Унтаразе хӏажатаб, тохтурзабазе чара гьечӏеб
Италиялъул тахшагьар Рималъул «La Sapienza» университеталъул профессор, тохтур-невролог Жалал Сагӏидбегов Дагъистаналдеги вачӏун, хӏалхьи гьабиялъул бакӏалда, унтарал чӏорого сах гьарулелалдаса гӏемерал сонал руго.
Исана июль моцӏги ккана профессорасе гӏагараб ракьалда цӏакъго хӏалуцараблъун. Дагъистаналъул миллияб библиотекаялда тӏобитӏараб данделъиялда жамгӏияб гӏуцӏиялъул председатель Хӏасанхӏусен Гӏабдулжалиловас Сагӏидбеговасе кьуна «Честь и гордость Дагестана – Золотой орел» — абураб орден. Гьелде тӏадеги, гьал къоязда Дагъистаналъул пачалихъияб университеталда букӏана профессорасул «Если болит спина» абураб цӏияб тӏехьалъул цебелъейги.
Лъаратӏа районалъул Хадиял росулъа Жалалил дунялалдаго цӏар рагӏана хӏалтӏуде бугеб рокьиялъги, бажариялъги, гьунаралъги. Тӏолабго дунялалдаго гьечӏо гьес гӏадин инсанасул мугъзагьодалъул унтаби сах гьарулев тохтур. Гьев лъала Италиялда гуревги Россиялдаги, Япониялдаги, Гӏизраилалдаги, Болгариялдаги, Германиялдаги, Канадаялдаги ва гӏемерал цогидал улкабаздаги. Машгьурав профессорасул цӏар тӏибитӏун буго киса-кибего.
1991 соналдаса нахъе гьев ва гьесул вас Рамазан хӏалтӏулел руго Рималда. Гьенив Сагӏидбегов рикӏкӏуна цӏар рагӏарал тохтурзаби-преподавательзабазда гьоркьов бищунго машгьуразул цоявлъун. Жакъа къоялде щвезегӏан гьес хъвана нусгоялдаса цӏикӏкӏун гӏелмияб хӏалтӏи, тохтурзабазе малъа-хъваял ва пайдаял тӏахьал. Гьединго Жалал Сагӏидбегов мустахӏикълъана Италиялъул тохтурзабазул Орденалъе, гьев ккола мугъзагьодалъул унтабазул хаслъабазул Америкаялъул университеталъул хӏурматияв член.
Жакъа ракӏчӏун абизе бегьула Жалал Хӏажиевич кколин дунялалъего хӏажатав тохтурилан. Гьелъги батила профессорас, операция гьабичӏого, мугъзагьод сах гьабулеб къагӏидаялъул хӏакъалъулъ хъвараб тӏехь цоцахъе бахъи гьабулебги. Гьединабго хӏужа ккана ДГУялъул деканаталда гьесулгун данделъи тӏобитӏулеб заманалдаги. Тӏохьол презентациялде рачӏун рукӏана гӏемерал тохтурзаби, гьудул-гьалмагъзаби, журналистал ва цогидалги. Данделъи бачунеб букӏана ДГУялъул электрониял СМИязул кафедраялъул заведующий Илман Гӏалипулатовас.
«Если болит спина» абураб тӏохьол хӏакъалъулъ бицунаго, Сагӏидбеговас абуна гьеб кколин жиндирги васасулги кӏикъогогӏанасеб соналъул хӏалтӏул хӏасилилан. Цӏалдолезда бичӏчӏулеб хӏалалда хъван буго живго росулъ гӏеялъулги, ракӏалда чӏарал лъугьа-бахъиназулги, тохтурасул хӏалтӏи тӏасабищиялъулги, гӏолохъанлъи тӏамураб къагӏидаялъулги, Москваялда букӏараб цӏалулги ва Рималде ине ккеялъулги хӏакъалъулъ. Гьелдаго цадахъ бицунеб буго, операция гьабичӏого, мугъзагьодалъул грыжа сах гьабулеб къагӏидаялъулги. Гьебин абуни ккола тохтурзабазе унго-унгояб справочник гӏадинаб жо. Тӏехьалда лъун руго гӏемерал сураталги, ай бицунебщинаб лъикӏ бичӏчӏизе букӏине.
