Цӏумада районалъул тарих
Цӏумада район тӏибитӏун буго Кавказалъул мугӏрузул Бакъбаккул рахъалда ругел ралъдал гьумералдаса 3000 метралъул рорхалъабазда. Республикаялъул Югалъулабгун бакъбаккул бутӏаялда, Гӏанди гӏурул рагӏаллъиялда, Богоссалъул щобазул рорхалъабазда ва жанирлъабазда тӏибитӏун бугеб Цӏумада районалъул гӏатӏилъи бащалъула 1178 квадратияб километралда. Гьабсагӏаталда районалда гӏумру гьабулеб буго 25 азаргогӏан чияс. Район тун къватӏиб республикаялъул районаздагун ва шагьаразда. Россиялъул регионазда гӏумру гьабулел цӏумадисезул къадар бахуна 110 азарго чиясде.
Цӏумада районалъул гӏорхъи буго Гуржиялъулгун, Чачаналъулгун, Болъихъ, Шамил, Лъаратӏа, Гӏахьвахъ ва Цӏунтӏа районазулгун.
Район бечедаб буго тарихиял, тӏабигӏиял ва минералиял памятниказдалъун. Ралъдал гьумералдаса 4151 метралъул борхалъи бугеб Гӏадаласул Шулъел мегӏер, гучал рохьал, лъарал, чвахаби, Инхокъвари ва цогидалги минералиял иццал. Къокъго абуни, Бетӏергьанас гьарзаго кьун буго цӏумадисезе гьайбатаб тӏабигӏаталъул беричаб ва баракатаб ракь.
10 — 11 августалда цӏумадисез кӏодо гьабулеб буго район гӏуцӏаралдаса 90 сон тӏубай.
Юбилеялъул программа
10 август
9.00 — 9.40 — Гьалбадерида дандчӏвай.
10.00 — Цӏумада районалъ 90 сон баялъул ва яргъид гӏуцӏарал щущахъ риххизариялъ 20 сон баялда бан данделъи.
12.00-14.00 — миллиял майданал, спортивиял турнирал, къадеквен, концерт.
14.00 – Совет Союзалъул Бахӏарчи Къади Абакаров ракӏалдещвеялъул эркенаб гугариялъул рахъалъ тӏолгороссиялъул турнир рагьи.
17.00 – Гьалбал тӏоритӏи.
11 август
9.00-16.00 – Соревнованиял. Бергьаразе шапакъатал кьей.
Гьеб тадбир тӏобитӏараб куцалъул хӏакъалъулъ нижеца гӏатӏидго хъвазе буго хадусеб номералда.
Цӏумада районалъул тарих
(1928 сон – центр Агъвали, 1932 сон – центр Цӏумада росу, 1936 соналдаса нахъе центр Агъвали росу).
Цӏумада кантон гӏуцӏана 1926 соналда гӏуцӏун букӏараб Эчеда районалда ва цо бутӏа Гӏанди округалда гьоркьоре унел рукӏарал ракьаздаса ДАССРалъул ЦИКалъул VI ахӏиялъул 4 сессиялда гьабураб хӏукмуялда рекъон 1928 соналъул 22 ноябралда.
1929 соналъул 3 июналда гьабураб ВЦИКалъул хӏукмуялдалъун кантон сверизабуна районалде.
1963 соналъул 1 февралалда къватӏибе бачӏараб РСФСРалъул Верховный Советалъул Президиумалъул Указалдалъун Цӏумада район сверизабуна росабазулаб район абун. Гьезулго хӏукмуялдалъун 1965 соналъул 12 январалда цебе букӏахъе Цӏумада районалде сверизабуна.
Район гӏуцӏаралдаса
нахъе ккарал хиса-басиял
1. 1930 соналъул 25 декабралда гьабураб ВЦИКалъул хӏукмуялдалъун Цӏумада районалда гьоркьоса цо-цо росабазул советал Цӏунтӏа районалда гъорлъе кьуна.
2. 1944 соналъул 7 июналда къватӏибе бачӏараб РСФСРалъул Верховный Советалъул Президиумалъул хӏукмуялдалъун Цӏунтӏа ва Шарой районал къаялдалъун гьезул рукӏарал ракьал, росаби Цӏумада районалде цолъизаруна.
3. 1951 соналъул 25 сентябралда гьабураб ДАССРалъул Верховный Советалъул Президиумалъул хӏукмуялдалъун Гӏахьвахъ районалда гьоркьоб букӏараб Гьимерсо росдал совет Цӏумада районалда гьоркьобе рехана.
4. 1951 соналъул 6 марталда къватӏибе бачӏараб РСФСРалъул Верховный Советалъул Президиумалъул Указалдалъун Цӏумада районалда гьоркьоб букӏараб Кидеро росдал совет Лъаратӏа районалда гьоркьобе кьуна.
5. 1955 соналъул 15 октябралда къватӏибе бачӏараб РСФСРалъул Верховный Советалъул Президиумалъул Указалдалъун Цӏунтӏа районалъул букӏараб ракь нахъбуссинабуна цӏидасан гӏуцӏараб Цӏунтӏа районалъухъе.