«Цӏумадисезул гьаракь» газеталъе кьучӏ лъуралдаса 80 сон сверана
ВКП(б)ялъул Цӏумада райкомалъул ва райисполкомалъул тӏалабалда рекъон, ВКП(б)ялъул Дагъистан Обкомалъул ва Совнаркомалъул хӏукмуялдалъун бихьизабуна Цӏумада районалъул газета биччазе. 1937 соналъул тӏоцебесеб декабралда «Ленинил нух» абураб цӏаралда гъоркь къватӏибе бачӏана гьелъул тӏоцебесеб номер.
Гьелде щвезегӏан Цӏумаде бачӏунеб букӏана, республикаялъулаб газеталъунги букӏун, 1934 соналдаса нахъе Болъихъ, Цӏумада, Гӏахьвахъ ва Гумбет районазда гьоркьосеблъун гьабун, Болъихъ бахъулеб букӏараб «Социализмаялъулъ байрахъ» газета. Гьелъул бакӏалда «Магӏарул большевик» абураб цӏияб цӏаралда гъоркь 1934 соналъул сентябралдаса нахъе Махӏачхъалаялда бахъизе байбихьана магӏарул областалъулаб газета.
Болъихъа Агъвалибе рехана типографиялъул хӏарпал рищулеб станокги цогидаб хӏажатаб алатги. Болъихъ редакциялде хӏалбихьи босиялъе, махщалие ругьун гьариялъе ритӏун рукӏана рукӏинесел редакциялъул хӏалтӏухъаби. Байбихьуда газета бахъиялъе, гьеб къватӏибе биччаялъе кумек гьабуна «Магӏарул большевик» газеталъул редактор Ражаб Динмухӏамаевас, «Социализмаялъул байрахъ» газеталъул редактор Абакар Тӏагьировас. Авалалда гьитӏинабго букӏана «Ленинил нухалъул» коллектив, лъабго-ункъо чи вукӏана гьенив хӏалтӏулев.
1938 соналъул ахиралде щвезегӏан «Ленинил нух» бахъулаан латиналъ, хадуб, хъвай-хъвагӏай кириллицаялде бачиндал, газета биччазе байбихьана гьеб алипалда.
Ункъого сонил тарихалда жаниб газеталъ нахъа тана захӏматаб ва гьайбатаб нух. Советияб пачалихъалъул хӏалуцарал соназда, социалияб гӏуцӏи хисидал, жамгӏияталда кколел рукӏарал лъугьа-бахъиназда рекъон, къокъине ккана газетаги гьелъул журналисталги. Арал соназда жаниб газеталъе нухмалъи гьабуна анцӏила ункъо редакторас, хисана журналистазул чанго гӏел, газеталда цӏарал. Амма хисичӏого хутӏана газеталда тӏадаб борчги ккураб нухги: районалъул гӏумру бихьизаби, гьеб рухӏиябгун культурияб, социалиябгун лъайкьеялъул, сахлъицӏуниялъул рахъалъ цебетӏезабиялъе квербакъи. Газеталъ хъвана захӏматалъул церехъабазулги, гӏаммал магӏишатазда бугеб ахӏвал-хӏалалъулги, щварал бергьенлъабазулги хӏакъалъулъ ва тӏатинаруна гӏумруялъулъ дандчӏвалел гӏунгутӏаби.
Магӏарухъ радиоги хӏалтӏуларел, телевизорги гьечӏел дол соназда «Ленинил нух» букӏана районалдаги республикаялдаги лъугьунелъул хӏакъалъулъ халкъалъухъе щвезабулеб чапарлъун.
Районалъул газеталда цебечӏараб масъалалъун букӏана жамгӏияталъул рухӏияб гӏумруялъул тӏолалго рахъазда цӏияб, социалистияб идеология бергьинабиялъе гӏоло захӏматчагӏи магӏишатияб, пачалихъалъулаб ва культурияб гӏуцӏарухъанлъиялде гьоркьоре цӏай, лъикӏаб хӏалбихьиялъе, халкъияб лъай ва сахлъи цӏуни цебетӏезабиялъе, рукӏи-рахъиналъе гӏоло къеркьей.
