Цебетӏеялъул ва ракълил нухда

10 августалда Цӏумада тӏобитӏана рохалилаб байрам

Араб шамат къоялъ Цӏумада кӏодо гьабуна район гӏуцӏаралдаса 90 сон тӏубаялъул юбилеялда, цадахъго халкъазда гьоркьосел террористазул къокъаби щущахъ риххизаруралдаса 20 сон тӏубайги.

Рацӏцӏадал къватӏал, батӏи-батӏиял игӏланаз берцин гьарурал минабазул къадал, къватӏахъан гьелчолеб гӏалам — битӏахъе мугӏрузда бугеб гьитӏинабго шагьаралда релълъун букӏана гьеб къоялъ байрамалде къачӏараб районалъул центр Агъвали.

Цӏумадисезда юбилей баркизе бетӏералда районалъул нухмалъулелгун рачӏун рукӏана мадугьалихъ ругел Гӏахьвахъ, Цӏунтӏа ва Болъихъ районаздаса вакилзаби, гӏагараб ракь тун къватӏир гӏумру гьабун ругел районцоял, Махӏачхъалаялдаса ва цогидал шагьараздасагун районаздаса цӏумадисезул гьалбал ва гьудул-гьалмагъзаби. Республикаялъул нухмалъиялъул рахъалдаса байрамалде рачӏаразда гьоркьор рукӏана республикаялъул бетӏерасул ва хӏукуматалъул администрациялъул нухмалъулев Владимир Иванов, хӏукуматалъул председателасул тӏоцевесев заместитель Анатолий Карибов, миллияб политикаялъул ва диниял ишазул рахъалъ министр Энрик Муслимов, Дагъистаналъул бетӏерасул мугӏрузул округалда вугев вакил Мухӏамад Камилов, республикаялъул Халкъияб Собраниялъул цо-цо депутатал, Жамгӏияб Палатаялъул членал ва цогидалги. Гьалбадерида гьоркьов вукӏана цӏумадисезул дурц, жиндир хӏалтӏул тӏоцересел галаби Гъоркьа Гьаквари росдал школалда учительлъун, хадув гьенивго школалъул директорлъун хӏалтӏулев вукӏарав, Дагъистан Республикаялъул тӏоцевесев президент Мухӏу Гӏалиевги.

Районалъул культураялъул кӏалгӏаялда тӏобитӏараб рохалилаб данделъиялда тӏаде рачӏарал гьалбадерие саламги кьун, баркалаги загьир гьабун, Цӏумада районалъул бетӏер Анвархӏажи Вечедовас гӏатӏидго бицана Цӏумада районалъул тарихалъул, гьелъ нахъа тараб нухалъул, культураялда, социалияб рахъалда ва экономикаялда ккарал хиса-басиязул хӏакъалъулъ. А. Вечедовас цӏар-цӏарккун рехсана районалдаса рахъарал машгьурал гӏалимзаби, росдал магӏишаталъул церехъаби, культураялъул ва спорталъул хӏаракатчагӏи. Кӏудияб Ватӏанияб рагъда гӏахьаллъи гьабуна нус-нус цӏумадисез, гьел чӏухӏула бергьенлъиги босун танкалда тӏад лезгинка кьурди гьабурав Эчеда росулъа Совет Союзалъул Бахӏарчи Къади Абакаровасдаса ва цогидалги рагъул гӏахьалчагӏаздаса.

— Умумузул бахӏарчиял ишазе ритӏухъал рукӏин бихьизабуна цӏумадисез 1999 соналъул августалда районалда тӏаде кӏанцӏарал хъачагъазде данде рагъулагоги, — ян абуна А. Вечедовас. Чачаналдаса Цӏумада районалде буго автомашинаялъул цохӏо нух, гьебги Гьигьалъ росулъан. Тӏолабго росу бахъана ахӏичӏел гьалбал нахъчӏвазе. Бетӏералда росдал ополченцазул командир Мухӏамад Зулхӏужевгун хъачагъазда кьаби щвезабуна ва гьел районалъул ракьалде риччачӏо. Эчедасан райцентралде рачӏунел хъачагъал, Дача абулеб бакӏалда рагъулаб дандечӏейги гьабун, церехун риччачӏо милициялъул хӏалтӏухъабаз. Ккана гьенир камиялги. Гьезул цӏарал нилъеда кидаго кӏочене бегьуларо. Гьел захӏматал къояз, тӏолабго Дагъистаналъул халкъалъго гӏадин, бихьизабуна бахӏарчилъи, гъунки, Дагъистан ва дагъистаниял россиялъулал рукӏин, гьеб цӏунизе кидаго хӏадурал рукӏин.

Цӏумадисезул байрамги баркун, Республикаялъул бетӏер Владимир Васильевасул барки цӏалана республикаялъул бетӏерасул ва хӏукуматалъул администрациялъул бетӏер Владимир Ивановас. Баркиялда лъикӏаб къимат кьун букӏана росдал магӏишаталда, лъай кьеялда, сахлъи цӏуниялда, гӏадамазул рукӏа-рахъин цебетӏезабиялда, налогал ракӏариялда районалъ рихьизарулел ругел хӏасилазе ва хӏаракатчилъиялъе. Гьеб киналдаго нахъа буго гӏадатиял гӏадамазул ва бакӏалъулаб нухмалъиялъул кӏвахӏ гьечӏеб захӏмат.

