Талихӏал къоял
Сагӏидова Шагьрузатица 90 сон тӏубаялде
Дир букӏана анкьго сон тӏоцее берцинай чӏужугӏадан Шагьрузат Сагӏидова йихьараб мехалъ. Гьей йикӏана киналго росдал руччабаздаса батӏияй, ретӏа-къаялъул рахъалъги, кидаго гьимун гурони кӏалъангутӏиялъги, ниж лъималазде букӏараб батӏияб хӏеренлъиялъги. Гьей дида гӏемер йихьулаан тӏугьдузул квацӏигун, цадахъ батӏи-батӏиял шагьаралдаса рачӏарал гӏадамазул къокъабигун. Нижер минаялда Фазу Гӏалиевалъул гьалмагъин абулаан гьелда.
Гьелъул яс Асиятги дунги цӏалулел рукӏана цо классалда. Дун йохулаан эбел-инсуца гьезул дое йиччаялдаса. Дида киданиги йихьичӏо гьей хӏалтӏи гьечӏого. Шагьрузат гӏемер цӏалдолаан, юкъарулаан, цо щиб бугониги хьухьуней ятулаан. Нижее – лъималазеги гьарулаан гьелъ гӏемерал пайдаял малъа-хъваял. Ригьалъ кӏудияй йигониги, нижер минаялда бищун берцинайги йикӏана гьей. Ракӏалде кколаан дунги гьелда релълъарай йикӏинин.
Шагьрузат хӏалтӏана Гъуниб районалъул Кӏогьориб школалда, ВЛКСМалъул Обкомалда ва 25 соналъ хӏалтӏана Хьаргаби КПССалъул райкомалъул секретарьлъун.
Гьал къоязда гьелъ тӏубана 90 сон. Шагьрузатида юбилей баркизе дунги ана газеталъул редакторасул заместитель Зикрула Илясовгун цадахъ. Ракӏалдаго гьечӏого рачӏарал гьалбадеридаса йохана Шагьрузат. Ракӏалде щвезабуна партиялъул хъулухъалда араб гӏумруги хӏалтӏулъ дандчӏварал захӏмалъабиги. Бицана кинал гӏарзалгун, суалалгун гьелъухъе гӏадамал рачӏунел рукӏаралалиги. Газет-журналалдехун жиндирго бугеб рокьулги, «Хӏакъикъат» газеталъул гьабулеб къиматалъулги Шагьрузатица разиго бицана нижеда:
— Гьеб букӏана 1944 рагъул сон. Гъуниб районалъул Кӏогьориб росулъ анкьабилеб класс лъугӏарай дун инсуца йитӏана Махӏачхъалаялде руччабазул педагогияб институталде цӏализе.
15 сон барай квергӏанасей яс кие дуца йитӏулей йигеян дандечӏун йикӏана эбел. Инсуца гьелда бичӏчӏизабуна яс гьанжего букӏинесеб гӏумруялде хӏадуризе кколин. Гьесул рагӏуда тӏад кӏалъазе эбелалдаги кӏвечӏо.
Доб заманалда дир эмен вукӏана тӏоцересел дагъистаниял-учительзабазул цояв.
1924 соналда гьесул хӏаракаталдалъун рагьана цӏияб школа Къахӏиб районалъул (гьанжесеб Шамил район) Тӏелекь росулъ. Дида рокъоб бицунеб рагӏулаан кинаб захӏмалъиялда гьес школа рагьарабали. Доб заманаялъ школалде лъимал риччаларин, гьел капурлъулин абулаан. Инсуда лъикӏ лъалаан гӏараб мацӏ. Гьес Къуръан цӏалулеб бихьун ва мацӏ лъалеб букӏиналъ гӏемерал херал чагӏаз байбихьана гьесул адаб-хъатир гьабизе ва дагь-дагьккун лъимал школалде ритӏизе. Гьелдаса хадуб гӏемерал соназ инсуца директорлъи гьабуна батӏи-батӏиял школазда.
Кӏоченчӏо гьев ва гьес гьабураб хӏалтӏи. Гъоркьиса 7 октябралда Кӏогьориб росулъ тӏобитӏана школалъ 90 сон тӏубаялъул байрам, кьуна школалъе дир инсул — Сагӏит Мухӏамадовасул цӏар. Гьанже гьенив вугев директор Жамалудин Ахӏмадовас кӏудиб материал бакӏарун бугоан инсул ва дир гӏумрудул хӏакъалъулъ. Школалъул къеда бан бугоан инсул сурат бахъараб хъарщи.
