Хаслихъе чехь-бакь ва рукьби унтиларедухъ…

Тохтурзабаз абухъе, лъагӏалил щибаб заманалда рекъон раккула цо-цо унтаби. Хаслихъе къойида жаниб чанго нухалъ хисулеб гьава-бакъ букӏаго, черх гьелде ругьунлъизе заман гӏолеб гьечӏони ва сахлъи загӏипаб бугони, цо-цо унтаби лъугьине бегьула. Заманалда рекъон лъугьунел унтабазде дандечӏеялъе кинаб хӏадурлъи гьабилебали малъа-хъваял гьарула тохтурзабаз. Хаслихълъиялъул унтабаздаса цӏунизе бажаричӏони, гьезде дандечӏеялъе гьарулел хъулухъалгӏаги лъазе кколин рикӏкӏунеб буго тохтурзабаз.

Хӏухьел цӏалел

лугбазул унтаби

Хаслихъе гӏемерисел рихьула ухӏудулел, мегӏерччин щун. Амма квачалъул унтаби сан гьабичӏого тезе бегьуларин абулеб буго специалистаз.

Хаслихъе радал ва бакъанида квачан, къалъуда хинлъун, гьава-бакъалъ «махсараде ккола» гӏемерисел. Гьединлъидал къад букӏунеб гьава-бакъалда рекъон тӏадагьго ретӏелги ретӏун рахъунел руго къватӏире.

Тохтурзабаз малъухъе, хӏухьел цӏалел лугбал унтиларо: хинго ретӏа-къани, горбода ва бетӏералда тӏад хинаб шарф ва кӏаз къалеб бугони, гьединго чара гьечӏеб жолъун ккола беэнаб нигӏмат квин, хӏухьел цӏаялъул гимнастика.

Хаслихъе гьабизе лъикӏаб дарулъун рикӏкӏуна ччугӏил кьаралъи, гьеб ккола мегӏерччиналде данде чӏолеб Д витамин гъорлъ цӏикӏкӏараб нигӏмат.

Хаслихъе гьедин хӏалуцунел гӏузрабилъун тохтурзабаз рикӏкӏуна гастрит, гастроэнтерит, колит.

Кванирукъалъул ва чехь-бакьалъул гӏузраби

Гастроэнтерологаз рикӏкӏунеб буго, хаслихъе кванирукъалъуб цӏекӏлъи хисидал ва гьелъул хӏацӏу гӏадаб жоялъул пардав, хъал (слизистая оболочка) цӏилъизе хӏажалъулел витаминал дагьлъидал, хӏалуцунин гастрит унти.

Лъагӏалил заманаби хисулеб мехалъ гӏадат буго чорхолъ ругел кванирукъалъулгун бакьазул гӏузраби хӏалуцунеб, гьел сахлъун хадурги тӏадруссунел. Гьел унтабазул тӏоцересел гӏаламатал раккарабго, къойил щуго-анлъго нухалда сахаб квен квине кколин, гьебги дагьаб къадаралдаян малъулеб буго специалистаз.

Лъикӏ букӏина стрессаздаса цӏунани. Сундулниги ургъалилъ рукӏун нерваби «хвани», кванирукъалъул хӏалтӏул низам хола. Кванирукъалъул жанисеб рахъалъул бидул хьвадиялъул низам хола, гьеб цӏунулеб хӏацӏу гӏадаб жоялъул хъал цӏилъуларо ва гьеб жиндирго цӏекӏлъиялъул цӏола.

Специалистаз гьарурал цӏех-рехазул хӏасилаз бихьизабуна гӏемерисеб мехалда гастрит хеликобактер абураб микроорганизмалъ лъугьинабулин. Гьеб ккола кванирукъалда рак унти лъугьинабулеб цӏакъ хӏинкъи бугеб микроорганизм. Цогидалго инфекциял гӏадин, хеликобактер гӏадамасде бахуна кванилъ рацӏцӏалъи цӏунулеб гьечӏони. Байбихьудаго гьеб микроорганизм чорхолъ букӏин лъаларо, гьединлъидал гӏемерисел унтаразда гьеб букӏин тӏатуна гастрит яги язва унти лъугьиндал. Тохтурзабаз лъикӏаблъун бихьизабулеб буго хеликобактер бугищали лъагӏалида жаниб цохӏо нухалдагӏаги тест гьабизе. Тӏатун хадуса гьеб бигьаго сахгьабизе кӏола, амма цо нухалда унтарав чиясе гьелъ иммунитет кьоларо – унтун хадубги цӏидасан лъугьине бегьула гьебго гӏузру. Гьединлъидал цо-цо тохтурзабаз лъикӏаблъун бихьизабула, гастриталъе яги язваялъе цо чиясе дару гьабулелъул, гьесдаго цадахъ тӏолабго хъизаналъулго халгьабизе ва гьезиеги дару гьабизе.

