Рахьдал мацӏазул ва маданияталъул байрам
Араб анкьалда ДГУялъул филологияб факультеталда тӏобитӏана Дагъистаналъул маданияталъе ва миллиял мацӏазе сайгъат гьабураб байрам. Данделъабазул зал цӏун букӏана рахьдал мацӏги миллияб маданиятги бокьулел гьеб факультеталъул студентазулги преподавателазулги. Гӏагараб каламги, миллияб маданияталъул гъасда бакараб цӏаги, цӏадухъе ракӏарарал миллияб партал ретӏарал гӏолилалги, кечӏ-бакъанги, кьурди-хъатги — гьеб киналъго цебечӏезабулеб букӏана гӏадатаб росдал хӏайранаб сипат. Гьале росдал годекӏан, гьенир гӏодор чӏарал гӏакъилал херал. Чан гӏакъиллъиха бижараб мугӏрул годекӏабахъ! Дагьабго добегӏан — ицц, лъел цӏезе руккел гьабун гьенире унел гӏолил ясал. Аскӏойго — гӏумруялъул хӏалбихьи бугей херай магӏарулай. Гьелъ ясазе кьолел рукӏана гӏумруялъул дарсал. Ракӏалдещвезабуна, масала, къвалги(квар) бан, гӏеретӏ баччулеб букӏараб куц. Бицана цӏураб лъел гӏеретӏгун сапаралъ гӏагарлъиялъ нухарегӏулеб гӏадаталъул хӏакъалъулъ. Магӏарухъ гьанжеги цӏунун хутӏун буго гьеб берцинаб гӏадат. Нагагь, гӏеретӏги чӏобого бугони, данде сапаралъ унев чиги кколев вугони, тӏадруссун уна, гьев чи цевеса инегӏан. Гьале умумуз щар чӏвалеб букӏараб бархъалисезул дадги аскӏобго лъимер тӏад бущараб киниги. Чӏвалеб щарги, кӏибикӏулеб киниги, гӏисинккун ахӏулеб кинидахъ кечӏги — гьеб киналъго чӏаго гьабун букӏана магӏарул майдан. Лъана ясазда тӏидул ва куракул карщал гьариялъул балъголъаби, мугь балеб куц, гьенибго хӏалбихьана тӏохол гьарурал къаязул. Бицана ясазе тӏи балеб куцалъул хӏакъалъулъги. Цого хӏарччиниса квана ражигун ва бакъвараб бакьгун магӏарул хинкӏалги. Гьале гьалда абулебги батила богӏол рокьийилан. Цадахъ квараб гьелда тӏагӏамги батӏияб букӏунеб буго. Киназго хӏалбихьана магӏарул хурдузул чаялъулги. Цо заманалдасан бахъана пандрил гьаракьги, зурма-къолол гьаркьихъе тӏаде щвана бахӏарай. Бахӏаралъе ккуна нухги, ахӏана бахӏарал кӏодогьарурал кучӏдулги. Бахӏаразул кӏалдиб гьоцӏоги хъвана. Гьалеха дой, гьумерги гормендоялъ бахчарай, умумузул парталги ретӏарай нечарай бахӏарай. Бахӏаразе гьарулел гьара-рахьиялги, малъа-хъваялги, цо-цо хьамиялги рагӏана гьеб къоялъ гӏолилазда. Букӏинчӏо байрамалда студентал ва преподавателал абураб гӏорхъичӏвай. Киналго цолъун лъугьараб гьудуллъиялъ асир гьарун рукӏана байрам гӏуцӏаралги гьелда гӏахьаллъулелги.
Щибаб миллаталъул вакилзабаз рихьизаруна жидеего хасал гӏадатал. Миллияб кванил махӏазги гьелъул тӏагӏамалъги гӏажаибаб нур базабун букӏана гьудуллъиялде сверараб гьеб байрамалда. Гьеб къоялъ гӏажаибго берцин рагӏулеб букӏана гӏагараб калам.
Щибаб миллаталъул майданалде гьоболлъухъ щвана цогидал миллатал. Рагьана цоцазе богогьанлъиялъул балъголъаби. Гьолочӏвараб гӏатӏги гьелъул хинкӏалги гьарулеб куцалъул цогидазе бицана магӏарул майданалдаса гӏахьалчагӏаз. Ва ахиралда гьабуна киналго гӏахьаллъараб миллияб кьурди.
Чӏахъаги нилъер рахьдал мацӏ!