Кӏуядаса Патӏиматие кӏиабилеб бакӏ щвана

23 октябралда, Ингушетиялъул тахшагьар Магасалда тӏобитӏана канлъукъал ясазда гьоркьоб «Ракӏал гвангъизарулеб» абураб Къуръан цӏалиялъул рахъалъ къец. Гьениб кӏиабилеб бакӏ ккуна Гъуниб районалъул Кӏуядаса Патӏимат Кимайловалъ, ва гьей мустахӏикълъана 2018 соналда чӏобого хӏежалде ине ихтияр кьолеб сертификаталъе.

Патӏиматие исламияб лъай щвана «Муслимат» абураб Дагъистаналъул регионалияб руччабазул жамгӏияб гӏуцӏиялда цебе рагьараб рухӏияб берцинлъиялъул школалда.

Кӏиго гӏасруялъ цебе Луи Брайль абулев тифлопедагогас (беццазе дарсал кьолев) беццазе ургъараб цӏалул къагӏидаялда рекъон, Россиялда Къуръан малъизе ва цӏализе рес щвана 11 соналъ цебе. Татарстан Республикаялъул «ЯРДЕМ» реабилитациялъулаб централъ кӏудияб хӏалтӏи гьабуна улкаялъулго канлъукъал бусурбабазе Къуръан цӏализе рес щвеледухъ Брайлил шрифталъ хъварал Къуръанал хӏадуризе. Дагъистаналдаги Брайлил къагӏида хӏалтӏизабун Аллагьасул калам жидецаго цӏализе рес щвана канлъукъазе.

2010 соналда «Муслиматалдаги» байбихьана канлъукъал руччабазда Къуръан цӏализе малъизе. «Муслимат» гӏуцӏиялъул директор Хадижат Шихалиевалъ Турциялдаса рачӏинарун рукӏана беццазда цӏализе бажарулел Брайлил къагӏидаялда хъварал Къуръанал ва Кабардино-Балкариядаса мугӏалимги ахӏун йикӏана. Гьеб заманалда 10 сон барай Патӏиматицаги цӏалана Къуръан. Кабардино-Балкариялдаса ячӏун йикӏарай Хӏафса жиндирго ватӏаналде тӏадюссана ункъо соналъ цее ва канлъукъазда Къуръан малъизе чи гьечӏого хутӏана. Гьез Турциялдецин гьари битӏун букӏана канлъукъал ясазда Къуръан малъизе чи витӏеян. Турказ гьари къабул гьабуна, амма турк мацӏалда гурони дарсал рачине бажаруларей мугӏалималъ канлъукъал лъималазе дарсал кин кьелелин абун тезе ккана.

Патӏимат Кимайлова цӏалулей йиго Махӏачхъалаялъул коррекциялъулаб IV тайпаялъул школа-интернаталъул 10 классалда. «Муслиматалде» гьей хьвадизе байбихьана анкьго сон баралдаса нахъе.

«Кӏуди-кӏодол мадугьалихъ гӏумру гьабун вукӏана Ахӏмад-хӏажи Тӏагьаев. Гьев гӏемер вачӏунаан кӏудихъе. Гьес ракӏалдещвезабуна нижеда бусурбанал руччабазул жамгӏияб гӏуцӏи букӏинги, дун гьение цӏализе йитӏизе кколинги абулаан гьес. Амма дун цӏализе лъугьиналде Тӏагьаев гӏумруялдаса ватӏалъана, «Муслиматалдеги» кӏодоца ячана тӏоцее», — ян бицана Патӏиматица.

Ингушетиялда тӏобитӏараб конкурсалда кӏиго батӏияб номинация букӏана. Тӏоцебеселда рекъон, Къуръаналдаса кӏиго сура рекӏехъе бицине кколаан, кӏиабилеб номинациялда, килщаз кващун, Брайлил къагӏидаялда, Къуръаналъул цо сура цӏализе кколаан.

«Ингушетиялда ниж цӏакъ лъикӏ къабул гьаруна, гьалбадерил къимат гьабулел гӏадамал ратана гьел. Дида ракӏалдего кколароан дун бергьинин. Гьений гӏахьаллъизе щваралдасагицин йохун йикӏана. Амма дица рикӏкӏуна цо нухалда гьабун бажаричӏони, квер хьвагӏун тезе бегьуларин, нилъерго хьулазда божизе кколин. Цо нухалда гьабун бажаричӏеб кӏиабилеб нухалдаги хӏалбихьани, бажаризе бегьула», — ян бицана хадубги Патӏиматица.

Брайлил къагӏидаялъ хъварал тӏахьазда цо хӏарпалъул бакӏалда анлъго тӏанкӏ букӏуна, цоял тӏанкӏал къватӏирехун цогидал жанирехун руссарал. Гӏурус ва ингилис мацӏазда Брайлил къагӏидаялда цӏализе гьелда школалдаго малъана, гӏараб мацӏалда цӏализе «Муслиматалдаги» малъана.

«Муслиматалда» тӏоритӏулел батӏи-батӏиял тадбираздаги гӏемер йихьулаан Патӏимат кучӏдул цӏалулей ва батӏи-батӏиял церерахъиназда гӏахьаллъулей. Канлъи бихьичӏониги, килщаз цӏалунги Къуръан цӏализе щвеялдаса йохун йикӏуна гьей.

Дунялалъул берцинлъиги, чӏухӏиги ва гьелдаго цадахъ чороклъиги бихьуларей Патӏиматил анищлъун букӏана хӏежалде ин ва Къуръан рекӏехъе лъазаби. Жакъаги Патӏимат хьвадула рухӏияб берцинлъиялъул школалде Къуръан рекӏехъе лъазабизе, гьабсагӏаталда 15 сура лъала гьелда.

Кинаб махщел тӏаса бищилебин цӏехедал, Патӏиматица бицана адвокатлъун хӏалтӏизе бокьун бугин. Гьединго гьелъул анищ буго гӏараб, ингилис ва турк мацӏал лъазаризеги. Амма бищунго кӏудияб анищ бугила дунго гӏадинал лъималазда Къуръан цӏализе малъизе.

Магӏарул руччабаздехун щиб абизе бокьилебан цӏехедал, Патӏиматица абуна:

«Гӏемерисел руччаби ругьунлъун руго телефоналде руссун заман гӏадада тӏамизе. Дица дирго эбелалдаги кӏододаги абула, телефоналъ кӏалъан заман гӏадада щайин хвезабулеб, гьелъул бакӏалда цогӏаги лъикӏаб, пайдаяб иш гьабизе бегьулеб мехалдаян. Руччабазе гьарула пайдаялда заман тӏобитӏизе тавпикъ. Телефоналде руссун гӏадада заман биччалеб бакӏалда, «Муслиматалдеги» рачӏун, Къуръан цӏалани ва жидерго диниябгун рухӏияб рахъ цебетӏезабиялда тӏад хӏалтӏани, лъикӏаб букӏинаан руччабазе. Нагагь гьедин гьабизе бажарулеб батичӏони яги захӏмалъи-къварилъиялъулъ ратани, Аллагьасда гьареянги абила дица. Аллагь гурхӏулев вугелъул, нилъер захӏмалъабиги Аллагьасда гурони ричӏчӏуларо. Аллагьас нилъее кьурал къояздасаги, нилъее кьун ругел ресаздасаги битӏун пайда босизе тавпикъ кьеги киназего», — ян.

Патӏимат Султӏанмухӏамадова