Северияб Кавказалъул экспедициялъул хӏалтӏул хӏасилал

Россиялъул гӏелмияб академиялъул Археологиялъул институталъулги (ИА РАН) Дагъистаналъул федералияб цӏех-рехалъул централъул Тарихалъулгун археологиялъул ва этнографиялъул институталъулги (ИИАЭ ДФИЦ) гӏалимзабазул цадахъаб хӏалтӏул хӏасилалда чӏезабуна кӏиго миллион соналъ цебеккун тӏубанго батӏияб гӏумру букӏараблъи Дагъистаналъул ракьалда.

Палеолитин абула ганчӏил гӏасруялъул заманалда. Гьебмехалда дунялалда рукӏана пикру гьабизеги цадахъал ишал гӏуцӏизеги бажари бугел, инсанасда релълъарал маймалаказда цебесебин гӏалимзабаз абулел къокъабазул тайпаби (гьезда абула гоминидалин). Гьез хӏалтӏизарулел рукӏана рукӏа-рахъиналъеги чанахъанлъиялъеги хӏажатал ганчӏилги, цӏулалги, рукьбузулги, цӏакилги алатал. Гьезда жеги лъалароан ракьалдаса пайда босизе. Гьезул гӏумру бараб букӏана тӏабигӏаталда. Квание гьез хӏалтӏизабулаан чан яги хурдул. Гьедин гӏумру гьабулел гоминидазул лъалкӏал гӏалимзабазда тӏоцере ратун руго Северияб Африкаялда.

Тарихчагӏазгун археологаз 2005 соналда байбихьана Гӏахъуша районалъул Гӏахъуша росдада гӏагарлъухъ ругел гохӏазул цӏех-рех гьабизе. Гьелъие гӏаммаб нухмалъи гьабулеб буго РАНалъул член-корреспондент, археолог Хизри Гӏамирхановас. Гьесул баяназда рекъон, Дагъистаналда бугеб археологияб памятникалъ инсанияталъул тарихалъул хӏакъалъулъ букӏараб пикру кьучӏдасанго хисизабизе рес буго.

10 соналъул цӏех-рех

Хизри Гӏамирхановасул нухмалъиялда гъоркь Мухкай абураб бакӏалда гӏуцӏарал гӏелмиял цӏех-рехазул ва ккарал хӏасилазул хӏакъалъулъ нижеца хъван букӏана ункъо соналъ цебеги. Исана гӏалимзабазда гьенир ратун руго кӏиго млн 800 азарго соналъ цебе некӏсиял гоминидаз дагьаб заманалда гӏумру гьабиялъул лъалкӏал. Гьел лъалкӏалги халлъулел руго 70 метралъул гъварилъуде бухъараб ракьул 30-ялдаса цӏикӏкӏун геологияб гъаталъулъ. «Нижеца халгьабулеб культураялъул хронологияб манзил буго цӏакъ халатаб – цо миллионгун 200 азарго сон. Гьелда бан гӏемерлъулел руго церечӏолел батӏи-батӏиял масъалабиги. Гьабсагӏаталда нижер цӏех-рех унеб буго бищунго некӏсияблъун рикӏкӏунеб олдаван абураб тарихияб заманалда сверухъ. Гьелдаса хадуб байбихьизе буго ашель абураб заманалъул цӏех-рех. Гьеб ккола гӏага-шагарго миллион соналдаса ичӏнусазарго соналде гӏагарун заман», – ан бицана Х. Гӏамирхановас.

Гӏалимчияс рехсараб заманалда букӏинчӏо гьанже заманалъул чиясда релълъарав инсанго. Букӏинчӏо гьезул гӏумру гьабулеб цоккураб бакӏги. Абизе бегьула, сапаралда бугеб къокъаялъ сордо яги цо чанго къо базе тӏасабищараб бакӏалда релълъунаанин гьанже гӏалимзабаз Мухкаялда цӏех-рех гьабулеб бакӏилан. Гьезул пикруялда, Мухкаялда гоминидаз гӏумру гьабулеб букӏун буго Африкаялда рукӏараздасаги цебеккунго ва гьединлъидал тӏолабго дунялалъул инсанияталъул тарихалда хиса-басиял ккезарула гьеб памятникалъул цӏех-рехалъ. Африка тун хутӏараб дунялалда, хасго Евразиялда, ратарал гӏадамазул гӏумруялъул лъалкӏазда гьоркьоб Дагъистаналъул археологазда батараб ккола бищунго некӏсиябин абизе бегьулеб памятник. Гьелъие нугӏлъи гьабула Мухкаялда ратарал инсанасулин абизе бегьулелги ва цогидалги рукьбузги рукӏа-рахъиналъул алатазги ва хурдузулгун рухӏчӏаголъабазул хутӏелазги. Гӏалимзабазухъе щун буго азаргоялдасаги цӏикӏкӏун гьединаб хӏужа.

