ДНЦялъул бакӏалда – ДФИЦ

Дагъистаналъул гӏелмияб централъул нухмалъулес бицана гӏелмияб идараялда гьарурал хиса-басиязул хӏакъалъулъ

Гӏелмиял идарабазда реформа гьабизе байбихьана 2013 соналда. Гьебмехалда гӏуцӏун букӏана ФАНО – гӏелмиял идарабазул федералияб агентство. Гьелда гъорлъе рачана улкаялда ругел киналго гӏелмиял институтал ва байбихьана гьезул цӏигьариялги. Россиялъул гӏелмиял идарабазда реформа гьабун рагӏалде бахъинабуна 2018 соналда – Россиялъул Гӏелмуялъул ва тӏадегӏанаб лъайкьеялъул министерство гӏуцӏараб мехалда. Рехсараб министерствоялъул нухмалъиялда гъоркье ккана улкаялъул гӏелмиял академиялгун институталги.

ДНЦялда гьабураб реформаялъул хӏакъалъулъ гьадин бицана Ахъай Муртазаевас: «Нилъер гӏелмияб централъул 10 идара (ичӏго институтги жибго центрги) рукӏана лъидаго рачӏел хасал юридикиял идарабилъун. 2018 соналда байбихьана гьел цолъизаризе. Щуабилеб июлалда хъвай-хъвагӏай гьабуна нижер идараялъул цӏияб уставалъулги. Гьанже гьелда цӏар буго Россиялъул гӏелмабазул академиялъул федералиял цӏех-рехазул Дагъистаналъул центр. Букӏана РАНалъул ДНЦ, гьанже букӏине буго РАНалъул ДФИЦ», — ан.

Цӏех-рехазул цӏияб централда гьоркьобе уна микьго институт – РАНалъул ДФИЦалъул хасал бутӏаби хӏисабалда.

Ахъай Муртазаевас бицана, улкаялъул регионалиял гӏелмиял центразде дандеккун, Дагъистаналъул гӏелмияб централъул хиса-басиял гьарулаго, цониги гӏалимчи яги цогидав хӏалтӏухъан нахъе витӏичӏин абунги. «Цӏигьариязда бан, кьучӏдасанго хисулел руго институталъул директорасдаги, гьесул заместителаздаги, бетӏерал бухгалтераздаги, кадрабазул отделазул начальниказдаги тӏадал ишал. Институтал махӏрумлъана юридикияб статусалдасаги», — ан бицана ДФИЦалъул председателасул ишал тӏуралес.

Хиса-басиял гьарулаго, гӏалимзабазе щолел харжазеги къварилъи ккечӏин бицана Ахъай Муртазаевас. РФялъул президентасул указалда рекъон, гӏалимзабазул харжал рукӏине ккола регионалъул экономикаялда ругел харжаздаса 200 проценталъ цӏикӏкӏун. «Амма рехсараб указалда хӏисабалде росун гьечӏо гӏелмиял гурел хӏалтӏухъаби. Масала, лабораториялъул заведующий абураб хъулухъалда хӏалтӏулев чиясул харж рехсараб къагӏидаялда цӏикӏкӏинабизе ихтияр гьечӏо. Лабораторияги кумекалъулал цогидал хъулухъалги гьечӏого, кин цебетӏезабун бажарулеб гӏелму? Гьеб рахъ берзукьа борчӏун буго харжазул хӏакъалъулъ документ хӏадурулаго», — ян бицана А. Муртазаевас.

Централда церечӏарал масъалабазулги гьенир хӏадур гьарурал Дагъистаналъул экономикаялъе пайдаял цӏех-рехазул хӏакъалъулъги бицунаго, гьадин абуна гьес: «Цӏакъ пайдаяб, щивав дагъистаниясе кӏвар бугеб цӏех-рех ккола мугӏрузул 39 районалда ругел иццазул лъел анализ гьаби. Гьениб бихьизабун буго инсанасул черхалъе зарал яги пайда гьабулел микроэлементазул къадарги. Масала, пуланаб районалда тӏибитӏун буго мукъур (зоб (щитовидная железаялъул) унти. Гьелъие гӏиллаги ккола лъелъ йодалъул мукъсанлъи букӏин. Руго иццал, жиделъ нитратал цӏикӏкӏаралги. Гьезги зарал гьабула инсанасул сахлъиялъе. Гӏалимзабаз хӏадурун руго, заралиял лъинал ругел бакӏаздасаго материалги хӏалтӏизабун, чорхое кколеб зарал гьукъулел фильтралги. Гьел хӏасилал нижеца рихьизаруна Сахлъицӏуниялъул министерствоялдаги цогидал идарабаздаги. Амма гьезие асар гьабичӏо гьелъ.

Республикаялъул экономикаялъе цӏакъ пайдаяблъун ккола физиказул гӏелмияб хӏалтӏиги. Гьез хӏадурун буго хасаб тайпаялъул цӏер. Гьеб гордазда лъуни, цониги минаялда лъезе ккеларо кондиционер – гьеб цӏералъ къватӏибе биччаларо хинлъиги. Буго нилъер цӏорол завод. Сордо-къоялда жаниб гьениб хӏадурула 600 тонна цӏорол. Гьеб бичула Россиялъул регионаздеги къватӏисел улкабаздеги. Гӏалимзабазул цӏигьариялдаса пайда босани, заводалъе щолеб хайир чанцӏулго цӏикӏкӏинаан. Амма, пайда щиб, нижер ахӏиялъухъ гӏинтӏамулев чи гьечӏо», — ян.

Магӏарул районазда ругел иццазул халгьабулаго, гӏалимзабазул цӏех-рехазул ккарал хӏасилал нижеца рахъизе руго «Хӏакъикъаталъул» гьурмазда.

Кавсарат Сулейманова