Тохтурасул малъа-хъваял

Рищалабазул унти бугел гӏадамазул зигарди цӏикӏкӏунеб заманлъун ккола квач ва регьел баккараб заман. Унтарал рищалаби хаслихъе гьорола, багӏарлъула, рагъаризаризе захӏмалъула.

Медицинаялъул гӏелмабазул доктор, тохтур-кинезитерапевт Сергей Бубновскияс бицунеб буго квачалъги рагьлицаги дистрофия бугел рищалаби гурони унтизаруларин.

«Сахал рищалабазе тӏабигӏат хисиялъул къварилъи букӏунаро. Ракьаялъе хӏажатаб энергия щола ччорбазулъан, амма лъикӏ хӏалтӏулел ччорбаздасан гурони рукьби хӏалтӏиялъе хӏажатаб жо щоларо. Ччорбал хӏалтӏулел гьечӏони, рукьбиги кколеб хӏалалда хӏалтӏуларо, цӏунизе, унтизе байбихьула. Ччорбал хӏалтӏизе байбихьигун, унтиги тӏагӏуна.

Гьединлъидал тӏабигӏаталъул гьава-бакъ хисиялдалъун рукьби цӏуниларедухъ лъикӏаб буго ччорбал хӏалтӏизарулел упражнениял гьаризе.

1. Гьункӏусида чӏун накаби цӏикӏкӏун сукӏизариялъ – хӏатӏил угъдул, накаби, мачӏчӏаби лъикӏ хӏалтӏизарула. Гьункӏусида кӏусун хадур тӏаде рахъиналъ би лъикӏ хьвадизабула. Кӏусулелъул хӏухьел цӏазе ккола, рахъунелъул биччазе ккола. Къойида жаниб анцӏго нухалда гьединаб упражнение гьабизе лъикӏаб буго.

2. Чохьол щукӏдузе упражненияз ургьимес лъикӏ хӏалтӏизабула. Мугъзадаги регун бохдул рорхила бетӏералде щвезегӏан, хадур риччантела. Щибаб къойил 20-50 нухалъ гьедин гьабила. Гьеб упражнениялъ мугъзагьод цӏазабула, ургьимесалъе массаж гӏадаб жо лъугьуна, чохьол тӏом щулалъула. Жанисел лугбал далун ругони яги бакьал цӏун ругони, гьеб упражнениялъ кумек гьабула.

3. Отжиманиялъ ракӏ, керен ва бетӏер лъикӏ хӏалтӏизабиялъе кумек гьабула. Гӏодоб чӏарбида гьеб упражнение гьабизе сахав чиясухъа гурони бажаруларо. Гьединлъидал чорхолъ гӏузраби ругев чияс отжимание гьабизе ккола бакӏида яги столалда кверал лъун. Руччабазеги мастопатия унтиялдаса цӏуниялъе лъикӏаб дарулъун рикӏкӏуна отжимание. Щибаб къойил щуго-анцӏго нухалда 10 отжимание гьабизе лъикӏаб буго».

Ортопедасе суал

Квачараб заманалда рищалаби унтиялъ рахӏатхвезабула. Даруяб гимнастикаялъ кумек гьабула гӏемерисеб мехалда. Амма упражнениял гьарулеб мехалда рищалаби унтулел ругони, гимнастика гьабизе бегьуларин абулеб рагӏана. Гьеб битӏараб бугищ?

Гимнастика гьабулаго рищалаби ва рукьби унтулел ратани, упражнениял гьаризе бегьуларо. Щайгурелъул гьелдалъун унтараб бакӏ жегиги балъаргъине рес буго. Артроз бугони рекеризе, кӏанцӏизе, гьункӏусида чӏезе, борхалъуде рахине, хехго рилълъанхъизе бегьуларо.

Унти сасинабиялъе ва унтарал рищалаби рагъаризариялъе хасал упражнениял гьаризе бегьула тохтурасул малъа-хъваяздаса хадуб.

Патӏимат Султӏанмухӏамадова