«Раскопкаби гьанир гьарулел руго 10-ялдаса цӏикӏкӏун соналъ. Гьезул хӏасилазул хӏакъалъулъ бицана батӏи-батӏиял гӏелмиял дандеруссиназдаги гӏелмиял журналаздаги. Гьеб хӏалтӏи жеги гӏемерал соназ халалъизеги буго. Ганчӏил эраялъул кватӏараб заманалъул цӏех-рехал гьарулел руго жеги Югалъулаб Дагъистаналда, Дарвагъчаялда, Рубасалда. Руго гьединалго халгьабиял унел Азов ралъдада гӏагарлъухъги. Гьаниб гӏадинаб некӏсияб памятник гьезда гьоркьобги гьечӏо», – ян бицана экспедициялъул нухмалъулес.

Мухкай 1

Ахираб ункъо соналда жаниб гӏалимзабаз халгьабиялъе бухъараб гохӏил борхалъи бахана азаралда анлънусго метралде. «Мухкай-1» абураб щобда раскопкаби гьарулел руго Дагъистаналдаса гӏалимзабаз. Гьезул нухмалъулев, тарихиял гӏелмабазул кандидат Артур Таймазовас бицана ахираб заманалда щварал баяназул хӏакъалъулъ. «Гьаниб халлъулеб буго тӏубанго батӏияб ландшафт. Миллионал соназ цебе гьеб бакӏалда букӏинчӏо мегӏер-щоб, гьеб букӏана гӏатӏидаб авлахъ. Авлахъалдасан чвахулеб букӏана гӏор. Гьеб чвахулеб букӏана Каспий ралъдахъе. Гьенирехун чвахулел руго гьабсагӏаталда районалда ругел Гӏахъуша ва Цианшури абурал гӏоралги. Гьеб пикру тасдикъ гьабула нижеда ратарал ралъдал рухӏчӏаголъабазул хутӏелазги.

Нижеца бухъараб гохӏил ункъо метралъул гъварилъуда якъинго бихьулеб буго гӏурул мухъалъул куц. Гьелъул буго ункъо метр гӏеблъи ва метргӏанасеб гъварилъи. Тӏасияб ракьул гъат буго жакъаги гӏурул рагӏалда букӏунеб гӏадинаб хӏатӏ. Гьелъул биццалъи буго цо метр. Хадусеб гъат – ганчӏазул сокӏкӏел – гьеб халалъула тӏолабго гохӏилъ. Гьеб бихьулеб буго Мухкай-2 памятникалъул раскопкабазухъ балагьидал. Релълъарал руго кӏиябго памятникалда ратулел тарихиял хӏужабиги. Нижеда ратана чопералги (пуланаб жоялда тӏад кьабизе хӏадурараб алат), ганчӏил гьарурал чӏахӏиял ва гӏисинал батӏи-батӏиял тайпабазул нусалги, хучдулги, цӏоко ччукӏизе яги бацӏцӏад гьабизе хӏалтӏизарулел алаталги. Абизе бегьула, гьанир ругин олдаваналъул заманалъе хасиятал тӏолалго тӏагӏел-алаталин.

Гьел хӏужабаз бицунеб буго, гьаниб, гӏурул рагӏалда букӏанин некӏсиял гӏадамазул гӏумру. Гьез хӏалтӏизарулаан мачӏуялъул гьарурал алаталгун тӏагӏелал. Мачӏу гӏемер буго Мухкаялда», – ян бицана Таймазовас.

Гӏахъуша район рикӏкӏуна некӏсиял памятникал гьарзаяб бакӏлъун. Гьенир раскопкабигун цӏех-рехал гьаризе байбихьана Дагъистаналъул машгьурав гӏалимчи Владимир Котовичас. Араб гӏасруялъул 50-60-абилел соназда гьесда гьенир ратана ганчӏил гӏасруялъул 60-азаргоялдаса щуазарго соналде щвезегӏан цереккунисел гӏемерал памятникал. «Гьабсагӏаталда нижеца гьарулел цӏех-рехал тӏубанго батӏиял руго. Дол соназда рукӏинчӏо памятникалъул ригь мухӏканго чӏезабун бажарулел технологиял. Цӏех-рехал байбихьиялъе гӏиллалъун ккана гӏадатияб лъугьа-бахъин. Гӏахъуша районалда телефоналъул вышка лъолеб мехалда, борхатаб гохӏда ратун руго некӏсиял алатал. Гьел рачӏана ДНЦялъул гӏалимзабазухъе. Чӏезабуна гьел щуазарго соналъ цере рукӏарал ругеблъи, ай мазгарул заманалъул кколеблъи. Дун ана Гӏахъушиве. Байбихьана раскопкаби гьаризе. Амма гьадинаб бечедаб памятникалде тӏаде ккелин хьулго букӏинчӏо.

