Билизе теларо умумузул махщел
Хунзахъ районалъул Гьоцӏалъ росу ккола Дагъистаналъул халкъияб устарлъиялъул центразул цояб
Гьоцӏалъ росуйилан абидал, гӏемерисезда ракӏалде рачӏуна гӏарцулгун пахьул батӏи-батӏиял тӏагӏелалги алаталги. Щайгурелъул 1958 соналдаса нахъе Гьоцӏалъ хӏалтӏулеб бугелъулха артель (художествияб комбинат). Гьеб рагьизе тӏоцебе ракӏалде ккарав чиги вуго Мухӏамад Жамалудинов. Араб гӏасруялъул лъабкъоялда анцӏабилел соназда раккана Россиялдаго цӏар рагӏарал махщелчагӏи: И. Е. Репинил цӏаралда бугеб пачалихъияб премия щварав Б. Гьиматов, Т. Хӏажимирзоев, М. Гӏабдурахӏманов, Г. Гӏабдухӏалимов ва цогидалги. Артелалда гьарулел рукӏана хунжрул, цӏарагӏ, гӏучӏалтӏамал, руччабазул рахсал, кӏилкӏал, баргъичал, рачалаби. Амма пахьул хӏалтӏаби гьоцӏдерица гьарулаан артель рагьилалде кӏиго гӏасруялъ церего. Тӏоцере гьарулел рукӏун руго жаниб квен гьабулел ухиял (котелки). Тӏолабго Авариялдаса гӏадамал рачӏунаанила гьел росизе. Гьеб «пахьул гӏасруялдаса» хадуб дагь-дагьккун гьаризе байбихьана гӏарцул тӏагӏелалги. Доб заманалда артелалда хӏалтӏулев вукӏана лъабнусгоялдаса цӏикӏкӏун чи.
Гӏасруялдаса гӏасруялде загьирлъулел рукӏана гӏицӏго гьоцӏдерие хасиятал накъищал. Гьоцӏдерица гьабулеб къайиялда бахъулаан аслияб лъабго накъищ: жубараб накъищ, хъахӏаб накъищ ва чӏегӏераб накъищ. Руччабазул алатал берцин гьаризе гӏемерисеб мехалда бахъулеб букӏана «дамгьан» абураб накъищ. Жубараб накъищ – пуланаб ва киданиги хисизабулареб тартибалда тӏагӏелалда тӏад рекьарал декоративиял тӏугьдулги тӏанхалги. Хъахӏаб ва чӏегӏераб накъищ – чӏегӏераб кьералда тӏад хъахӏаб яги хъахӏалда тӏад чӏегӏераб накъищ.
XХӀ гӏасруялда дагьлъана гьел тӏагӏелазул тӏалаб гьаби ва художествияб комбинатги къана. Хутӏана дагьалго чагӏи гьеб хӏалтӏи рехун течӏел. Гьабсагӏаталда дида лъалел гьоцӏдерил махщалил ккола: Хӏажиев Шарабудин, Хӏажиев Хӏажияв, Гӏумархӏажиев Тӏагьир, Сагӏидов Сагӏид, Хӏажимухӏамадов Мухӏамад, Мухӏамадгӏалиев Султӏанахӏмад. Гьезул алатал росула батӏи-батӏиял шагьаразде ричизе ва выставкабазда лъезе. Хьул буго, гьел устарзабаз жидерго махщел тӏагӏине теларин ва лъималазе ирсалъ кьелин абураб.
Разияханум Патӏиналаева,
Гьоцӏалъ росу