъун бихьана бакӏалъулаб нухмалъиялда», — абун. Музеялъе кьуна губернаторасул минаялъул цо бутӏа. Гӏадамазги музеялъе кьуна гӏемерал тӏагӏелалгун алатал. Гьедин бакӏарана 283 экспонат: кӏазалги, станокалги, халича-тӏансабиги, цӏулал тӏагӏел-алаталги, хьиталги, ярагъги, сураталги ва цогидабги.
1917-1920 соназда букӏана музеялъул хӏалкъараб заман, тӏагӏана гьенир рукӏарал экспонатазул гӏемерисел. Хутӏарал росана цӏияб бакӏалде ва ракӏалда букӏана гьезул кьучӏалда «Дагъистаналъул халкъияб музей» гӏуцӏизе, гьелъие нухмалъи гьабизе ахӏун вукӏана академик Н. Я. Маррил хӏалтӏухъанлъун вукӏарав художник С. А. Полтарацкий.
Букӏинчӏо музеялда кьучӏаб хъаравуллъи, дагь рукӏана экспонатал, камулароан цогидал масъалабиги. Гьединлъидал бажарулеб букӏинчӏо музеялъул хӏалтӏи камил гьабун. Гьелъул хӏасилалда музей гочана республикаялъул тахшагьар Петровскиялде (Махӏачхъала), гьеб заманалде гьенирего гочун рукӏана Дагъистаналъул хӏукуматалъул идарабиги. Амма кватӏичӏого музей къана. Гьеб рагьиялъул суал цӏидасанги борхана 1923 соналда. Гьеб соналъул ноябралда гӏуцӏана Дагъистаналъул музеялъулаб комитет – «Дагглавмузей». Гьелъул председательлъун тӏамуна Гӏалибег Тахо-Годи. Хӏадурана музей гӏуцӏиялъул планги, гьелъул отделазда экспонатал ракӏариялъул программаги. Дагъистаналъе кӏвар бугел экспонатал ратана Москваялъулги, Типлисалъулги, Пятигорскалъулги ва цогидалги шагьаразул пачалихъиял музеязул фондазда. Гьабуна гьезулгун хӏалтӏи, ва Дагъистаналде тӏадруссинаруна къиматал алатал: ярагъ, байрахъал, художниказ рахъарал суратал, фотосуратал ва цогидабги. Гьелдаго цадахъ ракӏарулел рукӏана экспонатал республикаялдагоги. Гӏадамазухъа гьарунги, ричун росунги, цӏезаруна музеялъул отделазул фондал. Масала, Дагъсовнаркомалъул хӏалтӏухъан Хӏ. Мухӏамица музеялъе сайгъат гьабуна хвалченги тункӏил хер балеб къвачӏаги, Д. Павловас (музеялъул директор) – гиназ Г. Гагариница рахъарал суратазул альбомги Шамил имамасулги гьесул хъизамалъулги гӏумруялъул хӏакъалъулъ бицунеб 18 литографияги, Гӏ. Тахо-Годица – къимат тӏокӏаб Къуръанги Кавказалъул рагъул заманалъул документалги, доктор Ю. Клычевас – гӏарцул накъишал тӏад рекьараб хвалченги «волчок» абураб тайпаялъул ханжарги. Экспонатал ракӏариялъулъ кӏудияб бутӏа лъуна Дагъистаналъул Совнаркомалъул председатель Жалалудин Къоркъмасовасги. Гьес музеялъе сайгъат гьабуна Шамил имамас хъвараб 10 кагъатги, некӏсияб таманчаги, наиб Хӏажимурадил букӏараб какикьтӏамги, хулжалги, кӏиго гъадарогун гулгунги. Гьел экспонатазул цо-цоял тӏагӏана музеялдаса.
Рехсарал экспонатазда гьоркьоса бищунго бер тӏаде цӏала какикьтӏамалъ. Гьеб буго кьер-кьерал расенал тӏад угьараб ва меседил куназ накъищал рахъараб гьитӏинабго тӏанса. Какикьтӏам сверун гӏурччинаб къатипаялда тӏад меседил куналъ угьун руго хурдулги тӏугьдулги. Гьезул жанисеб рахъалда багӏараб кьералъул ххамалда тӏад угьун руго хӏанчӏигун тӏугьдул. Дагъистаналда меседил куналъ угьарулел устарзаби рукӏана Ругъжабги, Хунзахъги, Чӏохъги, Кубачирги, Гъази-Гъумекирги, Губденалдаги, Эрпелирги, Ахъсаялдаги, Жунгуталдаги. Дагъистаналъул музеялда руго меседил куналъ угьарал гӏемерал экспонатал, гьезда гьоркьоб цониги гьечӏо Хӏажимурадил какикьтӏамгӏан берцинабги тарихиябгун искусствоялъул рахъаз къиматабги асар.
