Россия чӏухӏарал бахӏарзал

Исана 20 сон тӏубала чачаназул ракьалдасаги рачӏун,

изну гьечӏого яргъид гӏуцӏарал хъачагъал Дагъистаналде кӏанцӏаралдаса

Кидаго гӏадин, нилъер халкъ бахъана къватӏибе улка цӏунизе. 1999 соналъул августалда Дагъистаналде кӏанцӏарал хъачагъазул къокъабазде данде гьабулеб рагъулъ бихьизабураб бихьинчилъиялъухъ ва бахӏарчилъиялъухъ Дагъистаналъул лебалал васал мустахӏикълъана Россиялъул Бахӏарчи абураб тӏадегӏанаб цӏаралъеги.

Даудов Закир (1980-2000) — Россиялъул Бахӏарчи. Гьавуна 1980 соналъул 25 марталда Калмыкиялъул Черноземельский районалда. 1997 соналда школа лъугӏидал, армиялда хъулухъги гьабун, 1999 соналда витӏана Чачаналде. Гьес гӏахьаллъи гьабуна чанго тунка-гӏусиялъулъ. 1999 соналъул 10 декабралда «Басрияб Атаги» росу цӏунулаго ккараб рагъулъ гьес пулеметчик тӏагӏинавуна. 30 декабралда, Аргуналъул кӏкӏалахъ 50 чиясдаса гӏуцӏараб хъачагъазул къокъаялъ, бакӏ лъикӏго лъалеб букӏиналдаса пайдаги босун, солдатазде гулла базе байбихьана ва гьел нахъе къазе ккана. Кӏудияв сержант З. Даудовас, гьалмагъзаби нахъе инегӏан, тӏаде рачӏунезул гьужум нахъчӏвана ва къайицадахъазда хадувги гъун, нахъеги вагъизе лъугьана. Амма гьеб рагъулъ Закир захӏматго лъукъана ва гьенивго къадаралде щвана. Гьесие Россиялъул Бахӏарчиясул цӏар кьуна 2000 соналъул 19 апрелалда.

Загьидов Загьид – полковник, Россиялъул Бахӏарчиясул цӏаралъе мустахӏикълъана 1999 соналъул 5 октябралда. Гьавуна 1961 соналъул 25 маялда Гъуниб районалъул Кӏогьориб росулъ. Советияб армиялъул кьеразулъ хъулухъ гьабуна Афгъанистаналда. Милициялде хӏалтӏизе лъугьана 1981 соналъул ноябралда.

1999 соналъул лъугьа-бахъиназда гӏахьаллъизе Загьид Болъихъе вачӏана 30 июлалда. 2 августалда милициялъул хасаб батальоналъул бетӏерлъуда гьев гӏахьаллъана Цӏумада ккарал рагъулал тунка-гӏусиязулъ ва цебелъураб масъала ракӏбацӏцӏадго тӏубазабуна.

25 августалда Загьидица нухмалъи гьабулеб рагъухъабазул къокъа рехана Гъадар мухъалде. Гьезда тӏадкъан букӏана Карамахьи ва Чабанмахьи росаби вагьабияздаса эркен гьари. Хӏалуцараб рагъулъ гьес нухмалъи гьабулел рагъухъабаз тӏадкъайги тӏубазабуна.

Мухӏамадов Дибирхӏажи – доб заманалда милициялъул Болъихъ райотделалъул хӏалтӏухъан, Россиялъул Бахӏарчи. Гьавуна Болъихъ районалъул Гъодобери росулъ 1968 соналъул 23 марталда. Армиялда хъулухъ гьабун хадуб, 1994 соналда милициялде хӏалтӏизе лъугьана ва гьеб заманалде СОГалъул командирлъун вукӏана. Россиялъул Бахӏарчиясул цӏаралъе мустахӏикълъана 2000 соналъул 29 маялда.