Институт лъугӏун ячӏарай дун хӏалтӏана школалда, амма гьениб заман бахъилалдего тӏамуна районалъул комсомолалъул секретарьлъун. Гьел рукӏана 1950-1955 сонал. Хадуй тӏамуна ВЛКСМалъул Обкомалъул пионеразул ва школалъул лъималазул заведующаялъун. Гьенисанги дун ана цӏализе Сталинградалъул партиялъул тӏадегӏанаб школалде. Гьенийги цӏалана ункъо соналъ, 1960 соналде щвезегӏан.
Партиялъулаб школа лъугӏун хадуй дун йитӏана Хьаргаби партиялъул райкомалъул секретарьлъун хӏалтӏизе, хӏалтӏана 1985 соналде щвезегӏан.
Гьел соназ дица нухмалъи гьабулеб букӏана идеологияб хӏалтӏуе. Унаан росабалъе, районалъул фермабазде, школазде, бригадабазде. Гьенир гьарулаан гӏемерал дандчӏваял. Дирго кӏалъаязда аслияб кӏвар буссинабулаан гӏадамазул лъай борхизабиялде. Хасго руччабигун гӏемер дандчӏвазе кколаан, ахӏулаан гьел нижехъего, политикиябгун магӏишатияб гӏумруялде гьоркьоре цӏалаан. Гӏуцӏана руччабазул хасаб клуб. Гьенир зама-заманалдасан данделъулаан ва цере лъолаан хъизамалъулги, жамгӏияталъул гӏумруялъулги, лъималазе тарбия кьеялъулги суалал. Доб мехалъ нижеца Хьаргаби тӏобитӏана кӏудияб руччабазул байрам Октябралъул хӏуригаталъ 50 сон бай кӏодоги гьабун. Гьенире рачӏун рукӏана сверухъ ругел районазул вакилзабиги. Киналго рохун рукӏана гьение Фазу Гӏалиева ячӏиналдасаги, гьелъ бицараб гӏакъилаб рагӏудасаги, цӏаларал кучӏдуздасаги.
Гьелдаго цадахъ гӏемер тӏоритӏизе байбихьана батӏи-батӏиял данделъаби, «Ахбазаналъул байрам», «Меседил хасел» ва цогидалги вечерал. Дун унаан районалъул хъутабазде, магӏарде, дояркабазухъе, гӏухьбузухъе.
Чанго соналъ тӏатӏалаго Хьаргабире практикаялде рачӏунаан Патрис Лумумбал цӏаралда бугеб Университеталъул студентал. Гьезулгун гьарулаан хасал дандчӏваял, тӏоритӏулаан гьудуллъиялъул концертал, рачунаан берциналщинал бакӏал рихьизаризе. Аслияб къагӏидалъ дица гьабулаан гьезулгун хӏалтӏи. Гьеб хӏалтӏудаса рази вукӏарав гьезул нухмалъулес хас гьаюн дун ахӏана университеталъул ректорасухъе Москваялде ва дие Хӏурматалъул грамота кьуна.
Доб заманалда ясал цӏализе риччаялъул суал букӏана цӏакъго захӏматаб. Росу тун къватӏире ясал ритӏиларин лъугьунаан умумул. Школазда гӏолел рукӏинчӏо руччабазул кадраби. Чанги рачӏунаан ясал нижехъе гӏарзалъ инсуца цӏализе риччалел гьечӏин абун. Дун унаан ясазул умумухъе, хас гьабун кӏалъай гьабулаан, бичӏчӏизабулаан ясалги цӏализе ритӏизе кколин. Цӏакъго умумул мукӏурлъулел гьечӏони, гьеб суал босулаан хас гьабун жамагӏаталъул собраниялде. Кин бугониги, нижехъа бажарулаан ясал цӏализе ритӏизе умумул мукӏур гьаризе. Гьедин чанго яс ана цӏализе. Хадур дихъе студентаз ритӏун рачӏунаан баркалаялъул кагътал.
Гӏемер рачӏунаан рос-рукъалъул суалалгун. Вокьарасе кьолей гьечӏин, яги йокьарай ячине толей гьечӏин. Щибаб нижехъе бачӏараб суал тӏубазабиялда тӏад хӏалтӏулаан дун.
Гӏумру унеб буго, дун йиго гьанже хӏурматияй пенсионер. Минаялъул азбаралъуе яхъун, гӏага-божаралгун кӏалъан йикӏуна.
Гьаб ахираб заманалда бищун рекӏелъ къараб жо буго, кие ялагьаниги, магӏарулаз гӏурус мацӏ бицунеб букӏин. Битӏун абуна Расул Хӏамзатовас: «Метер магӏарул мацӏ хвезе батани, хваги дун жакъаго жаниб ракӏ кьватӏун!» абун.