Дагь-дагьккун, къойил хӏалтӏун щолел руго тарихиял артефактал. Аслияб масъала хӏужаби рати кколаро, кӏвар бугеб масъала буго гьезул ригь чӏезаби. Гьелъие кумекалъе хӏажалъула физикалги, химикалги ва цогидал гӏалимзабиги. Археологасда тӏадаб буго пуланаб бакӏалда некӏсияб хӏужа балагьи, гьелъул мухӏканаб цӏех-рехалда гьоркьоре лъугьуна батӏи-батӏиял гӏелмаби.

Нижеда гьанир ратарал хӏужабазул кьучӏалда мухӏканго абизе бегьула, Бакъбаккул Африкаялдаги Дагъистаналдаги, ай батӏи-батӏиял ва цоцадаса цӏакъго рикӏкӏада ругел бакӏазда гӏумру цого къагӏидаялда цебетӏолеб букӏанин. Цоцазулгун бухьеназе рес букӏинчӏониги, гьезул букӏун буго цӏакъ релълъараб рукӏа-рахъин», – ан бицана Хизри Гӏамирхановас.

Археологазда Мухкаялда ратарал хӏужабазул халги гьабун, биологаз чӏезабуна, масала, гьениб гӏумру гьабулеб букӏараблъи жирафазги, пилазги, антилопабазги, зебраялда релълъарал чуязги, ай саваннаялъул хӏайваназ. Мугӏрузул тайпаялъул хӏайваналъул рукьби яги мугӏрузда рижулел хурдузулгун гъутӏбузул хьонал-хутӏелалго ратулел гьечӏо гьенир.

Мухкай II

Гьаниб хӏалтӏулеб буго РАНалъул Археологиялъул институталъул гӏалимзабазул къокъа. Гьезие нухмалъи гьабулеб буго тарихиял гӏелмабазул кандидат Дмитрий Ожерельевас.

«Тӏоцебесеб нухалда 2009 соналда вачӏана дун Дагъистаналде. Дун щвана Дербенталде, Гъуниве. Дие рокьула мугӏрул, дун гьавуна Казахстаналда, Алматыялда гӏагарлъухъ. Гьединлъидал батила, мугӏруздехун цӏикӏкӏун цӏала ракӏ.

Щибаб соналъ роол заманалда гьанив хӏалтӏула. 2015 соналда нижеда батана кӏиазаралда щунусгониги ракьа. Гьелдаса нахъе ратулел руго цогидал тарихиял хӏужабиги.

Мачӏуялдаса рекизарулаан кескал ва гьел хӏалтӏизарулаан батӏи-батӏияб хӏалтӏи гьабулеб мехалда. Масала, бегӏераб рахъги цебехун ккезабун, бухулаан цогидаб гамачӏ, бекизабулаан цӏулакьо. Щибаб алаталъе кьун буго иргадулаб номер. Амма жеги ургъун гьечӏо чӏванкъотӏараб къо-моцӏ чӏезабулеб гӏелмияб къагӏида. Гьединлъидал ратарал хӏужабазул гӏицӏго гӏага-шагарго ригь абизе бегьула», — ан бицана гӏалимчияс.

Дмитрий Ожерельевас абуна, жиндир харбазухъ гӏенеккун хадуб, Дагъистаналде щванилан гӏемерисел гьудулзабиги. «Дица гьезда мухӏканал хӏужабаздалъун бицуна Дагъистаналъул хӏакъалъулъ. Гьаниб буго Каспий ралъадги, мугӏрулги, гьайбатал гӏадамалги», — ян бицана гьес.

