Жакъасеб къоялъул кьогӏаб хӏакъикъат

Дагъистаналъул мацӏазул масъалаби гьоркьор лъурал данделъабазда кидаго бицунаан Татарстаналдаги Башкортостаналдаги рахьдал мацӏ малъиялъул иш лъикӏ гӏуцӏун бугин. Хасго кӏварбуссинабулаан, республикабазда гӏумру гьабулел киналго халкъазул вакилзабазе чарагьечӏеб дарслъун кколин татарги башкирги мацӏазул дарсалин. Ахираб заманалда ахӏи бахъана кӏиябго республикаялда Рособрнадзоралъги РФялъул генералияб прокуратураялъги халгьаби тӏобитӏулеб бугин. Гьелъие гӏиллалъун ккана республикабазда гӏумру гьабулел гӏурусазги батӏиял миллатазул вакилзабазги рехсарал федералиял идарабазде кагътал ритӏиялъул хӏасилалда РФялъул президент Владимир Путиница кьураб буюрухъ.

2017 соналъул 20 июлалда Йошкар-Олаялда тӏобитӏана РФялъул президентасда цебе гӏуцӏараб Миллиял бухьеназул советалъул данделъи. Гьениб улкаялъул президентас гьадин абуна: «Гӏурус мацӏ ккола нилъер гӏемермиллатазулаб улкаялъул тӏолабго халкъ цолъизабулеб рухӏияб къолден. Гьеб лъазе ккола щивасда. Россиялъул халкъазул мацӏал – гьел ккола Россиялъул халкъазул культураялъул хаслъи гъорлъ бессараб ва гьелдаса тӏей гьечӏеб бутӏа. Конституциялъги ихтияр кьолеб буго гьел мацӏал лъазаризе. Жиндир рахьдал мацӏлъун кколареб мацӏ чиясда зулму гьабун малъизе бегьуларо. Гьединго бегьуларо гӏурус мацӏ малъиялъе рихьизарурал сагӏтал дагьлъизаризеги. Гьелде хасаб кӏваркьезе ккела РФялъул регионазул бутӏруз», — ан.

Хехаб жаваб

Башкортостаналъул киналго школазда малъулеб букӏана башкир мацӏ. Гьениб гӏумру гьабулеб халкъалъул 25 процент ккола татарал, нусазаргоялдаса цӏикӏкӏун руго чувашалги, марийцалги, цогидалги халкъал. Башкириялдаги улбуз гӏарза хъван букӏана республикаялъул прокуратураялде. «РФялда лъайкьеялъул хӏакъалъулъ» федералияб законалъул 14-абилеб статьяялде мугъги чӏван, Башкириялъул прокуратураялъ гьадинаб жаваб кьуна: «Гражданазул ихтияр буго Россиялъул халкъазул рахьдал мацӏал лъазаризе. Законалда рекъон, рахьдал мацӏ малъизе ихтияр буго, амма тӏадаблъун гьабун гьечӏо, РФялъул субъектазул пачалихъияб мацӏлъун кколелги рахьдал мацӏалги чарагьечӏого малъизе. Гьединлъидал, цӏалдохъабазул эбел-инсул разилъи гьечӏони, гьезда рахьдал мацӏал, гьездаго гьоркьоб – башкиразул мацӏги – малъизе бегьуларо» -ян.

Йошкар-Олаялда Владимир Путиница абурал рагӏабаздаса хадуб, кьучӏдасанго хисана школазда рахьдал мацӏ малъиялде БРялъул бетӏер Рустэм Хӏамитовасул букӏараб бербалагьи. Гьесул бихьизабиялда рекъон, башкир мацӏ малъизе байбихьана факультатив хӏисабалда. Амма гьебго заманалда, гьес лъазабуна, рахьдал мацӏ цӏуниялъул мурадалда, батӏи-батӏиял тадбирал хӏадуреянги. Хӏамитовасул пикруялда, школалда малъунин абун, рахьдал мацӏ цӏунун бажаруларо – гьелъие гӏуцӏизе ккола хасал шартӏал. Гьес абуна, цо миллаталъул анкьго цӏалдохъанасе рахьдал мацӏ лъазабизе бокьун бугони, масала, классалда ватани гьединав анкьго чувашав, школазда гьелъие шартӏал гӏуцӏизе ккелаянги.

