Миллаталъул матӏулъун кколеб миллияб газета хъвазе кӏочене бегьиларо

Дагьаб цебегӏан Шамилхъалаялда тӏобитӏана республикаялъул почалъул ва газеталъул редакциялъул хӏалтӏухъабазул данделъи. Гьениб берцинаб, цоцазда ричӏчӏараб хабарги ккана. Хӏукму гьабуна, цоцазда гӏайибал чӏвалел рукӏинчӏого, кидаго гӏадин цадахъ рекъон хӏалтӏизе ва газета цӏалдолезухъе гӏужда щвезабизе хӏаракат бахъизе.