1999 соналда яргъид гӏуцӏарал хъачагъазул 500 чи жаниве вачунеб къокъа Дагъистаналъул ракьалде кӏанцӏараб заманалда, Дибирхӏажи гьелгун дандчӏвана, Гъодобери росу цӏунулаго. Гьесда кӏвана ахӏичӏого рачӏарал «гьалбадерил» кӏиго бронетехника тӏагӏинабизе. Гьеб къоялъ Болъихъ районалъул милиционераз чӏвана 13 хъачагъ.

15 августалда тушман иргадулаб гьужумалде ана. Гьебмехалъ Дибирхӏажида, гьезде нахъеги лъугьун, гьезул 2 минометги 22 чиги тӏагӏинаризе кӏвана. Хъачагъаз гьесул бетӏералъухъ 25 азарго доллар кьезе бихьизабун букӏана. Радиоэфиралдасан гьез абулеб букӏана Дибирхӏажил бетӏер къотӏизе хасаб станок хӏадурун бугилан. Гьезие жавабалъе Дибирхӏажица, тушманги тохлъизавун, батӏи-батӏиял бакӏаздаса ваккун, гьезие кӏудияб зарал гьабулеб букӏана.

Мугӏрузул нохъабазда рахчун рукӏарал хъачагъазул 40 чи, жанире магӏу чвахизабулел алаталги рехун, къватӏиве кӏанцӏизавуна ва гьенивго тӏагӏинавуна. Гъодобери росдада гӏагарлъухъ ккараб рагъулъ, живго лъукъун вугониги, гьес захӏматаб ругъун щварав гьалмагъ нахъе вачана.

Рагъдаса хадув Дибирхӏажи Мухӏамадов Россиялъул МВДялъул академиялде цӏализе лъугьана ва, гьебги лъугӏизабун, 2008 соналдаса нахъе Москваялда гӏумру гьабун вуго.

Гъазаналипов Муртузагӏали (1964-1999) – Москваялъул метроялъул хӏалтӏухъан, Россиялъул Бахӏарчи. Гьавуна Болъихъ районалъул Гӏанди росулъ 1964 соналъул 10 февралалда. Канлъи дагьаб бугилан армиялда хъулухъ гьабизе Муртузагӏалие рес щвечӏо. Москваялде цӏализе арав гьесие битӏ ккечӏо ва гьенивго хӏалтӏизе лъугьана. Дагъистаналде хъачагъал кӏанцӏун ругилан хабар рагӏидал, гьев рокъове тӏадвуссана ва ополчениялъул кьеразулъе лъугьана. 1999 соналъул 2 августалда гьев захӏматго лъукъана ва къадаралде щвана.

1999 соналъул 25 октябралда Гъазаналипов Муртузагӏалие кьуна Россиялъул Бахӏарчиясул цӏар.

Нурахӏмаев Хӏажимурад (1979-1999) – Россиялъул Бахӏарчи.

Гьавуна 1979 соналъул 3 декабралда Болъихъ районалъул Ансалтӏа росулъ.

1999 соналъул 11 августалда хъачагъал рачӏана Хӏажимурадил рокъоре. Рачӏун мехго балелде, гьелги тохлъизе гьарун, Хӏажимурадица гьезул цоясухъ букӏараб ярагъги босун, хъачагъазул ункъояв чӏвана. Кьвагьиялъухъе тӏаде щварал хъачагъаз гьевги чӏвана.

Россиялъул президентасул указалда рекъон, гьеб бахӏарчилъиялъухъ Нурахӏмаев Хӏажимурадие кьуна Россиялъул Бахӏарчи абураб цӏар.

Орлов Андрей (1962-1999) – тӏоцебесеб классалъул рагъулав летчик, Россиялъул Бахӏарчи.

Гьавуна 1962 соналъул 6 июналда Махӏачхъалаялда. Цӏалана Витебскалда роржарухъабазул централда. 1993 соналда хъулухъ гьабизе вачӏана Северияб Кавказалъул жанисел ишазул аскаразде.

1999 соналъул июлалдаса байбихьун, гьеб регионалда рагъулал буюрухъал тӏуралев вукӏана.