Кӏалъазе вахъарав Дагъистаналъул тӏоцевесев президент Мухӏу Гӏалиевас абуна: «Тӏасияб соналда 100 сон тӏубала Дагъистаналъе автономия кьуралдаса. Гьеб тарих кӏодо гьабизе нилъее рес щвелароан нилъер конституциялъулаб гӏуцӏи хвезабизе къого соналъ цере хъачагъазда кьаби щвезабун гьел щущазарун рукӏинчӏелани. Дол къояз аслиял бахӏарзаллъун рукӏана гӏадатиял захӏматчагӏи, ополченцал, милиционерал, солдатал ва журналистал».

Хӏакъикъияб къимат кьуна М. Гӏалиевас доб мехалда лъугьун букӏараб ахӏвал-хӏалалъе.

Чачаназул хъачагъал Дагъистаналде тӏаде кӏанцӏизе хӏадурлъулел рукӏин лъалеб букӏаниги, федералиял хъулухъалъул аскариял ва гӏорхъи цӏунулел Дагъистаналъулги Чачаналъулги гӏорхъабаздаса нахъе рачин федералияб централъул гӏайибги гъалатӏги букӏиналда цадахъго гьев мукӏурлъана Карамахьи мухъалда лъугьунеб бугеб хӏалалъе республикаялъул нухмалъиялъ рукӏине кколел тадбирал гьаричӏолъиялъеги.

Гьеб киналъулго хӏасил гьабизе ва хӏисабалде босизе ккола, щайгурелъул жакъа къоялдаги расги лъикӏаб хӏал гьечӏо Северияб Кавказалда. Киназего гӏакълуги тавпикъги кьеги халкъазда, миллатазда гьоркъоб рекъел ва гьудуллъи цӏуниялъеян абуна М. Гӏалиевас.

Гьигьалъ росдал ополченцазул ротаялъул командирлъун вукӏарав Ахӏмадпаша Гӏамирилаевас абуна: «Нижеца лъиданиги цебе бетӏер къуличӏо ва къулизе гьечӏо, гьедин букӏине буго кидаго. Нагагь хӏажалъи ккани, ниж киналго къватӏире рахъине руго, батӏияб Ватӏан нижер гьечӏо».

Баркиялъулал кӏалъаялгун цере рахъана Гӏахьвахъ ва Болъихъ районазул бутӏрул Мухӏамадзагьид Муслимов ва Мухӏамад Патхӏулаев, имам Шамилил цӏаралда бугеб фондалъул председатель Гӏалиасхӏаб Хархачаев ва цогидалги.

Байрамалъулаб данделъиялда росдал магӏишаталда, культураялда, лъай кьеялда, сахлъи цӏуниялда рихьизарурал лъикӏал хӏасилазухъ республикаялъул ва районалъул нухмалъиялъул цӏаралдасан шапакъатаздалъун ва грамотабаздалъун кӏодо гьавуна чанго чи. Культураялъул хӏалтӏухъан, машгьурай кочӏохъан Хадижат Хӏусейновалъе кьуна «Дагъистан Республикаялъул культураялъул мустахӏикъай хӏалтӏухъан» абураб цӏар, «Дагъистан Республикаялъул мустахӏикъав учитель» абураб цӏар кьуна Хуштада росдал школалъул учитель Исмагӏил Хӏанаповасе, «Дагъистан Республикаялъул мустахӏикъав тохтур» абураб цӏар кьуна райбольницаялъул тохтур Патӏимат Хӏажиевалъе. Инхокъавари росулъа шагӏир Сабигат Мухӏамадовалъе кьуна «Дагъистаналъул халкъияй шагӏир» абураб цӏар.

Гьалбадерие цӏумадисез гӏуцӏун букӏана бечедаб культурияб хӏухьбахъиялъул программа. Районалъул культураялъул хӏалтӏухъабазул кучӏдулги, кьурдабиги ва цогидал церерахъиналги лъикӏ къабул гьаруна балагьараз. Хасаб гугьар байрамалъе кьуна цӏунтӏадерил кочӏохъабаз, Хунзахъ районалъул Харахьиса палугьабазул церерахъиназ. Гӏанди гӏурул рагӏалда бугеб гӏатӏидаб стадионалда кьералда тӏиритӏун рукӏана щибаб росдал майдан. Гьалбадерие рес букӏана цӏумадисезул некӏсияб квен гьабулеб къагӏида бихьизе ва хӏадурарал нигӏматал кваназе.

Спорт бокьулезе рес букӏана спорталъул кӏалгӏаялда Совет Союзалъул Бахӏарчи Къади Абакаровасул цӏаралда тӏобитӏулеб букӏараб Тӏолгороссиялъулаб эркенаб гугариялъул къецазда балагьизеги.

Гӏуцӏадго ва тӏадегӏанаб даражаялда тӏобитӏараб байрамалдаса рази рукӏана киналго гӏахьалчагӏи – жалго цӏумадиселги тӏаде рачӏарал гьалбалги.

Пайзула Пайзулаев,

Х. Залимхановалъул

суратал