Дарья Стулова гьаюна Владимиралда. Гьабсагӏаталда хӏалтӏулей йиго Москваялда, РАНалъул АИялда лаборантлъун. 17 сон баралдаса нахъе Дарьяца гьаруна мугӏрузде сапарал. Гьелъ тӏасабищараб пишаялде дандечӏоларо эбел-эменги. Кавказалъул мугӏрузде гӏемер щвана гьей. Мугӏрузде бугеб рокьиялъ тӏасабищана гьелъ Дагъистаналде унеб археологияб экспедицияги. «Кӏиабилеб нухалда щвана дун хӏалтӏизе Дагъистаналде. Бищунго рекӏее асар гьабула мугӏруз. Гьанир гьел руго гьайбатал! Хӏалтӏи буго лъикӏаб, интересаб. Гьединлъидал свакги лъаларо, чӏамучӏлъунги букӏунаро. Дагъистаниял руго гьалбал хириял, ракӏразиял гӏадамал. Бищунго дие рокьана нисулъ хинкӏал – Москваялда хӏалбихьун букӏана дица гьаризе, амма гьанир гӏадал татуял дихъа гьарун бажаричӏо», — ян бицана Дарьяца.

Юлия Грецкаялъ лъугӏизабуна Коломна шагьаралъул Социалиябгун гуманитарияб университет. «Лъабго соналъ хӏалтӏулей йиго дун палеолиталъул гӏелмиял цӏех-рехазда. Йикӏана Москваялда гӏагарлъухъги Чехиялдаги тӏоритӏарал экспедицияздаги. Гьел цӏех-рехал рукӏана палеолиталъул ахирисел гӏасрабазул хӏакъалъулъ. Исана дие бокьана гьелдасаги некӏсияб тарих лъазабизе. Дица тӏасабищана Дагъистаналде унеб экспедиция. Гьеб буго дир рекӏее бокьун гьабулеб хӏалтӏи. Дица лъугӏизабуна тарихалъул факультет, тӏоцебесеб курсалда малъана нижеда археологиялъул кьучӏалги. Гьелдаса нахъе гӏахьаллъула археологиялъул экспедициязда. Хьул буго, дир гӏумруялда жаниб гьеб пишаялъ аслияб бакӏ кквеялдеги.

Дагъистаналде дун щвана тӏоцебесеб нухалда. Гӏажаиблъизаюна дагъистаниязул тӏабигӏаталъги гӏаданлъиялъги. Цого бакӏалда гьанир дандчӏвала исламияб къагӏидаялда ретӏа-къаралги европаялъулаб партал бугелги ясал. Дун гьание ине йигин рагӏараб мехалда, цо-цояз цӏакъ хӏаракат гьабулеб букӏана дие нух къазе, дир гӏумруялъе хӏинкъи букӏине бугоян харбалги рицун. Амма иш гӏаксалда ккана. Нухкъосун ккараб мехалдацин кумек гьаризе ккечӏо – жалго рачӏана аскӏоре ва нух малъана. Гьоболлъухъе ахӏула лъазецин лъаларел гӏадамаз. Цӏакъ бокьана дагъистаниязул тӏагӏамаб квен-тӏех.

Раскопкабазул хӏакъалъулъ абуни, дун тӏоцебесеб нухалда дандчӏвана гьанир ратарал тӏагӏел-алаталгун. Гьединал рихьун рукӏинчӏо цееккун дун щварал бакӏазда. Гьаниб кинабго цӏияб буго дие – гӏадамалги, мугӏрулги, тарихиял алаталги», — ян бицана Юляца.

Хадубккунги гӏелмиял цӏех-рехазул бакӏлъун жинца тӏасабищилаан Дагъистанин йикӏана Ю. Грецкая. «Дун ккола тарихалъул учительница, амма ракӏалъ цӏалеб махщел буго археология. Педагогияб лъаялъ кумек гьабулеб буго дие хӏалтӏизе, хасго методикияб лъаялъ», — ан абуна гьелъ.

Цо-цо халкъаз ургъун бахъула жидер тарих некӏсияб букӏиналъул хӏужа. Гьелъие гӏоло хӏалтӏизарула маргьаби, биценал, мифал. Жидерго гьечӏони, мадугьалзабазул халкъияб гьунаралъулъ хъирщадунги балагьула. Дагъистаналъул щибаб ракьул бутӏаялъулъ бахчун буго бечедаб тарих. Хизри Гӏамирхановасул нухмалъиялда гъоркь хӏалтӏулел гӏалимзабазул цӏех-рехазул хӏасилалда рагьулеб буго жеги лъиданиги лъалареб, лъиданиги ракӏалдецин ккелареб гӏадинаб Дагъистаналъул тарих. Гьелъул кьучӏалда рес буго инсанияталъулго тарихалде букӏараб бербалагьи хисизеги.

Кавсарат Сулейманова