Мухӏамад Хӏажиев гьавуралдаса 110 тӏубаялда бан
Махӏачхъалаялдаги Мохӏорги тӏоритӏана юбилеялъулал тадбирал
Совет Союзалъул Бахӏарчи, кӏиабилеб рангалъул капитан, Северияб флотилиялъул лъелъ рукъун хьвадулел гумузул дивизиялъул командир Мухӏамад Хӏажиев гьавуралдаса 110 сон тӏубаялда бан тадбир тӏобитӏана гьесул ватӏаналда. Гьелда гӏахьаллъана Гъуниб районалъул бетӏер Ахӏмад Мухӏамадов, ДРялъул Халкъияб Собраниялъул депутат Мухӏамад Кӏудиямухӏамадов, Гӏахъуша районалъул бетӏер Ахӏмад Мухӏарамов, Мурманск областалъул Хӏажиево шагьаралъул вукӏарав мэр Владимир Мусатян, «Александровск» ЗАТОялъул администрациялъул бетӏер Семен Кауров, гьебго администрациялъул гӏолилазул политикаялъул ва маданияталъул отделалъул нухмалъулей Светлана Кузнецова, Северияб флотилиялъул ралъдалъ рукъун хьвадулел атомниял гумузул 31-абилеб дивизиялъул командирасул заместитель Александр Мельник ва цогидалги.
Тадбир байбихьана райцентралда бугеб музеялдасан. Гьениб гьалбадерида бихьизабуна Мухӏамад Хӏажиевасул 110 сон тӏубаялда бан хӏадурараб выставка. Хадуб Мурманск областалъул вакилзабигун цадахъ гьалбал рачӏана Мохӏоре. Гьениб Мухӏамад Хӏажиевасул памятникалда цере тӏугьдулги лъун, Гъуниб районалъул бетӏер Ахӏмад Мухӏамадовас абуна: «Хӏажиево шагьаралдаса гьалбал рачӏун руго жакъа нилъехъе. Бахӏарчи жаниб гӏураб, гьесие тарбия-лъай щвараб бакӏалъулгун лъай-хъвай гьабизе гъира буго гьезул. Нижги рокьун, нилъер бахӏарчиги кӏодо гьавун Мохӏоре рачӏарал нужее буго баркала. Ниж кидаго хӏадурал руго Хӏажиево шагьаралдаса гьалбал къабул гьаризе», — ян.
А. Мухӏарамовас, данделъаразда байрамги баркун, абуна жив Мохӏове чанго нухалъ щванин ва хадубккунги даргиязулгун гӏагарлъи бугеб гьеб росдае бокьараб суалалъулъ кумек гьабизеги хӏадурав вугин. «Мухӏамад Хӏажиевасул кьалбал нижехъа руго. Гьединлъидал гьесул юбилеялда хурхун тадбирал Гӏахъуша районалдаги тӏоритӏана. Махӏал ккола гъунисездаги нижедаги гьоркьоб бугеб гьудуллъиялъул кьо гӏадал чагӏи», — янги абуна Гӏахъуша районалъул бетӏерас.
Кӏалъазе вахъарав Бахӏарчиясул гӏагарав чи, ДНЦялъул президиумалъул председателасул ишал тӏуралев Муртазагӏали Хӏажиевас ракӏалдещвезаруна Мухӏамад Хӏажиевасул гӏумруялдаса цо-цо лъугьа-бахъинал. Гьес тадбиралде рачӏарал киназего Хӏажиевазул рахъалдасан баркалаги загьир гьабуна.
Халкъияб Собраниялъул депутат Мухӏамад Кӏудиямухӏамадовас ва МВДялъул ОГИБДДялъул технадзоралъул нухмалъулев Муслим Юнусовас бицана жал дагьал цере Мурманск областалъул Хӏажиево шагьаралдаса тӏадруссанин. «Ниж гьенире щун рукӏана, областалъул Геройский поселокалъе шагьаралъул статусги кьун, гьелда цебеккун букӏараб Хӏажиево абураб цӏар тӏадбуссинабуралдаса нахъе 60 сон тӏубаялъул тадбиралда гӏахьаллъизе. Цӏакъ лъикӏ къабулги гьаруна гьез ниж. Гӏажаиблъун хутӏана Хӏажиевасул гӏумруялъул ва гьесул бахӏарчиял лъугьа-бахъиназул хӏакъалъулъ нилъедасагицин мухӏканго хӏажиевалъулазда лъалеб букӏин бихьидал. Гьезул гъира букӏана Бахӏарчиясул ракь бихьизе гьанире рачӏине. Гьале гьеб къо тӏаде щвана, ва хӏажиевалъулазе рес щвана жидер шагьаралъе цӏар кьурав бахӏарчиясул ватӏаналъулгун лъай-хъвай гьабизе», — ян абуна гьез.
Лъикӏаб дандчӏваялъухъ баркалаги кьун, Семен Кауровас абуна: «Черхалда сири балеб буго Бахӏарчи жаниб гӏураб, гучал кьурабаз, сангараз жанибе бачараб, мугӏрул тӏаралъуда бугеб Мохӏоб росу бихьидал. Ниж цӏакъ рохарал руго нужгун цадахъ гьаб тадбиралда гӏахьаллъизе рес щвеялдаса. Баркула Мохӏоб росдал жамагӏаталда, гъунисезда ва дагъистаниязда Мухӏамад Хӏажиев гьавуралдаса 110 сон тӏубай. Дагъистанги Мурманск областьги ккола вацлъиялъул регионаллъун ва абадиялъго гьеб гьедин букӏиналде хьулги буго. Хадубккунги Мухӏамад Хӏажиев гӏадинал васал куцазе тавпикъги икъбалги кьеги Дагъистаналъе», — ян.
Хадуб, данделъаразда цере рахъана районалъул росабазул школазул цӏалдохъаби. Ва къалъудаса хадуб росдал культураялъул кӏалгӏаялда тӏоритӏана миллиял спортивиял тайпабазул рахъалъ къецалги.
Бухтиб-данделъи
Гъуниб районалъул Бухти росдал школалда тӏобитӏана Бихьинчилъиялъул дарс. Совет Союзалъул Бахӏарчи Мухӏамад Хӏажиевасул 110 сон тӏубаялъул хӏурматалда гӏуцӏараб дарсида гӏахьаллъана Гъуниб районалъул бетӏерасул заместитель Мухӏамад Гӏисаев, районалъул рагъулав комиссар Рустам Шарапов, Бухти росдал школалъул директор Мухӏамад Юсупов, захӏматалъул ветеранал Мухӏамад Ризванов, Загьидат Къасумова ва цогидалги.
Классалъул къадазда ран рукӏана улкаялъул Бахӏарзазул суратал, гьезул гьунаралъул хӏакъалъулъ хъварал макъалаби рахъарал газетал, церелъун рукӏана рагъулал лъугьа-бахъиназул бицунел тӏахьалги.
Дарсида гӏолилазул кӏварбуссинабуна, терроралъулги экстремизмалъулги нух тӏасабищичӏого, нилъер бахӏарчиял ракьцояздаса мисал босизе ккеялдеги, ватӏаналъе пайдаяллъун рукӏине хӏаракат гьабиялдеги.
Темирхан Хӏасанов