Рустэм Хӏамитовас гъолбасана «Башкортостаналда пачалихъиялги гьенир гӏумру гьабулел халкъазулги мацӏал церетӏезариялъул хӏакъалъулъ» указалда гъоркь. Гьабсагӏаталда гьеб указ рикӏкӏуна миллиял мацӏал церетӏеялъе квербакъулеб аслияб законлъунги. Исана тӏобитӏараб августалъулаб учительзабазул данделъиялда аслияблъун букӏана рахьдал мацӏал малъиялъул масъала. Гьениб бицана, рахьдал мацӏ лъазабизе рес букӏине бугин, ригьалъухъ балагьичӏого, щивав башкирасе. Гьединаб рес щвезе буго интерактивиял дарсазул кумекалдалъун, ай интернет-порталалдасан цӏалиги гӏуцӏун. Гьеб данделъиялда Рустэм Хӏамитовас цӏалдохъабазул умумузда гьарана башкир мацӏ цӏунизе кумек гьабеян. «Нужее батӏияб мацӏ малъизе къваригӏун батани – малъила. Амма башкир мацӏалъе кумек хӏажат буго. Рачӏа гьелда тӏадги ургъизе. Гьеб буго нилъгоги нилъер маданияб бечелъиги цӏуниялъул суал. Гьабе кумек. Кумек гьабиялъухъ балагьунги кьола жамгӏияталъе къимат», — ан абуна гьес. Башкир мацӏалъул цониги учитель хӏалтӏудаса махӏрум гьавугеянги лъазабуна бетӏерас.

Татар мацӏ — индусазе гӏака гӏадабго жойищ?

Татарстаналда цӏалдохъабаз чарагьечӏого кьезе кколаан рахьдал мацӏалъул экзамен ва гьелъухъ щвараб къиматги лъолаан аттестаталда. Татар миллаталъул вакилзабазецин рекӏее гӏолеб гьечӏо гьеб иш, щайгурелъул лъималазул аттестаталъул балл гӏодобегӏан кколеб букӏун. Ахираб кӏиго соналъ Татарстаналда лъугӏулеб гьечӏо рахьдал мацӏ хириязулги гьеб рихаразулги дандечӏей. Улкаялъул президентасул рагӏабаздаса хадуб гӏемерлъана Путинихъеги федералиял идарабазухъеги цӏалдохъабазул улбуз хъварал кагътал.

2017/2018 цӏалул соналъул байбихьуда президентас Генералияб прокуратураялдаги Рособрнадзоралдаги лъазабуна, РФялъул субъектазул школазда гӏурус мацӏ къварид гьабулеб бугищали, ай Россиялъул халкъазул мацӏазда гьоркьоса рахьдал мацӏ жидеего бокьун малъиялъул ихтияр цӏунулищали халгьабеян абун. Гьеб мехалда цӏикӏкӏана татар мацӏалде данде рагъбаялъул жигарги. Казаналъул школазда тӏоритӏизе байбихьана улбузул дандеруссинал. «Вечерняя Казань» газеталда рахъарал гьединаб дандеруссиналъулги татар мацӏалъул масъалабазулги хӏакъалъулъ бицунел макъалаби цӏалидал, бичӏчӏулеб буго жамгӏияталъул пикраби рикь-рикьун ругеблъи. Гьел пикраби релълъун руго дагъистаниязул харбазда. «Щай нижее татар мацӏ? Дир лъимер цӏализе ине буго Москваялде». «Биччанте букӏине татар мацӏ! Аслияб жо – дир вас гьаб гимназиялдаса махӏрумлъунгутӏи».

Татарстаналъул бетӏерасги, Лъайкьеялъул министерствоялъги, школазул нухмалъулезги цогояб пикруги ккун, хӏаракат гьабулеб буго школазда рахьдал мацӏ цӏунизе. Гьеб мурадалда цӏалул ва хӏалтӏул планазда, классазул журналазда ва цогидал документазда, татар мацӏалъул бакӏалда, хъвана «рахьдал мацӏилан». Гьебги гьабуна, федералиял стандартазда «татар мацӏилан» хъван гьечӏин, «рахьдал мацӏилан» бугинги абун.