Къанагӏалъун руго, жал магӏарулал ругониги, мадугьалихъги рахьдал мацӏ бицунел чагӏи. Гьелъие гӏилла щиб, гӏайибияв щив абун гьикъани, дица абила эбел-эмен ругин. Гьез лъимер гьабураб къоялдаса рокъоб бицунеб буго гӏурус мацӏ. Цебе умумуз рокъоб бицунеб букӏана рахьдал мацӏ — цоги киса кибго бицунеб букӏана гӏурус мацӏ. Жакъайин абуни киназго бицунеб буго гӏурус мацӏ, руго магӏарулал жидеда цогӏаги рагӏи рахьдал мацӏалда лъаларелги. Цо-цоял чӏола магӏарул мацӏ цӏакъго захӏматаб бугилан. Мунагьал чураяв, Унсоколоса Хьаргабив хӏалтӏулев вукӏарав партиялъул райкомалъул тӏоцевесев секретарь Мухӏамад Гьиматовас абулаан магӏарул мацӏалдаса бечедабги бигьаябги мацӏ гьечӏилан. Битӏарабги буго! Нилъ чӏухӏизе ккола мацӏалдасаги миллаталдасаги. Магӏарулазул къадар Дагъистаналда буго бищун цӏикӏкӏун. Нилъеда тӏадаб буго мацӏ цӏунизеги. Школалда кьолеб цо-кӏиго дарс цӏакъ дагь буго, умумуз рокъоб бицинчӏони, гьеб тӏагӏине букӏин хӏакъаб буго.
Магӏарул мацӏ бицунаго унел эбел-лъимал рихьигун, гьел чӏезеги гьарун, дица баркала кьола рахьдал мацӏ бицунелъухъ. Нилъ чӏахӏияз берцин бицине, малъизе лъикӏаб буго гӏун бачӏунеб гӏелалда мацӏ кӏочене тогейин. Гӏурус мацӏ лъачӏого хутӏуларо шагьаралда. Гьеб киса-кибго бугелъул. Магӏарул мацӏин абуни буго эбелалъул рахьдада цадахъ нилъее рокьигун кьураб.
Дица цӏалулеб «Хӏакъикъат» газеталда гӏемерал рукӏуна мацӏ цӏуниялда хурхарал, лъикӏал художественниял, ракӏалдещвеялъулал макъалаби. Гьеб лъикӏаб хӏалтӏи жеги цӏикӏкӏинабиялда тӏад хӏалтӏизе бокьилаан гьелъул мухбирзаби.
Дун йиго кидаго газета хирияй, мухъ течӏого гьеб цӏалулей, «Багӏараб байрахъ» букӏаралдаса жакъа къоялде щвезегӏан гьеб дирго гьудуллъун ккурай чӏужу.
Цебе букӏаралдаса газета кьучӏдасанго хисун буго. Гьелъ жанире рачун руго гӏемерал суалал: жанисеб, къватӏисеб ахӏвал-хӏал, хъизам-лъимал, рукӏа-рахъин, тарих, литератураялъул макъалаби. Кӏочон гьечӏо сахлъиялъулги, районаздасаги харбал, гьитӏичазе гьурмал…
Дие бищунго бокьула культураялъул, искусствоялъул хӏакъалъулъ хъварал макъалаби. Бокьилаан, такрар гьаруни, Махӏмуд Гӏабдулхаликъовасул, Патӏимат Хизроевалъул, Сидрат Мажидовалъул ва цоги артистазул хӏакъалъулъ цӏализеги. Цере гьезулгун лъикӏал дандчӏваял рукӏунаан, хӏурматги кӏудияб букӏунаан. Кире рачӏаниги, гьез росуго бохизабулаан.
Букӏана нилъер моралияб кодекс абураб хъвай-хъвагӏай. Лъикӏаб букӏинаан лъималазе гьел суалазул бицани. Кӏудияв чи вачӏингун тӏаде рахъине ккеялъул, салам кьезе лъикӏаб букӏиналъул, лъикӏал гӏадатазул, гӏадатиял гӏадамазул хӏакъалъулъги.
Кин бугониги, кӏудияб баркала буго киналго газеталъул хӏалтӏухъабазе аслиял тарихал, дун гӏадал чагӏи кӏочонгутӏиялъухъ. Дие цӏакъ кӏудияб рохел букӏана нуж дихъе рачӏин. Гӏемерал ратила дунго гӏадинал. Дие бокьилаан нужеца гьезулги хъвани. Дица баркала загьир гьабулеб буго нужер хӏалтӏухъабазе, дирги, нижер росуцоязул ва лъималазул рахъалдасанги.
Патӏимат Расулова