Кантӏулел гьечӏо

Жакъа къоялде щвезегӏан гъанкъун вуго 22 чи

6 августалда Дагъистаналъул Хӏукуматалъул председатель Артем Здунов дандчӏвана батӏи-батӏиял районазул ва исполнительниял органазул вакилзабигун. Гьоркьоб лъун букӏана лъималазе лъадалъ кколеб бугеб заралалъул хӏакъалъулъ суал. Гьелъие гӏиллалъунги букӏана жакъа къоялде щвезегӏан лъелъ 22 чи гъанкъун вукӏин, гьезда гьоркьоса — 11 лъимер.

Артем Здуновас кӏвар кьуна чвердеялъул заман жеги лъугӏун гьечӏолъиялде ва лъадалъ хӏинкъигьечӏолъи чӏезабизе ккеялде.

— Гьеб суалалда тӏад ургъизе ва цадахъ рекъон хӏалтӏи гьабизе ккола МЧСалъги, Лъайкьеялъул министерствоялъги, районазги, жамагӏалъги,- ян абуна гьес.

Дандеруссиналъул гӏахьалчагӏаз бицана, кинаб хӏалтӏи гьабуниги, хӏинкъигьечӏолъи цӏунун бажарулеб гьечӏолъиялъул. Лъимал ва чӏахӏиял гъанкъулел руго ралъдахъги, хӏорахъги, чвахелабаздаги, каналаздаги. Аслияб гӏиллалъунги буго гьукъараб бакӏалде чвердезе ин, гьенире лъимал жалго риччай. Аскӏор ругонигицин, эбел-эменги тохлъулел руго.

МЧСалъул министр Нариман Гъазимухӏамадовас бицана республикаялда гьеб рахъалъ гӏорхъолъа борчӏараб ахӏвал-хӏал бугин, хӏалтӏи кколеб даражаялда гӏуцӏун гьечӏезда гъорлъ рехсана Гъарабудагъкент ва Бабаюрт районал. Гьесул рагӏабазда рекъон, хӏинкъигьечӏолъиялъул хӏалтӏи хашго гӏуцӏун буго Казбек районалъул Сулахъ къварилъиялдаги. Гьенир гьечӏо туристазе хӏухьбахъиялъе чӏезарурал санагӏатал шартӏал. Гӏисинал гуми чӏезе бакӏгицин гьечӏо гьениб.

Республикаялда хӏисабалде босун буго кинабниги 105 пляж ва хӏухьбахъулеб бакӏ. Халгьабиялъул хӏасилазда рекъон, хӏалтӏизе изну кьуна гӏицӏго 12-ялъе.

Гӏадамазда гьоркьор тӏоритӏулел руго бичӏчӏикьеялъулал хӏалтӏаби. «Лъедезе ругьун гьаре» абураб акциялда рекъон, ясли-ахазда ва хӏухьбахъиялъул лагеразда кьун буго 99 дарс.

Махӏачхъала, Каспийск, Избербаш ва Дербент шагьаразда тӏоритӏана «Лъелъ хӏинкъигьечӏолъиялъул къоял». Гьезда малъана лъедезе, гъанкъулел хвасар гьаризе, гьезие медицинаялъулаб кумек гьабизе. Пляжазда гьединго лъун руго хвасар гьариялъул посталги. Гьединго гӏуцӏун руго гӏолилал гӏадамал хвасар гьаризе цӏализариялъул хасал курсалги, гьарун руго гьезулгун къотӏи-къаялги.

Артем Здуновас республикаялъул Туризмалъул министерствоялда тӏадкъана лъадалъ хӏинкъигьечӏолъиялъул рахъалъ хасаб программа хӏадур гьабизе.