«ТРялъул пачалихъиял мацӏалги рахьдал мацӏалги малъиялъул хӏакъалъулъ» суал лъун букӏана Татарстаналъул парламенталъул данделъиялда. Амма Рустам Миннихановас абуна, масъала жеги дандбан бахъун гьечӏин федералияб нухмалъиялъулгун. Гьединлъидал гьеб нахъе бахъана. Татарстаналъул лъайкьеялъул министр Энгел Фаттахӏовас хӏаракат гьабулеб буго РФялъул лъайкьеялъул министр Ольга Васильевагун дандчӏвазе ва рахьдал мацӏ хӏисабалда татар мацӏ школазда цӏунизе.

Татарстаналда буго ункъо цӏалул план. Дагъистаналда – кӏиго. №1 ва №2 цӏалул планазда рекъон, цӏали гӏуцӏун буго Татарстаналъул гӏурус мацӏ рахьдал мацӏлъун кколел школазда. №3 цӏалул планалда рекъон, анкьида жаниб букӏине ккола татар мацӏалъул лъабго сагӏат. №4 цӏалул план хӏадурун буго гӏурус мацӏ рахьдал мацӏлъун кколарел школазе (цебеккун гьединал школазда абулаан миллиялин). Гьелда рекъон, базаялъулаб бутӏаялда чарагьечӏого рукӏине ккола «рахьдал мацӏалъулги» «литературияб цӏалиялъулги» дарсал ва аттестаталда лъола гьезухъ щварал къиматалги. Гӏурус мацӏалъего гӏадин, бащадго кьун руго татар мацӏ малъизе сагӏталги. Гьеб цӏалул планалда рекъон гӏуцӏун буго цӏали Татарстаналъул киналго школазда. Цӏалдохъабазул улбуз №3 цӏалул план тӏасабищаниги, аттестаталда къиматал лъезе руго. Гьелде дандечӏун руго цӏалдохъабазул улбулги.

Законалъ кин малъулеб бугеб?

Татарстаналдаги Башкортостаналдаги къабул гьарун руго республикаялда пачалихъияб мацӏалъул хӏакъалъулъ законал. Гьединаб закон Дагъистаналда жеги къабул гьабун гьечӏо. Татарстаналъул законалда хъван буго, татар ва гӏурус мацӏал ращадго малъизе кколин школаздаян. Башкириялъул законалда хъван гьечӏо, башкир мацӏ щивав чияс чарагьечӏого лъазабизе кколин абун; гьелда абулеб буго, щивасул ихтияр бугин рехсараб мацӏ лъазабизе. Гьединлъидал Татарстаналъул закон федералияб законалда рекъонкколаро, Башкортостаналъул – рекъонккола. Гьединлъидалги батила, БРялъул нухмалъиялъ, улкаялъул президентасул рагӏабаздаса хадуб, хехаб куцалда факультативалде сверизабуна рахьдал мацӏалъул дарсги. Татарстаналъе бокьун гьечӏо хиса-баси гьабизе. Гьезул хьул буго федералиял идарабазда жал ричӏчӏилин ва татар мацӏ цӏунизе бажарилин.

Нахъарокъобе ккараб

рахьдал мацӏ

Исана сентябралдаса нахъе цӏидасан ахӏи бахъана нилъер республикаялдаги. Редакциялде кӏалъан рачӏана цӏалдохъабазул умумул. Гьез бицана, жидехъа тӏалаб гьабулеб бугила рахьдал мацӏалда цӏали гӏуцӏеян-гӏуцӏугеян гъолбасарал кагътал. Цояз разиго къабул гьабуна гьеб иш ва, рахьдал мацӏ хӏажат гьечӏин, хехал гъолбасалги гьарун, кагътал тӏадруссинаруна школазде. Цогидал (гьел ратила дирго гӏадин рахьдал мацӏалъул къисматалъ ракӏунтарал магӏарулал), суал гьедин лъеялъулъго инсанасул ихтияр хвезаби кколин абун, кагътазда гъоркь гъолбасине инкар гьабун чӏана.