1999 соналъул 11 августалда, экипажгун цадахъ, аскаразул нухмалъулелги рачун, МИ-8 вертолеталда Махӏачхъалаялдаса Агъвалире роржунаго, Болъихъе щолаго, хъачагъаз вертолеталде гьужум гьабуна ва гьеб бортизабуна. Цӏа рекӏараб гьелда жаниса киналниги къватӏире рахъинаризе, лъукъун вугониги, Андрейица хӏаракат бахъулеб букӏана. Амма гьеб лахӏзаталда щвараб цогидаб ракетаялъ гӏадамазе зарал гьабуна. Щварал ругъназул хӏасилалда Андрей Орлов хвана.

Россиялъул президентасул указалда рекъон, гьесие кьуна Россиялъул Бахӏарчи абураб цӏар.

Мурачуев Халид (1972-1999) – милициялъул взводалъул командир, Россиялъул Бахӏарчи. Гьеб цӏар Халидие кьуна хун хадуб – 2001 соналъул 31 январалда.

Гьавуна 1972 соналъул 11 январалда Кули районалъул Кули росулъ. Школаги лъугӏизабун, цӏалана Ульянов шагьаралда, росдал магӏишаталъул институталда. Армиялдаса хадув милициялде хӏалтӏизе лъугьана. Вукӏана взводалъул командирлъун. 1999 соналъул августалда гьев витӏана Новолак районалде хъачагъазде дандечӏей гьабизе.

Новолак ва Казбек районазул ракь бихьулеб «Телевышка» борхалъиялда милициялъул хӏалтӏухъабазул къокъагун цадахъ гьесда тӏадкъан букӏана пост цӏунизе. 1999 соналъул 5 августалъул радал гьесда рихьана вышкаялде гӏагарлъулел гӏадамазул къокъа. Гьеб рагъулъ милициялъул хӏалтӏухъабазда кӏвана гьезул гьужум нахъчӏвазе. Басаев Шамилил къокъаялъ гьезде гӏарада балеб букӏана. Тушманас цоги нухалъ гьабуна гьужум, гьелда хадуб нахъеги. Сордо-къоялъ халатбахъараб рагъулъ гьитӏинабго къокъаялъ яргъид гӏуцӏарал хъачагъазе цере ине рес кьечӏо. Цоясда хадув цояв чӏвана Халидил гьалмагъзабиги. Къасиялде чӏаго хутӏана кӏигояв – Халид Мурачуев ва Мутей Гӏисаев. Радал мех щвезегӏан гьел кӏиязго Басаевасул чукъбузе бокьараб гьабизе течӏо, амма гьелги чӏвана. Хадуб, гьениса хъачагъал нахъе хъамидал, кӏиявго бахӏарчиясул жаназаби кодоре щвечӏо. Кверал, гъуждул рекарал, гӏакъуба кьун хвезарурал гьезул жаназаби ратана лъагӏалидасан.

Гӏисаев Мутей (1964-1999) — милициялъул взводалъул командир, Россиялъул Бахӏарчи. Гьеб цӏар гьесие кьуна хун хадуб – 2001 соналъул 31 январалда.

Гьавуна 1964 соналъул 5 маялда Новолак районалъул Новолакское росулъ. Школалдаса хадуб Каспийск шагьаралда СПТУги лъугӏизабун, армиялда хъулухъ гьабуна. Хӏалтӏизе лъугьана милициялде.

Новолак районалъул «Телевышка» борхалъи цӏунизе тӏадкъараб милициялъул хӏалтӏухъабазул къокъагун цадахъ Мутей гӏахьаллъана гӏасияб рагъулъ. 1999 соналъул 5 августалъул радал тушбабаз байбихьараб гьеб гьужум тӏубараб сордо-къоялъ халатбахъана. Сордо рогьинегӏан хъачагъазде дандечӏейги гьабун, гьалмагъзабиги чӏван нахъе хутӏарал кӏиялго – Мутей Гӏисаев ва Халид Мурачуев радал тушбабазухъе щвана ва гьел, гӏакъуба кьун, хвезаруна. Бетӏер къотӏун, гвандиниве рехарав командирасул жаназаялде тӏаде хъачагъаз лъукъ-лъукъун, амма жеги чӏаго вугев Мутейги рехун, тӏаде ракь хъвана. Гьезул жаназаби ратана гӏицӏго 2000 соналъул 15 сентябралда.

