Дагъистаналда букӏине ккола цирк
Максим Галкиница бачунеб «Киназдасаго цӏакъав» передачаялда Дагъистаналъул «Пехлеван» циркалъул студиялъул гӏисинал палугьабазул церерахъиналъ балагьарал рази гьаруна. Гьезул хӏакъалъулъ рагӏидал, гьел маялъул ахиралда гьеб шоуялда гӏахьаллъизе ахӏун рукӏана. Останкино студиялда гӏисинал палугьабазул церерахъиналъул видеоролик бахъун хадуб, коллектив къабул гьабуна РФялъул президентасда цебе бугеб ДРялъул кидагосеб вакиллъиялъ. ДРялъул вакиласул ишал тӏуралей Изумруд Мухӏудиновалъ абуна: «Кибго гьечӏо гьазул гӏадаб палугьабазул школа. Жидерго гьунаралдалъун гьаз Дагъистаналъул цӏар дунялалдаго рагӏизабуна», — ян. Гьениб лъималазе сайгъаталги кьуна.
ДРялъул культураялъул мустахӏикъав хӏалтӏухъан Асхӏабгӏали Хӏасановас бицана циркалъул студия 2004 соналъул апрелалдаса нахъе хӏалтӏулеб бугилан. Коллективалда рукӏанила палугьабиги, акробаталги, акробатал-комикалги, акробат-кьурдухъанги ва зурмихъангун къолохъанги. Жакъа гьес нухмалъи гьабулеб буго кӏиго коллективалъе: палугьабазул «Пехлеван» студиялъеги «Дагъистаналъул цӏумал» абулеб лъималазул школа-искусствоялъеги. «Киназдасаго цӏакъав» шоуялда лъабго метралъул борхалъиялдасан цӏараб кварида лъималаз рихьизаруна гӏадатиял гурел гьунарал. «Пехлеваналъул» коллектив ккола Рабадан Абакаровасул ва Ярагъи Хӏажикъурбановасул цӏаралда тӏоритӏулел «Пагьламан» абулел республикаялъул палугьабазул конкурсазул кидаго бергьенлъи босулеб, «Бегущая по волнам» абулеб лъималазул ва гӏолилазул анкьабилеб халкъазда гьоркьосеб фестиваль-конкурсалда Гран-при босараб (2004 сон, Москва), «Звезды Кавказа светят в Москве» (2012 сон), «Весна Победы» (2012 сон, Москва), «Русские сезоны в Париже – Хрустальная пирамида» (2013 сон, Париж) абулел фестивалазда Гран-при босараб коллектив. «Киназдасаго цӏакъав» шоуялда, квариде рахиналда цебе, гӏисинал артистал Мухӏамад Къурбановас, Сабрина Къурбановалъ, Сапият Мухӏамадовалъ, Марям Сайгидахӏмадовалъ, Жавгьарат Сайгидахӏмадовалъ программа бачунев Максим Галкинида бицана жидерго коллективалъул ва палугьанлъиялъе ругьунлъизе жалго иналъе ккараб гӏиллаялъул хӏакъалъулъ.
Шоуялъул хӏасил гьабулаго, Максим Галкиница абуна: «Бихьаниги божизе захӏмат буго! Кинал хӏалчӏахъадалха нуж ругел! Дун чӏухӏула Дагъистаналдаса! Киндай буго нужедаса Дагъистан чӏухӏун!», — ан. Щивав артистасе гьес кьуна «Киназдасаго цӏакъав» абулеб медальги, гьуинлъабазул цӏурал сумкабиги, расанкӏабиги.
Галкинилгун букӏараб къокъабго гара-чӏвариялда Асхӏабгӏали Хӏасановас бицана жинца куцалел лъималаз къватӏисел пачалихъазда тӏоритӏулел къецазда кидаго тӏоцересел бакӏал росулинги.
Гӏолохъанал палугьабазин абуни нижеда бицана Москваялъул берцинлъиялъул, Галкинилгун букӏараб дандчӏваялъул ва жидерго церерахъиналъул хӏакъалъулъ. Махӏачхъала шагьаралъул № 35 школалъул цӏалдохъан, анцӏго сон барай Мухӏамадова Сапиятица абуна квариде рахин жидее бугила гӏадатияб иш, амма москваялъулаз гьеб цӏакъ кӏудияб гьунарлъун рикӏкӏанила, гӏемер рецциялъ жал нечезарунила. Анлъго сон барав Къурбанов Мухӏамад чӏухӏун вугоан Галкиница квер бачиналдаса, хӏикмалъизавун вугоан Москва шагьаралъул берцинлъиялъ.
