Хӏурматиял магӏарулал!
Баркула нужеда тӏаде щвараб бусурбабазул бищунго хириял байрамазул цояб Къурбан къо. Гьарула нужер хъизан-лъималазе, гӏага-божаразе, гьудул-гьалмагълъиялъе лъикӏабщинаб. Ракӏал иманалъул цӏеги, рукъ баркат-рахӏматалъул цӏеги, хъураб Къурбанги азариде бахинабеги Аллагьас нужер. Балагьал рикӏкӏалъаги нужедаса, гӏазабазда нухал къосаги нужер гъасде. Гьабунщинаб лъикӏаб гӏамалги садакъаги къабул гьабеги Тӏадегӏанас нужер. Хӏарамабщиналдаса квер рикӏкӏалъаги. Сахаватлъиялде нух кӏочонгеги. Нужер пикрабазеги даимаб рогьел, анищазеги тӏубай гьарула. Лъималазул рухӏел киданиги бихьугеги эбел-инсуда. Гьезул адаб бугеллъун лъугьаги лъималги.
Лъикӏаб гьабизе, квешаб тезе тавпикъ кьеги нуж киназего.