Кинаб хӏал бугеб Дагъистаналъул, хасго магӏарул росабазул школазда? Гьеб суалалъе жаваб батизелъун, нижеца цӏех-рех гьабуна Буйнакск районалъул Тӏаса Гъараниб росдал гьоркьохъеб школалда. Рехсараб школалъул директор Наби Салахӏудиновас гьадин бицана цӏалдохъабазухъе кьурал кагътазул хӏакъалъулъ: «Цӏалдохъабазул улбузда гьоркьоб цӏех-рех гьабун букӏана, «Кинаб мацӏалъул дарсал цӏикӏкӏинаризе нужее бокьилеб: рахьдал мацӏалъулищ яги гӏурус мацӏалъулищ?» — абун. Гӏемерисел цӏалдохъабазул эбел-инсуца тӏасабищана гӏурус мацӏ», — ан.

Рахьдал мацӏалъул учительница Сиядат Сагитовалъул дарсиде хьвадула школалъул киналго цӏалдохъаби. «Авар мацӏалъул дарсазде киналго лъимал рачӏуна. Школалда дарсал кьолел руго кӏиабилеб цӏалул планалда рекъон. Ахирисеб ункъо-щуго соналъ рахьдал мацӏалъул дарсал дагьлъизарун руго. Гьанже рахьдал мацӏалъул ва рахьдал адабияталъул дарсал анкьида жанир цо-цо нухалъ гурони гьечӏо.

Гӏисинаб гӏелалда бичӏчӏулеб гьечӏо магӏарул мацӏ. Тӏоцебесеб классалъул лъималазда, цӏирачӏарал цӏалдохъабазда лъалеб гьечӏо магӏарул мацӏ. Эбел-инсуца хасаб тӏадчӏей гьабулеб буго гӏурус мацӏалда. ЕГЭ кьолеб мехалъ, гӏурус мацӏ лъикӏ лъазе кколинги абун, улбуз гьелде цӏикӏкӏараб кӏвар кьолеб буго. Магӏарул мацӏалда тотальнияб диктант хъвалеб мехалъ, гьеб лъималаздаса лъикӏ хъвана гьезул улбуз», — ан абуна Сагитовалъ.

Ахиралда гара-чӏвари гьабуна цӏалдохъабазул улбузулгунги. Магӏарул мацӏ хӏажат бугищан, школалда гьеб малъизе кколищан суалал кьуна 15 гӏаданалъе, кӏиго-лъабгоялъ гурони тӏасабищичӏо рахьдал мацӏ.

Дагъистаналда рахьдал мацӏал зулму-хӏал гьабун малъулел гьечӏо батӏиял миллатазул вакилзабазда (дагӏба базе бегьула гӏандалгун цезазул группаялда гьоркьоре унел магӏарулаз – гьеб батӏияб масъала буго). Гьединлъидал рахьдал мацӏалда цӏали гӏуцӏизе бокьун бугищан цӏалдохъабазул улбузухъа кагътал ракӏари нижеда мекъаблъун бихьулеб буго. Кигӏан такрарлъулеблъун бихьаниги, рахьдал мацӏ буго нилъер тарихги, маданиятги, къокъго абуни, тӏолабго рухӏияб бечелъи гъорлъ бессараб нилъер хазина. Гьеб цӏунизе къуват гӏезе ккола, Татарстаналъулги Башкортостаналъулги нухмалъиялъулго гӏадин, нилъер республикаялъул бетӏерасулги, Лъайкьеялъулги гӏелмуялъулги министерствоялъулги, гӏадатиял дагъистаниязулги. Жакъа лъималазухъа гӏурус мацӏалъул ЕГЭ кьун бажаруларинги абун, гьелъие рахьдал мацӏалъ квалквал гьабулеб бугин бихьизаби ккола нилъеца нилъецаго къабихӏ гьари.

Кавсарат Сулейманова,

Хӏалимат Мухӏамадова,

ДГИялъул студентка