Анкьабилеб классалъул цӏалдохъан, 12 сон барай Сайгидахӏмадова Жавгьаратица абуна лъабабилеб сон бугила жиндир циркалъул студиялде хьвадулелдаса. Цӏакъ бокьулила квариде яхине ва балагьарал рохизаризе. Махӏачхъала шагьаралъул № 42 школалъул лъабабилеб классалъул цӏалдохъан, ичӏго сон барай Сайгидахӏмадова Марямица бицана, «Дагъистаналъе рецц!» абун балагьараз цадахъ ахӏулеб мехалда, жиндир рохалие гӏурхъиго букӏинчӏила.
Нижергун букӏараб гара-чӏвариялда Асхӏабгӏали Хӏасановас абуна: «Парижалда тӏобитӏараб фестиваль-конкурсалда, жюриялъул председатель Фридрик Аудигонд хӏикмалъизавуна нилъер палугьабазул гьунаралъ. Кӏинусго коллектив гӏахьаллъараб гьеб фестивалалда гьес конкурсги гала-концертги нижедасан байбихьизе тӏамуна. Гьес абуна гьадинал лъимал рижулеб ва бокьараб мехалда гьезул гьунаралъухъ балагьизе рес бугеб нужер халкъ талихӏаб батилин. Турказул хъвадарухъан Назим Хӏикметица хъван букӏана Дагъистаналъул халкъалъул букӏине кколила кидаго хӏалтӏулеб цирк ва лъикӏаб букӏинаанила гьелъул кьучӏалда республикаялда Тӏолгосоюзалъул палугьабазул школа гӏуцӏани. Гьебго пикру такрар гьабун букӏана машгьурав иллюзионист Эмил Киоцаги. Республикаялда нилъерго цирк гӏуцӏизе кколин ахӏи балеб буго дица 1995 соналдаса нахъе. Опералъул театр рагьилалде цебе гьаниб цирк букӏине кколаан. Нилъер гӏадал чотӏахъабиги, къуватал гӏолохъабиги, палугьабиги, гьунарчагӏиги кирго гьечӏо. Пайда щиб, хӏакимзабазе цирк къваригӏун гьечӏо, чӏахӏиял байрамазда церерахъине хӏажалъидал гурони ниж гьездаги рихьуларо», -ян.
Циркалъул школалде росулел лъималазул хӏакъалъулъ бицунаго, Асхӏабгӏалица абуна, школазде ун, ралагьулила гьунар бугел лъимал. Щиб-щибниги жоялде руссун течӏого, эбел-инсулги рес бугила лъимер жидер школалде кьезе.
«ДагъОгниялда буго, лъималазул циркалъул школа. Махӏачхъалаялда букӏине ккола чӏахӏиязулги гӏисиназулги цадахъаб, кидаго хӏалтӏулеб цирк. Рамазан Гӏабдулатӏиповас абун букӏана цирк рагьиялъе кумек гьабилилан, Васильевасдасагӏаги гьелъие кумек щвелеб батила. Палугьанлъиялъе дица ругьун гьавуна 500-ялдасаги цӏикӏкӏун гӏолилав. Республикаялда цирк букӏарабани, гьезие хӏалтӏизе бакӏ букӏинаан, Дагъистаналъул цӏарги гьез дунялалдаго рагӏизабилаан», — ан абуна А. Хӏасановас.
Гара-чӏвариялъул ахиралда Асхӏабгӏалица гьарана шоуялде иналъе жидее кумек гьабурал Махӏачхъала шагьаралъул маххул нухлул вокзалалъул начальник Рамазан Юсуповасе, вокзалалъул кӏудияй кассир Зарипат Мирзоевалъе, лъималазе миллиял костюмал хӏадурарай Хӏурият Малаевалъе ва гӏарцулаб кумек гьабурав Махӏачхъалаялъул Ленинский районалъул налогазул инспекциялъул начальник Заур Муртазагӏалиевасе жидер рахъалдасан кӏудияб баркала кьейиланги.
Нури Нуриев