Гьединаб къисмат ккана 1999 соналъул август-сентябралда ккараб рагъда, гӏумруялда барахщичӏого рагъарал Дагъистаналъул бахӏарзазул.

Амма рагъ гьелдалъун лъугӏичӏо. Тушманасул квердаса хадусел соназдаги гӏумруялдаса ратӏалъана анцӏ-анцӏ бахӏарзал. Гьезда гьоркьор руго Ватӏаналъе гьабураб ракӏбацӏцӏадаб хъулухъалъе ва бихьизабурб бихьинчилъиялъе гӏоло Россиялъул Бахӏарзаллъун рахъарал дагъистаниял:

1. Аскеров Аскер (1980-2005) — Буйнакск район, Халимбегаул росу.

2. Илясов Арзулум, полковник (1953-2005) – Казбек район, Гуни росу.

3. Къурбанов Гӏабдулхаликъ (1978-2004) – Цӏунтӏа район, Бежтӏа росу.

4. Гӏабдурахӏимов Мухӏамадшамил (1980-2005) — Махӏачхъала.

5. Гӏумаров Мухӏамад (1947-2005), генерал-майор – Лаваша район, Мекеги росу.

6. Гӏусманов Мухӏамад (1972-2007) – Сергохъала район, Гамри росу.

7. Мухӏамадтӏагьиров Гӏадилгерей, генерал-майор (1956-2009) – Гъуниб район, Гьонода росу.

8. Мухӏамадов Гӏабдулмалик, майор (1960-2008) – Гъарабудагъкент район, Губден росу.

9. Мухӏамадов Ахӏмад, полковник (1962-2010) – Чӏарада район, Рилъаб росу.

10. Подвальный Сергей, кӏудияв оперуполномоченный (1967-2005) – Махӏачхъала.

11. Сулейманов Мухтар, старшина (1980-2004) — Цӏунтӏа район, Бежтӏа росу.

12. Халикъов Радим, капитан (1970-2003) – Сулейман-Стӏал район, Ортӏа-стӏал росу.

13. Хӏажиев Гъапал (1976-2010), подполковник – Махӏачхъала.

14. Хӏажиев Хӏайдархан, генерал-майор (1954-2001) – Хунзахъ район, Харахьи росу.

1999 соналъул августалда чачаназул ракьалдаса Дагъистаналде хъачагъал кӏанцӏиялъул хӏасилалда кӏудияб зарал ккана Цӏумада, Болъихъ, Новолак, Буйнакск районазул 48266 чиясе, 32 росдае, чӏвана 129 ва лъукъана 379 чи ва гьединго 45 милициялъул хӏалтӏухъангун 18 ополченец. 30 азаргоялдаса цӏикӏкӏун дагъистанияв хӏажатавлъун ккана, жидерго рукъзалги рехун тун, къватӏире ине.

1999 соналда республикаялъул 38 районалда ва 10 шагьаралда гӏуцӏун букӏана, гӏаммаб куцалда, 26124 чи гъорлъ вугеб, росабигун ва шагьарал цӏуниялъул къокъаби.

Гьеб рагъул аслияб дарслъун нилъее кидаго буго Дагъистаналъул халкъазул тушманасде данде цолъи. Нилъер халкъалъ бихьизабуна ватӏан бокьиялъул тӏадегӏанаб мисал. Гӏолеб гӏелалда гьеб бичӏчӏизаби буго жакъасеб къоялъул аслиял масъалабазул цоябги.

Зикрула Илясов