Цӏумадисезул газеталъул архивалда ругел цересел номеразул тӏогьиллъарал тӏанчал регулаго, сурат бахъараб гӏадин, якъинго цебечӏолеб буго ункъого соналда жаниб районалъ нахъа тараб нух: культура, лъай, росдал магӏишат, гӏадамазул гӏумру, инсанасул къисмат. Хӏакъикъаталдаги газета лъугьун буго районалъулги гьелъул гӏадамазул гӏумруялъулги хӏакъалъулъ хъвараб кӏудияб тарихияб тӏехьлъун.
Газета гӏуцӏулеб мех букӏана магӏарухъ гӏаммал магӏишатал-колхозал гьаризе байбихьараб, ликбезал, мактабал рагьун лъавукълъи лъугӏизабиялде тӏаделъараб. Гьеб ишалъулъ кӏудияб бутӏа лъуна газеталъги.
Газеталъул рубрикабаз бицунеб буго дол хӏалуцарал соназул, цӏияб идеологиялда рекъон рахъулел рукӏарал макъалабазул хӏакъалъулъ. «Коллективизация – нилъер букӏинесеб», «Гӏаммал магӏишатал нилъер талихӏ ккола», «Кулакал яризаре», «Кулакал – халкъалъул тушбаби», «Лъавукълъи лъугӏизабизин», «Басриял гӏадатал гӏумруялдаса рачахъилин», «Киналго – ликбезазде», «Рухӏанияб тайпа нилъер чагӏи гуро» ва гь.ц.
Хасго цӏикӏкӏараб хӏаракатчилъи газеталъ бихьизабуна Кӏудияб Ватӏанияб рагъул соназда. «Кинабго фронталъе, кинабго бергьенлъиялъе гӏоло», «Фашистазе хвел», «Бергьенлъи нилъехъ букӏине буго» абурал рубрикабазда гъоркь газеталда рахъана анцӏ-анцӏ макъалаби. Совинформбюроялъул лъазабиял, фронтазда бугеб ахӏвал-хӏалалъул хӏакъалъулъ бицунел макъалабиги, районцоял фронтовиказул кагъталги, гьезул бахӏарчиял ишазул, районалъул захӏматчагӏаз бергьенлъиялъе гӏоло бакӏарараб гӏарцул, гӏи-боцӏул, хӏакъалъулъ материалалги.
Цӏумада районалъул газеталъул ва мухбирзабазул кидагосеб бухьен букӏана республикаялъул магӏарул аслияб газеталъулгун. «Багӏараб байрахъалде» хъвадарулезда гьоркьор рукӏана Ж. Гӏабдусаламов, М. Гӏаликъадиев, Гӏ. Гӏабдусаламов, Гӏ. Хӏамзатов, Гӏ. Хӏажимухӏамадов, М. Мухӏамадов, М. Закаряев, М. Абакаров, Хӏ. Гӏумаров, М. Ибрагьимов, А. Камилов, С. Давудов ва гӏемерал цогидал.
