Халкъазда гьоркьосеб гьудуллъиялъул алат
Гӏурус мацӏ малъиялъул рахъалъ ругел
масъалабазул хӏакъалъулъ бицана
Анкьабилеб ноябралда Махӏачхъалаялда, Расул Хӏамзатовасул цӏаралда бугеб Миллияб библиотекаялда тӏобитӏана гӏурус мацӏалъул учительзабазул конференция. Гьелда гӏахьаллъана тахшагьаралъул вузаздаса гӏалимзабиги, студенталги, школазул учительзабиги.
Гӏурус ва Дагъистаналъул мацӏазул бухьеназулги гьелъул пайдаял рахъазулги хӏакъалъулъ бицана РАНалъул ДНЦялъул ИЯЛИялъул директор Мухӏамад Мухӏамадовас. Республикаялда лъайкьей цебетӏезабиялъеги дунялалъулго адабияталъулгун лъай-хъвай гьабиялъеги кӏвар бугеб алатлъун рехсана гьес гӏурус мацӏ.
Гӏурус мацӏ школалда малъиялъул къагӏидабазул хӏакъалъулъ бицана №38 гимназиялъул завуч Светлана Новодворскаялъ. Цӏалдохъабазул гӏисинал къокъабиги гӏуцӏун, дидактикиял хӏаялги тӏоритӏун дарс кьуни, мацӏ лъазабиялъеги кӏалзулаб калам камиллъизабиялъеги рес букӏунин абуна гьелъ.
Конференциялда тӏобитӏана гургинаб столги, кьуна мисалиял дарсалги.