Профессорас бицана мугъзагьодалъул хӏакъалъулъ хъварал тӏахьалги гӏелмиял макъалабиги гӏемер ругила, амма гьезда бугила гӏемерал дандеккунгутӏиял, ай унтараз жал хӏалтӏизаризе бегьуларел. Цоги гӏилла, 1982 соналда Николай Андреевич Касъянил «Мануальная терапия при остеохандрозе позвоночника» абураб монография хъваралдаса гӏемераб заман инги. Гьал ахирал соназда Касъянил «цӏалдохъабаз» гӏадамал сах гьариялъул бакӏалда, унтизарулел рукӏинги, ай гьесул методика мекъи хӏалтӏизабулеб букӏиналъул хӏасил кколин гьебилан. Жакъа 35 сонил ригьалдаса тӏаде аразда гьоркьоб 80 процент гӏадамал мугъ унтарал руго. Гьел сах гьарулел Касъянил къагӏида цӏунун букӏарабани, кинабго дунялалдаго кӏвезе букӏана унтаразул къадар дагь гьабизе. «Дун талихӏавлъун вукӏанин абизе бегьула чанго соналъ Николай Алексеевичасда цадахъ хӏалтӏизе, унтарал сах гьаризе рес щвеялдаса. Гьес дида абулаан Сагӏидбегов жиндир ученик вугилан. Гьесул гӏумрудул ахирал соназ ниж лъугьана гьудулзабилъунги», — ян бицана профессорас.
Гьелдаго цадахъ Жалал Хӏажиевичас абуна, щвараб лъаялда гӏей гьабун чӏечӏого, цӏи-цӏиял къагӏидаби рекӏелъанги риччан, гӏелмиял ресалги хӏалтӏизарун, жинца ургъанила НИРПИС абураб, ай операция гьабичӏого бищун захӏматабги грыжа сах гьабулеб хасаб къагӏида. Гьесухъ гӏенеккизе рачӏараз цӏехолеб букӏана гьеб хӏалбихьи цогидазеги гӏахьал гьабизе бегьуларищилан. Щайгурелъул гьеб къагӏида дунялалда лъицаго хӏалтӏизабуларелъул. Гьесги жаваб кьуна, вас Рамазан ругьун гьавулагоги гӏемерал сонал анин, гьеб къагӏида лъазе ккани, жинда аскӏовги чӏун, 7-8 сонгӏаги базе кколин тохтурас. Гьелгощинал соназ цадахъ хӏалтӏизе ва цӏализе студентасул сабурги гӏоларила ресги букӏунарила. Чанги рагӏула Сагӏидбеговасул къагӏида хӏалтӏизабулин абулеб. Амма гьединаз унтарал жеги щокъ гьаризе рес бугинги абуна профессорас.
«Чанги чиясда ракӏалде ккола жидехъаги бажарулин унтаразул черхалъе гьединабго тимар гьабизе. Цо-цояз абула жидецаги бегьуларищин рокъорги чӏун дуца малъухъе, абухъе черхалъе «гӏакъуба» кьезе. Тӏаде балагьун бигьаялин ккеялъе гӏоло, дир гьел къагӏидаби руго гӏемерал хаслъаби жиндилъ ругел ва гьел лъанин кканиги чи унтизавизе бегьулел. Мугъзагьод буго инсанасул черхалъул хӏуби. Гьелда бараб буго гӏемераб жоги. Гьодил цо бутӏаялъе жагъаллъи ккани, унтула черхалъул цогидаб бакӏги», — ян бицана Сагӏидбеговас.
Гьединго профессорасе суалал кьуна тохтурлъиялда хурхарал гурелги, гӏумруялъул хӏакъалъулъги. Дагъистаналъул халкъияй шагӏир Залму Мухӏамадовалъ рикӏкӏана профессорасде жинцаго гьабураб «Вусса, Жалалудин, инсул ракьалде» абураб кечӏги. Сагӏидбегов Дагъистаналда вугин абун рагӏун, данделъиялде рачӏун рукӏана гьес сахги гьарун бусадаса рахъаралги жеги сахлъи бокьаралги.
Патӏимат Расулова