Какикьтӏамалъул гъоркьияб рахъги буго биццатаб хамил гьабураб. Гьелда тӏад угьарал расенал рилъ-рилъун руго бакӏ-бакӏаздаса. ХӀX гӏасруялъул ахиралда гьединал какикьтӏамал рукӏунаан гӏицӏго бечедал чагӏазул рокъор: ханзабазулги, шамхалазулги, бегзабазулги. Гӏумруялъго сапаразда, рагъазда, кодоб ярагъгун, чода рекӏун вукӏарав Хӏажимурадил букӏинчӏо абизегӏанасеб бечелъи. Гьединлъидал гьеб какикьтӏам наибасе щун букӏун батила лъица бугониги кьун. Гьединго какикьтӏам щвезе рес буго Жунгут росдаде гьабураб гьужумалда гӏахьаллъулагоги. Гьебмехалда наибас хъамун йикӏана Жунгуталда гӏумру гьабун йикӏарай Ахӏмад-хан Мехтулиясул лъади-къоролай Нухӏ-бика. Хӏажимурадил гьалмагъзабазе гьениса щвана гӏемераб давлаги (ханзабазул рокъоса ретӏелги, цӏарагӏги, ярагъги). Хадубккун, гӏемераб гӏарацги босун, ханасул къоролай эркенги гьаюна. Рехсараб какикьтӏам щвезе рес буго Уллу-Буйнак росдаде гьабураб гьужумалъул хӏасилалдаги. Гьениб гӏумру гьабулеб букӏана Нухӏ-бикал вацгӏал Шагьвалица. Жиндир яц хъамарав наибасда ццим бахъарав Шагьвалица гьадин абун букӏана: «Кутул щолареб гьороб эркенго хьвадулел рукӏуна гӏункӏкӏал. Гьелда релълъараб буго, жал цӏунизе бажарулел бихьинал гьечӏеб бакӏалдаса руччаби хъамиги. Кӏудияв бахӏарчиян абулев Хӏажимурадида рекъон гьечӏо гьединаб иш гьаби». Наибасда хъинтӏичӏого рукӏинищха гьел рагӏаби! Гьев ана Уллу-Буйнакалде. Шагьвалил рукъ хъамал гьабуна, гьев живго чӏвана ва хъамуна гьесул лъадиги васал-игизалги. Сапаралдаса сардилъ тӏадвуссунаго, Хӏажимурад ккана гъоркьчӏелалда тӏаде. Гьениб ккараб рагъулъ чӏвана гьесул байрахъулав. Муридасул чоде яхинаюн йикӏарай Шагьвалил хъизанги лъутун ун ятана. Лъагӏелгун бащдаб гьоркьоб индал, Шагьвалил хъизаналъ гӏарацги кьун, рокъоре тӏадруссинаруна жиндир васалги.
Кин Къоркъмасовасухъе ккарал Хӏажимурадил алатал? Гьелъул хӏакъалъулъ баянал гьечӏо.
Музеялда буго Хӏажимурадил кӏиго рагъулаб байрахъги. Цояб – хъахӏаб кьералъул, кӏиго бегӏераб рагӏалги бугеб (137х93), кӏиябго рагӏалалъул тӏогьиб букъун буго багӏараб кьералъул ххам. Байрахъ гьесул байрахъуласухъа бахъун букӏана 1844 соналъул тӏоцебесеб июлалда генерал М. Аргъутинскиясул къокъаялъулгун ккараб рагъулъ рехсараб къокъаялда гъорлъ рукӏарал Гъазигъумекдерилги Кюриялъулги милициялъул аскарияз. Гьелда тӏад буго гьадинаб хъвай-хъвагӏай: «Рахӏмуяв, цӏоб гӏатӏидав Аллагьасе гӏоло! Аллагьасукьа кумек ва хехаб бергьенлъи, реццалъулги тӏадегӏанлъиялъулги Бетӏергьан. Аллагьасул цӏаралъе гӏоло, бищун лъикӏаб цӏарги – гьесул цӏар. Анищабщинаб щоларо бихьинчиясе. Цӏукӏалъиялъ хвасар гьавуларо гьев, бахӏарчилъиялъ чӏваларо. Дур хӏалкӏолъиялдалъун, Аллагь! Ва Аллагь! Гьабе кумек бусурбабазул боялъе гучаб кумекалдалъун ва, дур хӏалкӏолъиялдалъун, рагье гьезие хӏакъаб бергьенлъи, Къудратав, щайгурелъул мун вуго Къудратав. Кинабго буго Тӏадегӏанав, Къудратав Аллагьасул кверщаликь. Цӏигьабуна 1260 с. (1844 с.)».
Гьединабго магӏнаялъул хъвай-хъвагӏаял дандчӏвалаан Кавказалъул рагъул заманалда наибзабазулги имамзабазулги рукӏарал байрахъаздаги.
Батӏияб буго Хӏажимурадил кӏиабилеб байрахъ. Гьеб буго ункъбокӏонаб куцалъул (82хӏ27), цӏахӏилаб кьералъул, лъабго рахъалдасан рагӏалсверун тӏулакьераб ххамги букъараб. Байрахъ бакьулъ букъун буго багӏарабги гӏурччинабги ххамил лъабго гор. Гьезда сверухъ угьун руго хурдузул расенал. Байрахъалъул кӏиго бокӏоналдаги рукъун руго багӏарабги, гӏурччинабги, гӏубилабги ва цоги гӏурччинабги ххамил чӏалал. Байрахъ тушманасухъе ккана 1848 соналъул 23 июналда, пачаясул аскарияз Хьаргаби росу сверун ккураб мехалда.
Машгьурав наиб Хӏажимурадил хӏакъалъулъ гьесулго заманалъул чияс гьадин абуна: «Гьев вукӏана къуватав инсан, амма къисматалъ гьев рехана батӏияб рахъалде», — ян. Мацӏ лъаларел, амма гучав наибасул къваридаб къисматалъул нугӏзаллъун кколел гьесул асарал жакъаги руго искусствоведазеги тарихчагӏазеги пайдаяллъунги музеялде рачӏаразул ракӏазе кӏудияб асар гьабулеллъунги.
Хӏажимурад Доногъо