Цӏумадисезул «Колхозчи» газеталдаги «Багӏараб байрахъ» газеталдаги гьоркьор рукӏарал гъункарал бухьеназул бицунеб цо мисал. Араб гӏасруялъул ункъоабилел соназул авалалда кӏиябго газеталъул редакциялде гӏемерал гӏарзал-кагътал рачӏунел рукӏана Цӏумада районалъул росабалъа гӏумруялда дандчӏвалел захӏмалъабазул, гьечӏел шартӏазул хӏакъалъулъ бицун. Масала, росабалъе нухал, ток гьечӏолъиялъул, тахшагьаралдаса Агъвалибе автобус хьвадиялъул гьечӏеб гӏадлуялъул хӏакъалъулъ, сахлъицӏуниялда, лъайкьеялда хурхарал ва гь. ц. Хӏакъикъаталдаги, гӏадамазул тӏалабал, гӏарзал кьучӏ бугел, ритӏарал рукӏана. Гьебги хӏисабалде босун, «Багӏараб байрахъалъул» редактор Хӏ. Гӏариповас КПССалъул Цӏумада райкомалъул тӏоцевесев секретарь Ш. Мухӏамадовасулгун, райисполкомалъул председатель Хӏ. Мухӏамадкаримовасулгун дандги бан, «Колхозчиялъул» ва «Багӏараб байрахъул» хӏаракаталдалъун 1983 соналъул июналда Агъвалиб тӏобитӏун буго «Кагътазул къо». Гьелда гӏахьаллъун руго Дагъавтодоралъул, Дагъэлектросетьстроялъул, Дагъпотребсоюзалъул, ДАССРалъул Сахлъицӏуниялъул министерствоялъул ва цогидалги республикаялъул идарабазул нухмалъулел. Гьелъул хӏакъалъулъ гӏатӏидго хъван буго кӏиябго газеталъ гуребги, «Дагестанская правда» газеталъги. Бакӏалдаго тӏубан буго районалъул гӏадамазул чанго гьари ва тӏалаб, цогидал тӏураялъе, заманги цӏан, рагӏи кьун буго. Лъалеб цебетӏей, туркӏи ккун буго районалъул гӏумруялъулъ «Кагътазул къоялъул» баракаталдалъун.
Цӏигьабун гӏуцӏиялъул заман тӏаде щведал, хадуб коммунист партиялъул кверщелги тӏаса индал, газеталъе эркенлъи щвана гьанжелъизегӏан тӏаде нуцӏа къан букӏаралъулги хӏакъалъулъ рагьун хъвазе. Масала, газеталъ халкъалъе цӏидасан рагьана имам Шамилил тема, гьесул нухмалъиялда гъоркь эркенлъиялъе ва тархъанлъиялъе гӏоло ХӀX гӏасруялъул тӏоцебесеб бащалъиялда магӏарулазул къеркьеялъул Кавказалъул рагъул, бахӏарчиял гӏахьалчагӏи Хъварщиса Загъаласул, Тӏиндиса Бусагӏиласул, Гӏаличуласул, Гьигьалъа Имамухӏамадил ва анцӏ-анцӏ цогидал гъазаватазул бахӏарзазул хӏакъалъулъ. Гьайгьай, заман хисиялда цадахъго хисана газеталъул гьурмалги. Щибаб моцӏалда гӏадин, газеталъ кьолеб буго «Исламалъул нух» абураб гьумер. Гьелда рахъулел руго росабазул имамзабазул, диниял хӏаракатчагӏазул макъалаби. Бицунеб буго районалдаса рахъарал исламалъул церехъабазул, гӏалимзабазул ва гь.ц.
Батӏи-батӏиял соназда Цӏумада районалъул газеталъул гӏумруялъулъ гвангъараб лъалкӏ тана цересел редакторал – М. Загьидовас, къогоялдаса цӏикӏкӏун соналъ газеталъе нухмалъи гьабурав М. Залимхановас ва хехгого нилъедаса ратӏалъарал М. Жахӏпаровасги М.-С. Жахӏпаровасги.
«Цӏумадисезул гьаракь» газета буго районалъул халкъалъе бокьулеб басмалъун. Гьелъие нугӏлъи гьабула газеталъул тираж 4400-ялде бахун букӏиналъги. Магӏарул цониги районалъул газеталъул гьечӏо гьединаб тираж, хӏатта цо-цо республикаялъулал газетазулцин тираж гьелде бахунаро. Жакъа Цӏумада район экономикиябгун, социалияб ва культурияб рахъалъ ракӏчӏарал галабигун цебехун унеб букӏиналъулъ «Цӏумадисезул гьаракьалъ» лъураб ва лъолеб бугеб бутӏа кӏудияб бугин абуни, щибго гьереси букӏинаро.
Ракӏ-ракӏалъго баркула «Цӏумадисезул гьаракьалъул» 80 сонилаб юбилей, цебесебги цӏунун, цӏиябги батун, цӏалдолезе бокьулеблъун газета гьабулеб редакциялъул коллективалда ва тӏолалго газета цӏалулезда.
Пайзула Пайзулаев